МагъчIваялъе рес

Расулилги ГъалбацIовасулги "цIогь" ва рагьичIеб такъсир


ГIемер букIунаан нижер дагIба цохIого цо чиясухъе кIиго батIияб пикру бачIине рес бугищ, гьечIищан абураб суалалда тIасан.

Расулилги ГъалбацIовасулги "цIогь" ва рагьичIеб такъсир
please wait

No media source currently available

0:00 0:05:01 0:00
Интернет-мухъ


Масала, цо Магърибалъул хъвадарухъанасул рагIаби руго нилъеца кидаго ракълил бицуна, памятникал щаялиго гIащтIичагIазе ралин абурал. Р. ХIамзатовас хъван буго: "Памятникал рала пачазабазе, гьаб ракьалда биял гIодор тIуразе. Жеги рагъ гьабичIев пача ватани, гьесие балаан дица памятник", - ин. Гьаб суал кьун букIана дица досие. Расул разилъана цохIого пикру бачIине рес буго абураб пикруялда. Руго разилъуларел чагIиги.

Цо нухалда дица макъала хъван букIана ГъазимухIамад ГъалбацIовасул творчествоялъулъ дандчIвалел Расулил пикрабазул хIакъалъулъ. Гьениб дица бачун букIана ГъалбацIовасул "ХIубиги гъветIги" абураб къокъаб хабар. Кьур-кьурараб, гьетIараб рицIцIил гъветIалъ хIобода абулеб буго: "Унго дур сурукълъи, дур каралъ хIанчIи рещтIунаро, рагIдукь хIухь бахъизе инсан кIусуларо... унго дур сурукълъи" - ян. ХIобоца абула: "Дунги букIана мун гIадаб гIурччинабги, берцинабги, амма дун инсанас гьадин гьабунаха, дир гIаркьалабиги гъурун гьаниб эхетана ...". - Щай? - абун хIикмалъула рицIцIил гъветI. - БитIараб букIун…», - ин жаваб кьола гIицIгояб хIобоца.

МагIна нужеда бичIчIун батила. Ракьалда инсанас ритIухълъи чIвалеб бугин, тIекълъи толеб бугин абураб пикру буго. Гьеб кIигоялъул бахIс дандчIвала Расул ХIамзатовасул "Дир Дагъистан" тIехьалдаги. Гьересигун ритIухълъи къацандула. Кинаб халкъалъе хIажат бугищали уна гIадамазухъе. РитIухълъиялъ цIогьорасда цIогьор, хIалихьатида хIалихьат, гIабдаласда гIабдал ругеб хIалалъ бицуна.

Биял тIола, кьал ккола, гIадамал чIвала. Гьерсица хьимхьидилаго ун щивасда рекъараб мацI бицуна. ХIалихьатил бахIарчи гьавула, цIогьорасда гIакъилин абула, рекъел, парахалъи, хIалхьи ва рахIат лъугьуна киса-кибего сверухъ. ГIадамаз ритIухълъиялда абула а мун гьаниса, мун бугелъуб питна камулеб гьечIо, гьабго лъикI нижееян гьереси тIаса бищула.

Цо хъинсниса щинкIун унеб ритIухълъиялда хадубги балагьун кIариялда белъула гьереси. Гьаб цоцада релълъараб, дица ГъалбацIовас Расулихъа босанин гIайиб чIвараб пикру дунял бижаралдаса нахъе художниказ, хъвадарухъабаз батIи-батIиял суратаздалъун асараздалъун бихьизабуна.

Гьалъул бетIергьан вукIине рес гьечIо. Расулица абухъе хасаб образалъул, пикру загьир гьалулеб къагIидаялъул гурони, пикруялъул вукIунаро бетIергьан. Гьеблъиялда хъвадарухъанасулгун шагIирасул творчество дица лъазабулаго тIаде ккана цо бакIалде рагIи рагIи ккун ГъалбацIовас Расул такрар гьавураб. ГъалбацIов вихьуларого вукIана дун. Гьанже гIадин телефоналгун ватсапалги рукIинчIо. Гьесул руго "Къилбаялде вуссун хъварал маргьаби" абун цо цикл. Гьенив Хъачагъ абун цIарги бугев цо бахьикъосарав герой хола ва Аллагьасда цеве эхетула. Аллагьас абула гьесда:

- ЖужахIалъуве!!! - ян. Гьев лъугьуна нунудизе, ине бокьуларого. РахIму кIудияв БетIергьанас гьесда гьикъула:

- Кивеха мун витIилев, гьелгощинал мунагьал гьарурав чи? - ян. Хъачагъица абула, алжан гьаризеги нечон вуго, жужахI гьаризеги хIинкъун вуго, цо гьоркьоб бакI бегьуларищ дие, БетIергьан? - ин.

- Кинаб гьоркьоб бакI дуе? - ян гьикъарабго абула, тIад вуссун дунялалде витIе дун, цо цебе гIадаб гуреб, нормальный гIумруги кьун абун. Расулил буго цо кечI "Суд" абураб. Гьенир руго гьадинал мухъал:

Гьал цо дир соназул сапарги лъугIун,

СиратIалъул кьоде дун щолеб мехалъ.

Дида данде чIвала гучав судияв,

Суалал кьела дий иргадал гьенир.

Гьес дида гьикъила алжангун жужахI,

Мун кинаб рахъалде витIилевилан.

Дун гьесда гьардела гьеб кIиялдаго

Гьоркьоб цо гьитIинаб бакI кьеян дие", - ян.

РагIи-рагIи ккун Расулил кечI харбилъ лъурав ГъалбацIов валагьулев вукIана дун. Щибдай ас жаваб кьелеб гьаб мисалалъе абун. Ватана Буйнакский къотIнов. Рилълъана "Рамзес" ашбазалъул подвалалде. Цо-цо борхун хадуб дица ракIалдаса цIалана Расулил гьадал мухъал ва ургъунго вуцIцIун чIана гьимулаго. ГъалбацIов жиндиего хасиятаб хIалалъ кIарун велъана ва байбихьана ахIдезе.

- Бисав!!! Расул гьардолев вуго жиндие гьоркьоб бакI кьеян ва лъалеб гьечIо жиндие щиб къварегIун бугебали. Дида лъан бугелъул, дида батун буго, - ян

- Щиб дуда батараб?

- Гьоркьоб бакIха... Дир Хъачагъица абулеб бугелъул. ТIадвуссун дунялалде виччаян, дида батун буго - ян велъизе лъугьана ГъалбацIов. Дида лъаларо гьаниб адабияталъул нормабаца щиб хIукму къотIулебали, амма цIакъ гьунарги бугел, пикруги бугел гIадамал рукIана, мунагьал чурун ратайги. Цере хъвадарухъабиги рукIана, пикрабиги рукIана, бахIсалги рукIана, гьанже рацIцIун халкъиял поэтал руго, халкъалда лъалеб асарго батулеб гьечIо.

Хабар лъикIаб рагIайги.

======================================================

Авторасул пикругун Эркенлъи Радиоялъул пикру данде ккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG