МагъчIваялъе рес

ГьоцIалъ ГЭС хIалтIизе биччачIо талат къоялъги


Дагъистаналда иргадулаб нухалда нахъбахъун буго ГьоцIдерил ГЭС рагьи. ТIалъиялъ гьеб рагьунгутIиялъе гIиллаби рицунел гьечIо, ГЭСалъул хIалтIухъабаз лъазабулеб буго гьеб биччазе хIадурун гьечIин жегийилан, гьеб балаго риччарал гъалатIал гьаже тIатунел ругилан.

21 июлалда рагьизе кколаан ГьоцIалъ ГЭС, амма иргадулаб нухалъ гьеб тадбир нахъбахъана. Кида гьеб рагьизе бугебали жеги лъалебги гьечIо. «РусГидроялъул» пресс-хъулухъалъги гьеб тадбир дагьаб хадуб тIобитIизе бугилан аби гурони тIокIаб кинабгIаги официалияб баян кьолеб гьечIо.

ГЭС рагьиялде федералиял хIакимзабииги, Шималияб Кавказалъул ишазул министр Лев Кузнецовги вачIине вугин лъазабун букIана Дагъистаналъул тIалъиялъ. Гьаб нухалдаги гьел рачIун бажарулеб гьечIолъиялъ рагьулеб гьечIин гьебилан абурал официалиял гурел баянал кьолел руго Дагъистанаалъул хIукуматалда хIалтIулез.

Унголъун гьеб тадбир заманалъ нахъбахъиялъе гIиллаби хIакимзабазда гуреб, жибго ГЭСалда бараб бугин абурал баянал щвана «Эркенлъи» радиоялъе. Гьеб ГЭСбалеб бакIалда хIалтIулев МухIамадов АхIмадица бицана нухмалъиялъ гIадатиял хIалтIухъабаздаса бахчулеб бугила гьеб, амма гьеб ГЭС балаго чанги гъалатIал риччан рукIун ругила, гьанже тIатунел ругила гьелилан. Гьединлъидал гьел техникиял квекIенал тIагIинаризегIан станция хIалтIизе биччан бажаруларин.

МухIамадов АхIмад: «Дида лъалеб бакIалдаса гIебеде ГЭС балелъул гьарулел аслиял хIалтIаби лъугIун гьечIо жеги. Гьединго генератор букIине кколедухъ хIалтIулеб гьечIила, гьеб къвтIибеги бахъун цIидасан хIалтIизе биччазе кколин абурал баяналги ругоха гьанир».

«РусГидроялъул» пресс-хъулухъалъул бетIер Казумова Эмилияца АхIмадица кьураб информациялда хурхун кинаб букIаниги баян кьезе инкар гьабуна. Жибго ГЭС рагьичIониги талат къоялъ, Дагъистаналъул энергосистемялъул хIалтIухъабазе базе бугеб монументалъул тIоцебесеб гамачI лъуна. Дагъистаналъул тIалъиялъул вакилзабиги гIахьаллъана гьеб тадбиралъулъ. Гьеб монумент базе буго Каспийскалда «РуСГидро» компаниялъул минаялда аскIоб.

ГьоцIдерил ГЭС хIалтIизе биччан хадуб, къуваталъул рахъалъ, Дагъистаналъул ток гьабулел станциязда гьоркьоб ункъабилеб бакIалда букIине буго. Гьелъул къуват буго I00 мегаватт. ЛъагIалида жаниб сагIтие 350 миллион киловатт токалъул кьезе буго гьеб станциялъ.

ГьоцIалъ ГЭС базе байбихьана 2007 соналда, 2014 соналъул октябралде станциялда гьарулел аслиял хIалтIаби лъугIун ругин лъазабун букIана. Амма республикаялъул тIалъиялъ ГЭС базе байбихьилалдего кьун рахъинарилин абун букIараб, станциялъул сангар къалаго гIанкъизарурал гьоцIдерил ахал-хурзазухъ гIарац жеги тIубан щун гьечIин гьечIин гIадамазейилан бицана «Экренлъи» радиоялъе ГьоцIалъа ХIусейнова ГIайшатица.

ХIусейнова ГIайшат: «ГьоцIдерил ГЭС базе байбихьаралдаса кIиго нухалда дагьа-дагьаб гIарацги бадиб речIчIана, халкъалъе кколеб гIарацги кьечIо. Бищун лъикIал ахалги хурзалги лъеда гъоркьеги ана. Гьенисан гуреб магIишат гьечIел гIадамалги хачадизарулел руго хIукуматалъ.

Я мухъалъул бетIерасухъе ана, я республикаялъул нухмалъиялъухъе ана, митингал гьаруна, ГЭС къана, амма щиб гьабуниги гIарац кьолеб гьечIо жамагIаталъе. Гьеб сунда релълъараб жояли дида лъаларо. Амма сабуралъеги ахир букIунелъул. Киназдаго лъала гьоцIал гьару-гьарухъин рукIунел чагIи гуреблъи. Гьеб гIарац кьечIони иш киб бакIалде ккелебали лъаларо дида».

ГIемерисел дагъистаниял рукIуна ццин бахъун гьалщинал ГЭСал ругеб республикаялда гIадамазухъа токалъухъ гIарац босулеб бугин абун. 30 соналъго цебе Дагъистаналъ жибго тIубазеги къватIибе бичизеги ток гьабулеб букIанила, гьединлъидал халкъалъе гьеб чIобого букIине кколилан.

Гьеб ток чIобого букIине кколин дагъистаниязейилан абураб пикруялад тIубан рази гьечIо экономикиял гIелмабазул кандидат ва бизнесчи Абакаров Абакар. Гьес абулеб буго бокьараб жоялъул къимат гьабизе ккани, гьелъул багьа букIине кколилан, гьединлъидал гьеб ток чIобого тезе бегьуларила дагъистаниязе, амма гьанжегIадин хираго халкъалъе гьеб бичиги пачалихъалъул рахъалъ такъсирчилъи бугилан.

Гьединго Абакаровас разигьечIого лъазабулеб буго чанги миллионал бюджеталде магъалаби кьолел бизнесчагIазеги гьеб токалъул рахъалъ щибниги санагIалъи гьабулеб гьечIила улкаялдайилан.

Абакаров Абакар: «Республикаялда гьелщинал ГЭСалги рукIун дагьалдасан босани бищун гIодобегIанаб багьаялде букIине ккола нилъее ток. Жакъа къоялде гьеб кутакалда хираго бичулеб буго дагъистаниязе, мадугьалихъ ругел республикабаздагицин гьедигIан хираго гьечIо гьеб.

Нилъер гьаниб гьабулеб ток батIиял республикабаздаги икълимаздаги ругел энергокомпанияз буго бичулеб. Гьез багьабиги жидедаго лъикIин ккара-ккарал лъолел руго. Гьел компаниязе щолеб пасатаб хайиралъул цо процентгицин щоларо нилъер гьанир гьел ГЭСал ралелъул камиял ккарал гIадамазе.

Росулъ вугев чиясе кIудияб ками буго ах-хур гъанкъизаби, тIадежоялъе гьелъухъ рецIалил гIарацги кьолеб гьечIо. Гьединго экологаз чIезабун буго гьел ГЭСал раялъ гьава-бакъ цIакъ хисизабулин, гIадамазул унта-щокълъи цIикIкIинабулин, гьелъулги хIисаб гьабулеб гьечIо. Гьединго цоги кIвар бугеб суал буго, нилъер гьаниб гIадамаз бухIараб киловаталъулъ 2 гъурущ босулеб батани, фирмабаз ва идарабаз цо киловаталъухъ чанго нухалъ цIикIкIун гIарац кьезе ккола.

Россиялда гурони цойгидаб бакIалда бугеб жо гуро гьеб, щай гурелъул цойгидал хIукуматазда бизнесчагIазе кумек гьабула, гьезда кверчIвала. Нилъее гьедин хирияб багьаялде бичулеб гьеб ток, унголъунги кигIан нилъер ГЭСаз къватIибе кьурабалиги лъаларо. Гьез кьолел баяналги гьересиял ратиялда ракI чIола дир, тIалъиялъ гьеб чанги батIиял хIукуматаздегицин бичулелъул. Ургъунго рахчулел руго гьел баянал, хIакъикъат лъани гIадамаз ахIи-хIур бахъинабиялда ва гьезул тIалабал цIикIкIиналда хIинкъун ратила гьел».

Гьединго Абакарица абулеб буго ГЭС балаго ракьал гIанкъарал гIадамазе гурониги рецIалил гIарац кьезе кколила гьеб мухъалдаса гIебеде гIумру гьабун ругел гIадамазеги. ГЭСалъ гьезул сахлъиялъе гьабулеб кIудияб заралалъул лъицаниги хIисаб гьабулеб гьечIилан.

XS
SM
MD
LG