МагъчIваялъе рес

Дагъистаналъул полициялъулал гIарцудаса махIрумлъана


26 февралалда МахIачхъалаялда тIобитIана низам цIунулел хIалтIухъабазул митинг. Аслияб куцалда гьелда гIахьаллъана цере гьеб идараялда хIалтIулел рукIун гьанже херлъун, яги сакъатлъун рокъор хIалхьиялда ругел гIадамал. "Экспресс" банкги банкроталде ккун, гьел махIрумлъун ругоан страхованиялъе пачалихъалъ кьолеб гIарцудаса.

Митинг тIобитIана МахIачхъалаялда гьабзал тира-сверизабулебин гIадамаз цIар лъураб ахикь. Гьениве вачIарав нусидаса дагьалъ цIикIкIарав чиясухъ кодор ккун ругоан мустахIикъаб хIалтIухъ жал хIул-хIулун танилан жидер жанисел ишазул министерлъиялде хитIаб гьабун хъварал игIланал.

Гьединго Эркенлъи Радиоялъе гьадин бицунеб буго цеве жанисел ишазул министерлъиялда хIалтIулев вукIарав АхIмаднабиев МухIамадица.

АхIмаднабиев МухIамад: "Диваналде ун гурони гIарацги щолеб гьечIо гьезие. Цо чи вукIана гьанив кIалъалев. Жив 2011 соналда анила хIалхьиялде. Амма жегиги щвечIила жиндие пенсия. Пенсия кьолеб идараялдеги виччалев гьечIила...

Гьанире рачIарал чагIи руго низам цIунулел идарабазда хIалтIулел рукIарал чагIи. Гьезда къануналги лъала. Амма гьаздагицин жалго цIунизе кIолеб гьечIони, магIарухъ ругел гIухьбуз щибилеб, хIалтIи гьечIого хутIарал чагIаз щибилеб?"

250-са цIикIкIарав чиясул документал нахъе рачIун рукIанин гьеб страхование гьабулеб гIуцIиялъул банкротги ккун. Амма жидеца гьел нахъруссунго Москваялде Арбитражалъул диваналде ритIанин гъоркьисала августалдаян бицана Эркенлъи Радиоялъе Юсуп Сахратулаевас. Гьев ккола Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул официалияв вакил.

Гьеб суалалда хурхун кагътал Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул вакилзабаз ритIун руго Россиялъул гьединабго министерлъиялда цебе гIуцIараб Финансазул департаменталдеги, гьединго хIадурулеб буго Россиялъул президентасухъе битIизе кагъатги. Сахратулаевас гьелда тIасан жиндирго пикруги загьир гьабуна.

Юсуп Сахратулаев: "Жакъа къоялда Дагъистаналда буго чIварал полициялъулазул 59 хъизан. Гьезие капек щун гьечIо страхованиялъул гIарцул. Гьелда хурхун къотIулел гIакIабазулги цогидалъулги хIукмабиги руго Арбитражалъул диваналъул. Амма гьедин страхованиялъул гIарац щвечIеб регион Россиялда 19 буго. Нижги батIаго эхере квералги риччан чIун гьечIо. Гьеб щвеялъе хIалтIи гьабулеб буго.

Гьединлъидал жакъа гьаб митингги гьабичIониги бегьулаан. Гьелъ кьезе жо гьечIо, тIадеги иш хIалуцинаби гуреб. Гьелъ гIадамазда гьоркьоб ахIи-хIур бахъинабичIого толаро.

Гьединлъидал дицаги министрасги жаваб кьезе ккола. Кида гьеб гIарац кьун бахъинабулебалиги цебеккунго я дида, я цогидазда абизе кIоларо. Арбитражалъул диваналъги хIукуматалъги гьеб суал тIубазабун кида лъугIулебали щиб лъалеб? Я гьеб лъугIила метерго, яги сезе".

Амма Сахратулаев Юсупица бицаралда тIадрекъолев гьечIо Шамилов МухIамад. Низам цIунулел хIалтIухъабазул махщалил цолъиялъул нухмалъулев ккола гьев.
"Щит и меч" журналалда букIун буго гьелъул хIакъалъулъ хъван.

Шамилов МухIамад: "Гьениб жаниб бихьизабун буго гьеб кьей-кьунгутIи. Доба НургIалиевасдаса (цеве Россиялъул вукIарав жанисел ишазул министр - автор.) байбихьун Москваялдасанго страхованиялъул компаниялъул кIуди-кIудиял гIарцал банкалде рехулел рукIиналъул хъван буго гьениб. Гьанже банкрот ккараб гьелъул хутIа-тараб жо бикьизе буго чанго чиясда гьоркьоб. ХутIарал рукIине руго гьакIкIан кIалалгун.

Киназего гьеб гIарац щвезе рес гьечIолъи гъоба журналалда бихьизабунги буго. Гьев жанисел ишазул вакилги вуго лахIчIегIерал гьерсал рицунев чи. Гурони гъове журналалде ваккеян абе. Нилъер хIакимзабазда гьедигIан гIайибги гьечIо. Гьазда бугеб гIайиб ккола гIицIго цо - чIваралги, хваралги, цогидалги полициялъулазул сияхI гьабураб бакI гьечIолъи. Страхованиялъул гIарцул кигIан лъие щун бугебали хъвараб журнал букIине кколеб рагIула.

Гьебин абуни гьечIо. Дова Москва областалда вугев полициялъул хIалтIухъабазул махщалилаб цолъиялъул нухмалъулев Лобарев Александр абулев чияс дие рагIи кьуна дагъистаниязе квербакъизе - гьеб гIарац щвеялъе хIалтIи гьабизе.
Диваналде гIарза хъвачIого тIубалин гьеб иш, жиндихъе гьел чагIазул сияхI битIаниян абуна гьес.

Жив кIалъалила страхование гьабулеб компаниялда. Амма дихъе гьеб сияхI щвечIо я гьаб митинг гьабулев Русланихъа, я жанисел ишазул министерлъиялдаса".
Митингалъул ахиралда гьелъул гIахьалчагIаз гъулбасал ракIарана жидер суалалда тIасан Россиялъул президентасухъе битIизесеб хитIабалда гъоркьги.
XS
SM
MD
LG