МагъчIваялъе рес

Гьезего гьечIеб буголъи


Дагъистаналъул банказда гьарурал фальсификациял хъинтIулел руго гIадамаз гьениб лъураб гIарцуда гуребги, кредитаздаги, акцияздаги, бикъичIониги бикъараблъун лъазабураб кассаялдаги. Гьел фальсификациязда сверун рагьарал такъсир гьабиялъул ишазул гъурхъабалъ аресталцин лъун руго ай пайда босизе гьукъун буго гьезего гьечIеб буголъиялда. Гьедин хъвалеб буго «Коммерсант» газетаялда ва гьабулеб буго цо-цо хIужабазул цIех-рех.

Рехсараб газетаялда хъвалеб буго жидехъе щванин МахIачхъалаялъул цо мухъалъул диваналъ къотIараб гIадатияб гуреб хIукмуйин. Трансэнергобанкалдаса гIемераб гIарац бикъиялда бан рагьараб такъсир гьабиялъул ишалъул гIурхъабалъ гьениб букIараб гIадамазул гIарцуда арест лъун ай гьелдаса пайда босизе гьукъун буго. Гьеб киналъулъго бищунго кепаб жо буго гьеб гIарац гьениб хIакъикъаталдаги букIинчIолъи.

Цебе лъазабулеб букIана, лицензиялдаса махIрумлъизе дагьаб заман хутIараб мехалда, Трансэнергобанкалъ 4,8 млрд гъурущида бащадаб гIарац гьениб гIадамаз лъун бугин абураб регьеси букIанин. Гьеб гьечIеб гIарцудаса пайда босизе гьукъунги буго гьениб «гIарац букIаралин» абулел гIадамаз гьеб нахъе тIалаб гьабичIого букIине.

Лицензия нахъе босилалде банказда фальсификациял гьари къанагIатаб иш гурин, амма цо цIар хутIизегIан кинабго жо гьересияб банк жеги батун букIинчIин хъвалеб буго «Коммерсанталъ».

Трансэнергобанкалда гIицIго кагътида хъвараблъун батун буго гIадамаз гьениб лъурабин абулеб 4,8 млрд. гъурущ гуребги, гьеб гIарац лъурабин абулеб бакIалги ай 2 млрд. гъурщида бащадаб кредитазул бутIаги кассаялда бугебин бихьизабураб 3 млрд. гъурущги.
Гьебго заманалда 2012 соналъул 1 сентябралде Трансэнергобанкалъул балансалда валюталъул къадар 100 млн гъурущ гурони букIун гьечIо.
Гьелде тIадеги, банкалдасан «Коммерсанталъухъе» щварал баяназда рекъон, кассаялдаса гIарац бикъиги жибго гьеб кассагогIадин гьересияб букIун буго.
Гьеб киналдего тIаде, гьеб «цIогьалъул» щаклъи бугев банкалъул цого-цо бугеб филиалалъул нухмалъулев Саруханов Юрийил гьеб банкалдехун гьечIо кинабгIаги хурхен.
Гьесие паспорт кьун букIун буго Москваялъул ракьалъул Клинский мухъалда.
Амма официалияб куцалда жегиги рикIкунеб буго гьес босун букIанин гьеб гIарацин.

Гьеб гIарац банкалда букIараблъи яги букIинчIолъи бихьизабулел документал гьенир ратун гьечIо, амма банкалъухъа лицензия нахъе босизе чанго моцI хутIараб мехалда Трансэнергобанкалда кинабгIаги рекламаги гьабичIого бажарун буго 6500 чи гьенибе «гIарац босун вачIинавизе» гьезулги 2270 чи «вачIун вуго» банк хIалтIулеб ахирисеб кIиго къоялда жаниб.
ХIакъикъаталдаги, «Коммерсанталъул» баяназда рекъон, гьеб банкалда гIарац лъун букIун буго 89 чияс ва гьезие нахъе кьезе кколеб гIарцул къадар бащалъулеб буго 28,5 млн. гъурщида.
ГьечIеб буголъи хIалтIизабизе гьукъараб банк Дагъистаналда цо
Трансэнергобанк гурониги буго. Январалъул ахиралда лицензиялдаса махIрумлъараб «Экспресс» банкалъул активазда бихьизабураб 10 млрд. гъурщил 3,7 млрд. гурони хIакъикъияб букIун гьечIо.
ХутIарал «депозитал» лъун рукIун руго кьечIел кредитазулъ, гьечIеб кассаялда ва гьезул инвестиция гьабун букIун буго гьечIел акциязде, киса-кибего гIага-шагарго кIи-кIи млрд. гъурущ.
«Экспресс» банкалда тIатаралда сверун Централияб Банкалъ гIарза хъван буго низам цIунулел идарабазде.

Банказда цин чIечIого тIатулел гьединал проблемаби рагъалде рахъинаризе ккани, системаялдаго хиса-басиял гьаризе кколин рикIкIунеб буго экспертаз ва гьеб банказул рахъалъул хIалтIи лъикI лъалел гIадамаз.

«Гьеб дунял тIад белъанхъараб хIаракатчилъи цо гьеб регионалъул хаслъи батиларо. Цебе Дагъистаналъул банказухъа лицензия нахъе босараб мехалда кредиторазул тIалабал тIуразариялда сверун цоги регионазде данде ккун гьезул проблемаби кидаго дагьал рукIунаан. Доб мехалда лицензия нахъе босиялъул гIилла букIунунаан банказдасан гIарац «чурулеб» букIин, гьанже лицензия нахъе босулеб буго активал нахъе росиялъ капиталалда картIал раккизари ай гIарац бикъи. Гьедин абун буго «Коммерсанталъе» Валерий Мирошниковас. Гьев ккола
банказда лъураб гIарац бецIиялъул рахъалъ Агентсвоялъул генералияв директор хисулев.
Гьесул рагIабазда рекъон, церехун рехсарал хIужаби релъарал руго гIуцIараб такъсирчагIазул къукъаялъул хIалтIуда ва гьединабго «хIаракатчилъи» цоги регионазда батизеги рес буго. Гьесул пикруялда гьеб «хIаракатчилъи» Дагъистаналда ургъараб гуро, амма дотациял цIикIкIун кьолеб ва парахалъи гьечIеб регион букIиналъ гьеб гьениб бигьаго буго билъанхъизабизе.

«Дагъистаналда гьечIо хIалтIи, хIалтIи бугезулги харжал руго мукъсанал. Гьединаб мехалда дагьа-макъал капказухъ гIадамал хIадурал рукIуна бокьараб гIарац банкалда лъунин абураб кагътида гъулбас лъезе»-гьедин абун буго «Коммерсанталъе» цIар рагьун бицине бокьичIев цо банкирас.

Хурхен бугеб

XS
SM
MD
LG