МагъчIваялъе рес

Дагъистаналда банказул цIех-рех байбихьун буго


Гьал къоязда жиндир хъулухъалдаса нахъе ана Дагъистаналъул миллияб банкалъул нухмалъулев Ильясов Сиражудин. Цо-цо информалатаз ва экономистаз гьеб хIужаги кьочIое босун Дагъистаналъул банказул цIех-рех байбихьун бугилан бицунеб буго.

Дагъистаналъул миллияб банк ккола киналго регионалда ругел банказул хIалтIул хал-шал гьабулеб банк. Гьеб ккола Центробанкалъул Дагъистаналда бугеб филиал. Республикаялда банказул сфераялда сверухъ гIемерал экономикиял такъсирал ва мекълъаби ратиялъул бицунеб букIана араб соналдаса нахъего. Гьединлъидал, гIемерисез Миллияб банкалъул нухмалъулев хъулухъалдаса ин гьелда бухьинабулеб буго. Ильясов Сиражудинги хъулухъалдаса нахъе ун, гьесул бакIалда хIалтIулей йиго Бацына Светлана. «Известия» газеталъе гьелъ кьурал баяназда рекъон, Ильясов хъулухъалдаса ун вуго ригьалде вахун вукIиналъ, кинабгIаги батIияб гIилла гьев нахъе иналъе букIинчIо. Гьебго «Известия» газеталъ лъазабулеб буго, республикаялда гIемерал банказда цадахъ хал-шал гьабулеб бугин Москваялдаса рачIарал специалистаз.

Гьездаго цадахъ хIалтIулел руго Центробанкалъул хIинкъи гьечIолъиялъул хIалтIухъабиги.

«Эркенлъи» радиоялъ бухьен гьабуна республикаялда бугеб чанго банкалъулгун, амма цониги банкалда цIех-рех гьабулеб бугилан абураб информация тасдикъ гьабичIо. «Дагэнергобанкалъул» нухмалъулев хисулей Сунгъурова Анжеликаца гьадинаб баян кьуна.

Сунгъурова Анжелика: «Дагъистаналъул банказда цIех-рех байбихьун буго гьанже гуреб, кIиго моцIалъ цебе, дида лъаларо щай гьабсагIаталда гьелъул бицине байбихьараб. Нижер банкалда унеб буго планалда рекъон гьабизе кколеб букIараб цIех-рех. Гьеб байбихьизе кколаан гьаб соналъул марталдаго, амма Центробанкалъ гьеб мехалъ цоги банказда хIалтIи гьабулеб букIун, гьел регIичIого цIех-рех кIиго моцIалъ нахъе бахъун букIана. 29 маялдаса нахъе унеб буго гIадатияб къагIидаялъ кIиго лъагIалида жаниб цо нухалъ банказда гьабулеб цIех-рех. Ниж гьелъухъ ралагьун рукIана ва хIадурлъун рукIана. Дагъистаналъул банказда цIех-рех байбихьун букIана январалдаса нахъе, «Экспресс» банк биххун хадуб.
Цо-цо банказда хал-шал араб соналъго байбихьун букIана, дида бичIчIуларо щай гьеб кинабго Ильясов хъулухъалдаса иналда бухьинабулеб бугеб. Гьев аралдаса цониги банкалда цIех-рех байбихьарабги дида рагIичIо. Кинаб бугониги информация къваригIарабго нижехъе рачIа, кинабго бичIчIизабила ва бихьизабила. Гьел харбаз нижер бизнесалъе зарал гьабулеб буго, цо-цо къапилаялъ гьел ургъунго тIиритIизарулел ругилан кколеб буго».

Цевеккун Центробанкалда хIалтIулев вукIарав Александр Черепановас «РБК» телеканалалъе кьурал баяназда рекъон, ахираб заманалда Дагъистаналда банказда сверухъ бахъараб ахIи-хIур буго унго-унгоги бакIалъулаб филиалалъул хашаб хIалтIул хIасил. Ялъуни гьезда хIалтIун бажарулеб гьечIо, ялъуни ургъунго мекъал банказул хIалтIуде берал къанщун руго. Батизе бегьула гьел финансовиял такъсиразулъ Миллияб банкалъул жиндирго хасаб интерес абун бицана Черепановас.

Регоналиял банказул ассоциациялъул вице-президент Олег Ивановас «Эркенлъи» радиоялъе лъазабухъе, Сиражудин Ильясов хъулухъалдаса инги банказда цIех-рех байбихьиги цоцада бухьараб гьечIо. Гьедин букIарабани Ильясов гьанже инароан хъулухъалдаса, жеги цевего инаан, щайгурелъул Дагъистаналъул банказда сверухъ ахIи-хIур гьанже гуреб, чанго моцIалъ цебе букIана.

Россиялъул регионазда жаниб банказул къадаралъул рахъалъ Дагъистан буго лъабабилеб бакIалда, Москваялда ва Санкт-Петербургалда хадуб. ГьабсагIаталда республикаялда буго 25 банк, гьеб гуребги, руго жеги 14 цоги батIи-батIиял регионаздаса банказул филиалалги. Экономистазул ва банказул хIалтIул рахъалъ специалистазул гIемерисез рикIкIунеб буго республикаялда банказул къадар дагьлъизе бугин ва хIалтIи гIадлуялде бачине бугин. Цереккун Центрбанкалъ лицензиялдаса махIрум гьабуна чанго Дагъистаналъул банк. Гьел ккола Банк «Экспресс», «Трансэнергобанк», «Дербент-кредит» ва «Трастовый банк». Республикаялъул Миллияб банкалъул нухмалъулевлъун цо-цо информалатазул баяназда рекъон тезе вуго президент Рамазан ГIабдулатIиповасул божарав чи. Рехсолеб буго гьанжесев премьер-министр Мухтар Меджидовасул цIар.

Пожалуйста, подождите
XS
SM
MD
LG