МагъчIваялъе рес

Москваялъул хабзазда 2 чи чIван вуго


Москваялда Хованское абулел хабзазда кIудияб тунка-гIусси багъарун букIана шамат къоялъ. Гьелъулъ 200-гIан чи гIахьаллъана. РагIулеб букIана кьвагьа-гIанхъиги. ЧIван вуго кIиго чи, анцIгогIан чи лъукъана.

Ккун вуго 50 чи. Гьезда гъорлъ – чIвадари гьабиялда щаклъи бугев лъабгояв.

Цебеккунго гьабураб хIасилалда рекъон гIиллалъун ккун буго хабзазул территориялда тIад контроль боси. Цо рахъалъан гьеб тунка-гIуссиялда Шималияб Кавказалъул гIадамал гIахьаллъана, гьезул дандияллъун рукIун руго Централияб Азиялдаса рачIарал.

Гьадин лъазабуна Россиялъул низам-цIунулез.

XS
SM
MD
LG