МагъчIваялъе рес

РикIкIеналъул алатаз "квал-квал" гьабулеб буго цIогьабазе


30 марталда МахIачхъалаялда тIобитIараб митингалда бан жеги жаваб кьечIо Дагъистаналъул хIакимзабаз. Гьенире рахъун рукIана бакIал ралел компаниязул нухмалъулел.

Жидеца рарал минабахъ лъим, газ ва канлъи борцунел алатал чIорого лъезе инкар гьабулеб бугин пачалихъиял инспектораз, гьединлъидал гьеб суалалъе къимат кьейин лъазабуна хIакимзабазда компаниязул вакилзабаз.

Митингалде рахъарал гIадамаз бицухъе, лъимги, газги, канлъиги борцунел алатал лъуралъухъ ришваталъе 25-50 азарго гъурущ тIалаб гьабулеб буго пачалихъиял инспектораз. Гьезул жидерго багьайин абуни ккола 500 гъурущ, лъуралъухъги 500 гъурущ уна.
Амма гьеб гIарац унеб буго пачалихъалъул бюджеталда гуреб, инспекторасул чвантиниб. Къануналда бихьизабухъе гьел алатал чIорого лъезе ккани, чи иргаялда чIезе кколев вуго кIигониги соналъ. Щайгурелъул гьел алатал лъезе чIарал чагIазул ирга кIудияб букIун.

30 марталда митингалда гIахьаллъана минаби ралеб компаниялъул нухмалъулев ХIажимухIамад МахIмудовас. ЭР-ялъе гьадин баян кьуна гьес.

ХIажимухIамад МахIмудов: «Дица гIумру гьабулеб бакIалдаги гьелда сверухъги кIудияб захIмалъи буго электроэнергиялъул. Гьединлъидал, садакъаги букIинин абун, дицаго босун лъуна гьениб трансформатор («тысячник»). 250 азарго гъурущ кьуна гьелъухъ. Амма 31 декабралда бухIун буго гьеб. Щай? Доз лъун буго хвараб трансформатор, тIасан белъинеги белъун. Гьеб мехалда халкъги къватIибе бахъун, «Дагэнергоялда» цере ракIарун хадуб, цIидасан лъуна цогидаб. Нижеца босун кьун лъураб трансформатор доз жидерго документазда хъвала жидецаго кинабго гьабураб гIадин. Гьанже дицаго трансформаторги босун, кваралги цIан хадубги дица дозие кьезе кколеб буго техникиял шартIазухъ гIарацги. ТIадежоялъе доз доб трансформатор босулеб буго жидерго балансалде. Гьеб мехалъги, лъабабизеги, рачIунел руго гIарац гьаризе – техникиял шартIазухъ, электроэнергия чIезабуралъухъ щибаб рукъалдасан жидее 10-15 азарго букIине кколилан. ГIалхул жанаваразул гIадаб хIал буго – гьабги дие, добги дие абун».

Амма «Дагэнергоялъул» вакил МахIмудил АхIмад рази гьечIо гьеб хабаралда. Гьадин баян кьуна гьес ЭР-лъе.

МахIмудил АхIмад: «Ришватчилъиялъул цо-цо хIужаби бокьараб бакIалда рукIине рес буго. Гьединго энергетикаялдаги. КигIан бокьичIониги гьединаб хIал буго нилъер пачалихъалдаго. ЦIи рарал минабахъе канлъи бачиналъулги гьениб канлъи борцунел алатал лъеялъулги суал кутакалда бигьалъизабун буго энергетикаялъул системаялъ. Гьеб захIмалъизабула жалго гIадамаз, нижехъе официалияб кагъатги хъвачIого, инспекторал абун цо божилъи гьабизе бегьуларел чагIаздасан кумекги тIалаб гьабун».

Кин букIаниги, минаби ралел компаниязул нухмалъулез абулеб буго жидее квалквалал гьарулел ругин Дагъистаналда хIалтIизе, гьединлъидал гьел республика тун къватIире унел руго. Доба гьезие минаби разе ракьги бигьаго кьолеб буго. ХIакимзабазул рахъалъ квалквалги ДагъистаналдагIан гIемер рукIунел гьечIо.

Бицен гьабулеб митингалда къабул гьабураб резолюциялда абулеб буго ришватал кьечIого жидер рукъзабахъе лъимги, газги, канлъги бачине квалквалал гьарулел хIакимзабазул рукъзабахъ чIухь базе, хIатта терроралда дандечIаралда релълъараб низамгицин лъазабизе кколилан.
XS
SM
MD
LG