МагъчIваялъе рес

Халкъ мустахIикъаб тIалъи ва гьелда тIаса пикраби


Шарль Монтескье
Шарль Монтескье

Руго цо-цо калимаби халкъазда гьоркьорги тIиритIарал, насалабаз насалабзухъе такрар гьарунги кьолел, амма гьеб абулеб бакI, заман, ахIвал - хIал рагIабазда данде кколарел. Масала, гьединаллъун рихьула машгьурал, цIакъ гIемер гIадамаца политикиял бахIсазулъ такрар гьарулел "Щибаб халкъ мустахIикъаб бугин жидер тIалъиялъе" абурал рагIаби.

Гьеле гьеб "мустахIикъаб буго" абураб рагIиги бичIчIизе бегьула кIиго батIияб магIнаялда. ТIоцебесеб - мустахIикъаб буго квешаб, цIогьодулеб, халкъалда зулму гьабулеб тIалъи бугониги халкъалъ гьеб хIехьлеб батани, гьеб мустахIикъаб бугин гьеб тIалъиялъе абураб. КIиабилеб - халкъ мустахIикъаб бугин жидеца рищиязда бищараб тIалъиялъе абураб магIна.

Гьал рагIабазул автор рагIула франгазул философ Шарль Монтескье абурав чи. Гьес жиндирго "Дух закона" абураб трактаталда хъван рагIула гьал рагIаби тIоцере, хадур машгьурлъана хутIараб дунялалда. Монтескьел заманаялда хIуриятаз кверда босараб Европаялъе цIакъ актуалиял рагIаби рукIана гьел.

Амма гьеб демократияб нухда ва тIолго халкъалъул рищиязда Германиялъ Гитлерица нухмалъи гьабулеб партияги бищана 1933 абилеб соналъул марталда. Щиб гьелъ кьураб Германиялъеги, Европаялъеги, хутIараб дунялалъегияли нилъеда лъала.

МустахIикъаб букIанищха Германия Гитлер гIадав нухмалъулесе? БукIанин абизе бегьула доб заманалда, щай гурелъул Гитлерие т1алъи я ирсалъе щвеч1о, я гьес зулмуялъ босич1о, халкъалъ жидецго кьуна гьесухъе власть.

Немцаз цIакъ кIудияб багьа кьуна гьеб гъалатIалъухъ, рагьун гьелъие мукIурлъизеги мукIурлъана, гьединаб гъалатI киданиги биччазеги биччаларо.

Гьелъул хIасилалда лъугьана дунлалда бищунго цебе тIураб ва тIадегIанаб гIумруялъул ва даражаялъул пачалихълъун. Щибха ккараб Россиялъул ва Дагъистаналъул? ХIалтIизаризе рекъон ругищ гьадал "щибаб халкъ мустахIикъаб бугин жидеда тIад бугеб тIалъиялъе" абурал рагIаби нилъеда хурхун?

Масала, пачаясул Россия цIогьодулебги квешабги, ритIухълъи гьечIебги букIун гьабунин тела ХХ гIасруялда хIурият. БачIана тIаде нилъ жидее "мустахIикъаб" большевиказул тIалъи.

Гьенир тахбакIидаса хабалъе анаха киналго генсекал, заман щвелалде хъулухъалдаса ана цохIо Н.Хурущев ва СССРги биххун къотIнов хутIарав М.Горбачев. МустахIикъаб букIанищха СССРалъул халкъ гьел нухмалъулезе?

Кин мутахIикълъилеб СССРалъул халкъ жидецаго бищичIеб тIалъиялъе? Дагъистаналда цохIо бетIер вищана, ГIанди хIорихъ Чачаназулгун Дагъистаналъул вакиллъиялъ имам ХIоцоса Нажмудин. Гьевги большевикаца чIвана.

ХутIарал обкомалъул секретарал, я дагъистаниял гъуризарурав Самурскийгун ГIазиз ГIалиев, я Данияловгун ГIумаханов, я Юсуповгун МухIу, хадув МухIамадгIали, МухIамадсаламгун жакъа вугев Рамазан ГIабдулатIипов нилъеца рищичIо.

Гьел киналго руго квешалги лъикIалги нилъее Москваялъ ругIарал чагIи. Гьезул цонигияв халкъалъ вищичIо, щибниги халкъалъул пикруялда, гьарикьида, разилъи яги разилъунгутIиялда бараб жоги гьезул гьечIо, Москва рази гьаби гурони. Ккколищха гьеб ахIвал - хIалалда гьадал тIадехун рехсарал "щибаб халкъ мустахIикъаб бугин жидер тIалъиялъе" абурал рагIаби нилъее данде?

Кколаро, власталъ гьабураб мекълъи хIехьеларин рахъани гьаниб Москваялъ лал тIамула халкъалда тIад, рищиязда хурхун абуни гьезул цонигив нилъеца рищичIо. Гьелъул хIасилалда гьал дунялалдаго рикIкIунел, машгьурал ва гIадамаца рес рекъанщиналъур такрар гьарулел рагIаби руго Россиялъегун Дагъистаналъе чIорогоял рагIаби.

"ЧIорогояллъунги" гьел лъугьана жиндир бетIер чIахъаяв гIурус ханасдаса рахъарал генсеказде ва жакъасел президентазде гIунтIун киназго гьеб халкъалъул пикру къаникь лъун, церехъаби рищичIого, нилъер пикруялда ва гьарикьида бараб жо течIого.

ЖамгIияталъул бакIалда улкаялда крепостноял, подданные рукIун. Гьезда рекъон регионазда ва хасго Дагъистаналда "Нилъер цохIо улка ва цохIо къисмат", "Даимго Россиялда цадахъ" абурал игIланал чIвалел ва ритIухълъиялъул гьа балел бутIрул ругебгIан мехалъ Москваялдаса батIияб демократия гьанибги букIунаро.

Пайда щиб, Россиягун федерациялъул субъектал хутIулел руго жидерго къисматгун, нухгун, хутIараб дунялалдаса батIияб нухмалъигун, халкъгун, гIумру-яшавгун. Хабар лъикIаб рагIайги.

=========================================================

Авторасул пикругун Эркенлъи Радиоялъул пикру данде ккечIого букIинеги рес буго

XS
SM
MD
LG