МагъчIваялъе рес

Дагъистаналда цойги банк къана


Федералиял банказул филиалал гlемерлъизе бегьула Дагъистаналда, республикаялда ругел банкалги къан федералиял банказул филиалал рагьизе ресал цIикIкIунел рукIиналъ. Республикаялда ругел банказул хал гьабулеб буго Росфинмониторингалъ ва гьезда гьоркьосан г1емерисел къазеги бегьула. Масала, 19 июлалда лицензия бахъана иргадулаб банкалъухъа -«Анджибанкалъухъа». Гьедин ахирисеб соналда жаниб республикаялда къан буго щуго банк.

Дагъистаналдаса «Анджибанкалъухъа» лицензия бахъана Россиялъул Централияб банкалъ. Гьеб лицензия гьечIого «Анджибанк» хIалтIизе бегьуларо. Гьеб банкалда сверулеб гIарцул къадар маялда 700 миллион гъурщида бахун буго, амма жибго банкалда бугеб гIарац 160 миллион гъурщидаса цIикIкIун гьечIо. Банкалъ ургъун буго гьеб система Страхованиялъул гIарац бецIулеб агентлъиялъухъа гIарац бачIиналъеилан хъвалеб буго «Ведомости» газеталъ. Гьеб система хIалтIизабулеб букIун буго цодагьалъ цебе къараб «Дербент-Кредит» банкалъги: банкалъ клиентазе кьолел гIарцул налъаби ургъунго цIикIкIинарула ва хадуб жиб банкроталде кканилан лъазабула. Клиентазе хадуб гIарац бецIула агентлъиялъ. «Анджибанкалъул» клиентал гIемерлъулел рукIун руго ахираб заманалда. Гьелдалъун Россиялъул центробанкалъ лицензия нахъе босун буго. Гьанже цIех-рех байбихьизе буго.

Россиялъул банказул рейтингалда «Анджибанк» 830-леб бакIалда букIана. Банкалъул акционераллъун документазда вихьизавун вуго 28 чи. Амма банкалъул хважаинлъун кколин МуртузагIали МуртузагIалиевилан хъвалеб буго «Коммерсант» газеталъ. Банказул системаялда гьев хIалтIулев вуго 30 соналъ. 1994 соналда гьесие кьуна цIар – Дагъистаналъул мустахIикъав экономист.

Банказул гъалмагъирал Дагъистаналда ахирисеб заманалда гьоркьоса къотIунел гьечIо. Июлалда хIалтIудаса вахъана Дагъистаналъул миллияб банкалъул нухмалъулев Сиражудин Ильясов. Официалиял лъазабиязда рекъон, Ильясов хIалтIудаса вахъана пенсиялде ине заман щун букIиналъ. Цогидаб информациялда рекъон, гьев нахъе вахъана Дагъистаналъул банказул системаялда батараб низамгьечIолъи сабаблъун.

Гъоркьисала ноябралда Центробанкалъ лицензия бахъана Дагъистаналъул «Трансэнергобанкалъухъа». 5 миллиард гъурущ бикъизе лъугIун буго гьеб банкалъ ва гьелда хурхун такъсир гьабиялъул иш рагьана.

Гьединго декабралъул ахиралда лицензиял рахъана «Дербент-кредит» банкалъухъа ва «Трастовияб банкалъухъа», январалда лицензия бахъана «Экспресс-банкалъухъа», цодагьаб мехалъ цебе лицензия бахъана «МахIачахъалаялъул муниципалияб банкалъухъа». ТIадежоялъе Дагъистаналдаса киналго банказул халгьабулеб буго Росфинмониторингалъги. Гьел банказда сверун, миллиардал гIадамазухъе кьей рекIее гIун гьечIо Росфинмониторингалъе. Мисалалъе, «Трансэнергобанкалъ» 27 миллиард гъурущ кьун буго гIадамазухъ кодобе. Кин гьеб гIарац цо гурони филиал гьечIеб банкалде щвараб илан лъураб суалалъе жаваб батулеб гьечIо цIех-рех чагIазе.

«Ведомости» газеталъ хъваралда рекъон, жакъа Дагъистаналда хIалтIулеб буго 23 банк, цогидал регионаздаса банказул 14 филиалги буго. Россиялъул регионазда гьоркьоб банказул къадаралъул рахъалдасан Дагъистаналъ лъабабилеб бакI ккола, тIецересел бакIазда руго Москвагун Санкт-Петербург.

Къанунал хвезаричIого банкалъул бизнес бачиналде Дагъистан жеги бачIун гьечIилан рикIунеб буго экономист ТIайгиб Мусаевас. Гьес абулеб буго Дагъистаналда гIемерлъилин федералиял банказул филиалал.



please wait

No media source currently available

0:00 0:00:50 0:00
Интернет-мухъ

Россиялъул централияб банкалъул филиаллъун ккола Дагъистаналъул миллияб банк. Гьеб банкалъул цIияв нухмалъулев тIамуна гьал къоязда. Гьесул цIар буго Владимир Черний. Кив гьев хIалтIулев вукIарав, щив чи кколев жеги лъалеб гьечIо. Гьесул хIакъалъулъ информация кьолеб гьечIо Центробанкалъги.

XS
SM
MD
LG