МагъчIваялъе рес

Щай гьанжеги ратичIел ХI. Камаловасул чIвадарухъаби?


15 декабралда ункъо сон тIубала Дагъистаналъул «Черновик» газета гIуцIарав ХIажимурад Камалов чIваралдаса. Амма ункъо сон аниги гьев чIварал чагIи жеги кквезе щун гьечIо ва цIех-рехалъул хIалтIуда жаниб щибниги цIияб хIалтIи загьирлъулеб гьечIилан абулеб гьесул гIага-божараз.

ХIажимурад Камалов чIвана 2011 соналъул 15 декбаралда «Черновик» газеталъул редакциялда цеве. Гьев чIваялъ кIудияб ахIи-хIур багъаризабуна гIицIго Дагъистаналдаги, Россиялдаги гуребги – тIолго дунялалдаги. «Черновик» газеталъул журналистаз рорхулел рукIана ришватчилъиялъул, коррупциялъул, полициялъ гьабулеб зулмуялъул темаби ва цIакъ кIудияб асар гьабулаан жамгIияб пикруялъе.

ХIажимурад Камалов чIван бащдаб лъагIел араб гIадаб мехалъ 2012 соналъул маялда тIибитIун букIана хабар гьев чIварал чагIи ралагьизелъун Россиялъул цIех-рехалъул комитеталъул хIалтIухъабазул къукъа бачIине бугин Дагъистаналдеян. Гьезул кумекалдалъун цIех-рехги рагIалде бахъинин, ХIажимурад чIварал чагIиги ратилин абураб хьул букIана доб мехалъ ХIажимурад Каамаловасул вац Магьди Камаловасул, амма цIех-рехалъул хIалтIулъ кинабгIаги цебетIей лъугьинчIин гьелдаса чан сон анигиян бицана гьес «Эркенлъи» радиоялъе.

Магьди Камалов: «Гьез гьабураб хIалтIиги ккечIо, оперативияб къагIидаялъ тIоритIизе кколел тадбиралги тIоритIичIо, заманги ана гIадада. Дида лъаларо гьалдаса хадубги кинаб къагIидаялда хIалтIизе ракIалда бугеб Шималияб Кавказалда бугеб ЦIех-рехалъул комитеталдаяли. Лъаларо, дир хьул гьечIо ХIажимурад чIварал ратилин гьанжеян. Гьел ратизе бегьула цо анцIго сон ун хадубниги. Кисан баккунги гьеб баян къватIибе лъачIого хутIиларо».

ХIажимурад Камаловги, гьединго 2013 соналъул июналда чIварав «Новое Дело» газеталъул журналист АхIмаднаби АхIмаднабиевги чIварал чагIи ралагьи дурго бербалагьиялде гъоркье босеян гьарун букIана исана, президент Путинилгун букIараб дандчIваялда политолог ва жамгIияв хIаракатчи Маским Шевченкоца. Амма гьелдаса хадубги лъалеб цебетIей гьениб лъугьун гьечIо. Гьанже гьесда ракIалда буго цоги нухалъ Путингун дандчIван, тIадехун бицен гьабурал журналистал чIврал чагIи ралагьизелъун ХIинкъигьечIолъи цIуниялъул хIалтIухъабаздаса хасаб къукъа гIуцIеян президентасда абизе.

Максим Шевченко: «Цин хабар букIана ХIажимурад рохьилаз чIван вугилан. Амма дида лъалеб бакIалдаса гIебеде ХIажимурад жидерго чIегIераб сияхIалде восун вукIана Гъизилюрталъул «Робин гудал» абулеб къукъаялъ. Рохьилаз гьесул цIар бахъулеб букIинчIо.

Дие чан сон кьун батаниги Аллагьас, дун чIаго вугебгIан мехалъ дица гьоркьоб къотIизе тезе гьечIо ХIажимурад чIваялъул цIех-рехалда хурхун гьабулеб хIалтIи. Гьеб буго дида тIад лъураб налъи, дир гIумрудул борч. Гьев дир лъикIав гьудул-гьалмагъ гуревги, цIакъ сахав бихьинчиги вукIана. Кинаб зарал диеги, дир карьераялъе кколеб бугониги дица гьеб гьоркьоб къотIизе теларо, ТIадегIанас борцунеб жо гуро гьеб карьера, гьес хIисабалде босулеб гIамал батIияб буго».

1991 соналдаса нахъе чIванги араб бакI лъачIогоги Россиялда тIагIун вуго 230 журналист. Амма гьезул хIакъикъияб къадар жеги цIикIкIараб букIине рес буго.

1992 соналдаса нахъе Дагъистаналда чIварал журналистазул къадар ккола 17 чи. Гьезул цонигияв чIварав чи лъалев гьечIо. Гьезда гьоркьор руго гIадатиял журналисталги, информациялъулгун басмаялъул министралги.

«Репортеры без границ» абураб халкъазда гьоркьосеб гIуцIиялъ тIиритIизарурал баяназда рекъон, 2014 соналда жанив дунялалда чIван вуго 66 журналист.

XS
SM
MD
LG