МагъчIваялъе рес

Хабзалал, кьалул майдан хIисабалда


Москваялъул «Хованский» абурал хабзалазда лъугьа-бахъаралда сверун ахIи-хIур халат бахъунеб буго. Лъазабиязда рекъон, Гьоркьохъеб Азиялъул улкабаздаса мигрантазул ва чачаназулгун дагъистаниязул къокъабазда гьоркьоб ккараб тунка-гIусиялъул хIасилалда хун вуго лъабго чи, къогоялдаса цIикIкIун лъукъарав вегизавун вуго госпиталазда. Инциденталда гIахьаллъун вуго кIинусго гIанав чи.

Хабзалал кьалул майдан хIисабалда
please wait

No media source currently available

0:00 0:06:27 0:00
Интернет-мухъ


Низам цIунулез тунка-гIусиялъул багьана хурхинабулеб буго хабзалазул тIалаб гьаби гьелъул гIахьалчагIаз жидехъего босиялъе бахъулеб хIаракаталда.

14 маялда Москваялда ккараб тунка-гIусиялда дагъистаниял гIахьаллъиялъ иргадулаб нухалда республикаялъул къадру хвезабулеб бугин, рикIкIунеб буго Эркенлъи радиоялъул суалазе жавабал кьурал республикаялъул интеллигенциялъул вакильзабаз.

Дагъистаналъул бетерасул гIакълучи, политологиялъул гIелмабазул доктор Камиль Ландаца абулеб буго, гьеб ракI бакъвазабулеб лъугьа-бахъиналда гъорлъ дагъистаниял рехсолел рукIин ракIалде босун, жамгIияталъ жиндирго къимат кьезе кколин гьединал гIадамазул хьвада-чIвадиялъе.

Аммайин абулеб буго гьес, гьеб хIужа багьаналъун букIине гьечIин улкаялда цIидаса миллатчилъиялъул суал халуциналъейин, щайгурелъул гьеб кколин гIицIго криминалиял кьалбазул лъугьа-бахъинин.

Москваялда гIумру гьабун вугев тохтур ва публицист ГIабдурашид СагIидовасул пикруялдаги, бицен гьабулеб буго криминалияб лъугьа-бахъиналъул ва Россиялда жакъа бигьагьабун загьирлъулеб рагIула 90-билел соназда букIараб гIадаб хIакъикъат.

Рехсарал дагъистанияз нижер программаялъе загьир гьарурал пикрабазухъ гIенекке нижер аудиофайлалда.
Хабзалал кьалул майдан хIисабалда
please wait

No media source currently available

0:00 0:06:27 0:00
Интернет-мухъ

XS
SM
MD
LG