МагъчIваялъе рес

Бокьизе тIамун бокьулищ литература?


Литератураялъул сон: щиб гьелъ кьураб?

2015 сон тIолабго Россиялда лъазабун букIана Литератураялъул сонлъун. Сон рагьулаго абулеб букIана гьеб акциялдалъун ракIалда бугин гIадамазул тIахьал цIалиялде рокьи бижизабизе ва литератураялъул кIвар борхизабизейин. Кинал хIасилал гьаризе бегьулеб Литератураялъул сон рагIалде бахъиндал?

Литератураялъул сон кколин акция, акциялъул кумакалдалъун кьочIодаго ахIвал-хIал хисизе лъидаго ракIалда букIунарин, гьелъул магIна кколин хIукуматалъ гьеб гIунгутIи загьир гьабун, гьелде кIвар буссинаби. Амма жакъа бугеб хIалалда школазда ва институтазда лъай кьеялъул процесс цебе унеб бугони, лъабго ункъо соналдаса цебе лъай кьеялъул кьочIолъ букIараб литератураялъул кIвар тIубанго тIагIине бугин рикIкIунеб буго филологиял гIелмабазул кандидат, мугIалим Муса ХIажиевас. Гьелъие аслияб гIиллаги бугила Цогояб пачалиъияб экзамен, жинца тIубан литератураялъул кIвар лъугIизабулеб бугеб. Исана соналдаса литератураялъул сочинение хъвазе бихьизабун бугин, амма гьелъги ахIвал-хIал лъикIаб рахъалде хиси щакаб бугин баян гьабуна гьес.

Кин араб литератраялъул сон ва кинал хIасилал гьаризе бегьулели баян гьабулаго «Эркенлъи» радиогун букараб гара-чIвариялда мугIалимас баян гьабуна мугIалимзабазе гIадаб иш бугин литература цо заманаялъулаб акция гIадин къабул гьаби, амма гьединал акцияби хIажат ругин, щай гурелъул гьелда жанир чанги пайдал тадбирал рукIиналъ.

Муса ХIажиев: «КигIан гIунгутIаби рукIун ратаниги, школалда литература лъазабиялъул букIараб система жакъаялде биххун бугин абизе бегьула. ТIадегIанал цIалул идарабазда ва школазда литература цIалдохъабазда малъулел чагIазда бичIчIула ва бихьула кинаб хIалалда гьеб бугебали. Гьединлъидал, цо бихьизабураб заманаялъ гурого гьелде кIвар кьунгутIи гIадлъула, гьелдасанго бижулеб батила тIадрелъанхъиги щибин гьеб лъагIалица кьелебин абураб. Амма гьеб заманалда жаниб жамгIияталъул кIвар литератураялде буссинабулел гIемер тадбирал тIоритIана республикаялда. Гьединаллъун кколаПоэзиялъул театрги, гьениб жакъа къоялда лъуна чанго спектакль: Лермонтовасул ва Пушкинил асараздасан, гьединго тIоритIана чанго кучIдул цIалиялъул сардал. Телевидениялдаги, «Культура» каналалда «Война и мир» асаралъул цIалиял тIоритIана. ТIадегIанал цIалул идараязда рукIана хъвадарухъабигун дандчIваял, масала Дагъистаналъул пачалихъияб университеталда МГУялъул профессор, хъвадарухъан Владимир Новиковгун данчIвай гьабуна дица студентазе. Гьел разиги рукIана. Литератураялъул сон тIобитIи ккола цо тайпа литератураялде кIвар буссинабизе ругел ресазул».

Муса ХIажиевас гьединго бицана жинца дарсал кьолеб 39 лицеялда цIигьабунин гIодоркъоялъ школалде рачIун рагIун тIахьал цIалиялъул гIадат, гьеб кинабго кIвар бугеб хIасиллъун рикIкIунеб буго мугIалимас.

Литератураялъул сон лъазабунин абун гIадамазул 12 моцIида жаниб бачIун гьелде рокьи бижун батилин рикIкIин бугила мекъаб пикру, сон лъазабун гуреб, комплексалъул хIалалда тарбия ва лъай кьеялъул система цIубазабиялдалъун тIубазе кколила гьеб масъалайин рикIкIунеб буго «Дагъистан» журналалъул бетIерав редактор МухIамад БисавгIалиевас.

Журналист Светлана Анохиналъ бицана сонал лъазари жиндие къабуллъуларин, Дагъистаналдаги цо-цо данделъиял тIоритIун ва цо-цо хъвадарухъабазе жидедего кIвар буссинабизе рес щвей гурого батIияб хIасил бихьулеб гьечIилан. ТIахьал цIализе бокьулел чагIаз гьел кидаго цIалулила, гьединлъидал гьелул бихьулеб асар гьечIила, китабханаялги церего гIадин чIорого ругила. ГIицIго «Война и мир» асаралъул цIалиял кканин гьеб лъагIалил хутIарал лъикIал ракIалдещвеялин бицана гьелъ «Эркенлъи» радиоялъе.

ТIахьал цIалиялде рокьи тIагIиналъе гIиллабазул цояб кколин цебе тIехь цIали аслияб тайпа букIин эркенаб заман тIобитIиялъул. Гьанже, компьютер ва интернет бахъидал, гьеб нахъисеб бакIазде ун бугин, лъималаз рокъобе литератураялъул асар цIализе кьедал, гьедигIан кIудияб щайин кьолебин гьикъи букIунин захIмалуъун. ГIицIго Цогояб пачалихъияб экзамен кьеялде руссун, хутIараб кIвар гьабичIогон толеб бугин бицан мугIалим ХIусейнова ГIайшатица.

Жиндир заманаялъ бищун цIалдолеб улкалъун букIараб хIукуматалда жакъа тIахьал цIалиялъе гIадамаз хвезабулеб буго гьоркьохъеб куцалда, анкьида жаниб гIицIго 7 сагIат, гьединал баянал кьолел руго «NOP World» абураб дуналалъулго тIахьазул дармил компаниязул цоялъ. Бищун цIалдолеб хIукуматлъун ккун буго Индия, Хадубго Таиланд ва Китай.

XS
SM
MD
LG