МагъчIваялъе рес

Цlатари-политикияб ярагъ хlисабалда


Джон Керри Брюсселалда Энергетиякаялда сверун Евроцолъи-Америка саммиталда, Апрель 2, 2014
Джон Керри Брюсселалда Энергетиякаялда сверун Евроцолъи-Америка саммиталда, Апрель 2, 2014

Америкаялъул Пачалихъияв секретарь Джон Керрица какулеб буго Украиналъе бичулеб газил багьа цIикIкIинабизе Россиялъ гьабураб хIукму. Гьес рикIкIунеб буго цIатари политикияб ярагъ хIисабалда хIалтIизабизе кколарин.

Брюсселалда Энергетиякаялда сверун Евроцолъи-Америка саммит рагьулаго Джон Керрица абуна кинаб букIаниги улкаялъ энергия политикиял мурадазе гIоло хIалтIизабизе бегьуларин.

Джон Керри: «ХIакъикъаталдаги гьелъул магIана буго гьадинаб-цониги улкаялъ цIатари хIалтIизабизе бегьуларо цоги улка рес къотIиялде ккезабизелъун. Гьеб ярагълъун хIалтIизабизе кколаро. Гьедин бугони, нилъ киназего лъикI букIине буго, гьебги нилъер экономикаязе цIакъ кIвар кIудияб, нилъер хIинкъигьечIолъи цIуниялъулъ кьочIолаб кIвар бугеб ва нилъер халкъал церетIезе хIажатаб энергия заманаялда щвезелъун».

Керрица абуна Цолъарал Штатал хIадурал ругин энергиялъул рахъалъ Украиналъе кумек гьабизе, ва тIадеги жубана цониги улка букIине кколарин «цIатариялъул цого-цо магIданалда» барабинги.

Украиналда бугеб ахIвал-хIал гIадахъ босун Керрица абуна гьелъие газил альтернативияб магIдан балагьиялъул хIалтIи унеб бугин.

Джон Керри: «Ниж цадахъ хIалтIулел руго Польшаялдаса яги Венгриялдаса Украиналъе газ бачиналъул суалалда тIад, гьеб Словакиялдасан рогIралги лъун. Украинаялъ хIаракат бахъулеб буго валютаялда сверун халкъаздагьоркьосеб Фондалда цере дагьал церегIан гьарурал тIадеросиял тIуразаризе ай энергиялъул рахъалъ субсидияздаса инкар гьабизе ва жидерго базар конкуренция хIехьолеблъун гьабизе».

Керрица гьединго кIвар буссинабулеб букIана «Жанубияб корридоралъул» букIине кколин Европа газидалъун хьезабиялъул рахъалъ аслияб кIварин.

Джон Керри: «Жакъа нилъеда цебе бугеб масъала-яги гьелъул бутIа- ккола «Жанубияб корридорин» абулеб газ бачунеб схемаялъе ай Азербажаналдасан Туркиялде ва гьенисан Европаялде газ бачине бугеб ресалъе кIвар кьей. Руго цони нухалги, масала, лъамалъизабураб тIабигIияб газалъул терминалал Европаялда рай ва гIадамазухъе гьеб щвезабулел рогIрал лъей».

Азербажан ва Туркия цолъизабун лъолеб газ бачунеб рогIридасан Европаялде кьабизе буго газил 60 млрд.кубометр.
Гьединго хьул буго гьеб проекталде гъорлъе Гьоркьохъеб Азиялъул улкаби Казахстангун Туркменистанги жураялъул.
Гьеб кIиябго улкаялъ Баку-Тбилис-Джейхан абулеб нартил рогIринисан кьабун гIемерго гьечIониги нарт бичана Европаялъул базаразда.

Керрица гьединго абуна лъама гьабураб газил рогIрал ралел ругин Атлантикаялъул кIиябго рахъалдайин ва Америкаялъул анкьго компаниялъе кьун бугин лъамалъизабураб газие экспорт гьабизе лицензияйин.
Гьесул рагIабазда рекъон, экспорт байбихьизе ккола 2015 соналда. Гьесул пикруялда Европа цIатариялдалъун ккезабиялъул суал рагIалде бахъинабизе «транс-атлантикияб рекъонхIалтIи цIикIкIинабизе ккола».

Керрица гьеб калам гьабиялъе гIиллалъун ккун букIана Украиналъе бичулеб газил багьа цIикIкIинабулеб бугин Россиялъ лъазаби. Гьелъие гIиллалъунги Россиялъ бачунеб букIана «Газпромалда» цебе Украиналъул налъи букIин ва гьеб къобахъанагIан цIикIкIунебги бугин. Россиялъ Крымалъе аннексия гьабун хадуб хвезарун рукIана Украинагун жидер ЧIегIер-ралъдал флоталда хурхун гьарун рукIарал киналго къотIиялги. Цоги къотIиял малъичIого цо гьезул гъурхъабалъги Укриналъе газ 100 долларалъ учуз бичулеб букIана Россиялъ.

Гьебго заманаялда Доналда бугеб Ростовалда Associated Press агентлъиялъе интервью кьуна Укриналъул рехарав президент Виктор Януковичица.
Гьес абуна Крым Украиналдаса батIа тIезабиялъул гIайиб бугин Украиналъул гьанжесеб нухмалъиялъул ва гьеб Россиялъ кквей-гьеб «трагедия» бугин ва тIадеги жубана жинца тезе букIинчIин гьеб батIи тIезабизейин.
XS
SM
MD
LG