МагъчIваялъе рес

Журналист ГIабдулмалик АхIмадилов чIваразе тамихI къотIана


30 марталда МахIачхъалаялъул Ленинский мухъалъул диваналъ Мурад ШугIайбовасдаги ГIиса ГIабдурахIмановасдаги тIад чIезабуна журналист ГIабдулмалик АхIмадилов чIвай. Гьедин ШугIайбовасе кьуна туснахъалъул 10 сон, ГIабдурахIмановасе – микьго сон. Байбихьуда гьезде гIунтIизабулеб букIана «Черновик» газеталъул бетIергьан ХIажимурад Камалов чIваялъул гIайибги.

Гьеб хIужа ккана щуго соналъ цебе - 2009 соналъул риидал. ГIабдулмалик АхIмадилов вукIана «Сугъралъ» газеталъул бетIерав редакторлъунги «ХIакъикъат» газеталъул жавабияв секретарьлъунги.

АхIмадиловасул лъадул рагIабазда рекъон, гьелъул рахIатхвезе байбихьун буго эбелалъе дару босизе къватIиве арав ГIабдулмалик вачIине кватIидал. Цинги мадугьалзаби тIаде ккун руго гьезул авалалде рачIунеб нухда машинаялда жанив чIван ватарав АхIмадиловасда. ЦIех-рехчагIаз бицухъе, гьесда речIчIун бугоан винчестералдасан, машинаялда жанив вукIаго. Гьедин квегIаб рахъалдасан речIчIун бачIараб жоялъ лъугьинабураб кIудияб каратI букIана гьесул машинаялда.

Гьеб такъсир гьабизе кинаб ярагъ хIалтIизабун бугебалиги цогидалъеги хIажалъулеб экспертиза тIобитIулеб гьечIин цIех-рехчагIазилан бицун букIана ЭР-ялъе 2011 соналда гьединго чIварав «Черновик» газеталъул бетIерав редактор ХIажимурад Камаловас. Къойилго гIадин гьелда релълъарал такъсирал кколеб республикаялда гьединаб экспертиза гьабун бажарулеб техника гьечIин, Москваялдаса ахIичIогойин абулеб бугила.

ЦIех-рехалъул баяназда рекъон, ГIабдулмалик АхIмадиловасда речIчIун буго Мурад ШугIайбовас, такъсир гьабураб бакIалде ШугIайбов вачун вуго ГIабдурахIмановас. АхIмадиловасул рахъалъе къваригIун букIана ГIиса ГIабдурахIмановасдеги Мурад ШугIайбовасдего гIадаб гIайиб гIунтIизабизе. ЦIех-рехалъ рикIкIунев букIана АхIмадилов чIвазе жиндирго машинаялда ГIабдурахIмановас щвезавун вугин ШугIайбов.

ГIабдулмалик АхIмадиловасул вац Мурадица ЭР-ялъе абуна щибниги тамихIго гьабичIого тезегIан, гьеб микьгоги анцIгоги сон кьейги лъикI бугин дол кIиязего.

Мурад АхIмадилов: «Цо гьитIинабго ритIухълъи кканаха. ТIокIаб кинаб пикру дица бицинеб? Хадуб щиб букIунебали балагьизе ккелаха гьелъухъ».

ЭР: «Дуда ккола диваналъ битIараб хIукум къотIаниланищ?»

Мурад АхIмадилов: «БитIарабиланги кинха абилеб? Гьединго лъикIха, щибго кьезегIанго течIого».

ЭР: «Жидехъа сурав гIакъубаги кьун босанин абулеб букIанаха гъоз».

Мурад АхIмадилов: «РукIанаха, гьадингосел харбал рукIанаха гьезул гьел, дида лъалеб бакIалъа гIебеде. ЧIванкъотIун лъачIониги, лъалаха гьеб такъсир гьез гьабун букIин, лъалаха».

ЦIех-рехалдаги жибго диваналъул хIукмуялда тIасанги пикру цIехезе ЭР-ялъ бухьен гьабуна АхIмадиловазул адвокат Бияхъай МухIамадовасулгун. Амма гIайиб тIад чIезабиялда бан гьабураб документ кодобе щвечIого, тIолалго гIунгутIабазул яги цогидалъул бицине захIмалъулин абуна гьес.

Бияхъай МухIамадов: «Диванчияс щай гъоб 8 ва 10 сон кьурабали лъаларо, мисалалъе. Прокурорас тIалаб гьабулеб букIана 12 сон. ТIалхIатица (ГIабдулмаликил эмен) гьарулеб букIана 13 сон ШугIайбовасе, 10 – ГIабдурахIмановасе. Амма диванчияс щай гъоб кIиго сон тIаса бахъарабали щуго къоялдасан гурони мухIканлъуларо. Гьеб мехалда гурони нижехъе приговор (гIайиб тIад чIезабиялда бан гьабураб документ) щоларо».

Мурад ШугIайбовасул адвокат Мурад Иманшапиевас ЭР-ялъе бицана жидеда ракIалда бугин Ленинский мухъалъул диваналъ ШугIайбовасегун ГIабдурахIмановасе къотIараб хIукмуялда дагIба базе.

Мурад Иманшапиев: «Гьаниб хIакъикъат чIезабизе кIвечIони, ниж Москваялде ина, гьенибги жо ккечIони, халкъазда гьоркьосеб диваналде щвезегIан ина. Ленинский мухъалъул диваналъ гьабуна цIакъ мекъаб хIукму. Ниж гьелда рази гьечIо. Цебеккунго ургъизеги ургъун гьабураб чIвай-хъвейин чIезабуна гьеб. Гьедин чIезабиялъе кинабгIаги далилги гьечIо гъоба. ЦIех-рехги гьабун гьеб иш диваналде бачIаралдаса бана лъагIелги ункъо моцIги. Гьебщинаб мехалда руго ниж бицунел, бичIчIизабулел – гьел чагIи гIайибиял гьечIилан. Цебеккунго ургъизеги ургъун гьабураб чIвай-хъвей гьеб букIиналъул хIакъалъулъ цIар бахъараб цониги бакI гьечIо анцIила микьабго томалдаги».

ЭР: «Дица цо агентлъиялъул сайталда цIалана Мурад ШугIайбов мукIурлъун вугин гьеб такъсиралъе. Гьедин гьес абулеб видеоги бугилан. Бугищ гьединаб видео?».

Мурад Иманшапиев: «Мун дида тIаса лъугьа, чи лъикIаланго хIинкъизавуни, ругел-гьечIел цаби-гIусалги рахъун толев вугони, бокьарав чияс тIаде босула бокьараб такъсир. Гьелъул хIакъалъулъ нижеца щибаб данделъиялда бицунеб букIана. Амма гьелда хурхун кинабгIаги хIукму къотIичIо диванчияс».

ГIабдулмалик АхIмадилов чIваялъул гIайибалда цадахъго ШугIайбовасдеги ГIабдурахIмановасдеги гIунтIизабулеб букIана ХIажимурад Камалов чIваялъул гIайибги.

Гьездаса гьеб гIайиб тIаса бахъизе кколин суал лъун букIана диваналъул тIоцебесеб данделъиялда адвокат ГIадилгерей ГIумаровас. Щайин абуни гьелъие гIурал далилал щун гьечIин цIех-рехчагIазухъе.

Гьелда бан адвокат Бияхъай МухIамадовас гьадин бицунеб буго ЭР-ялъе.

Бияхъай МухIамадов: «Мурад ШугIайбовас диваналда абуна гьеб гIайиб тIаса реханин жиндаса. Амма тIаса реханин хадуб цIидасан гIунтIизабиялъе гIоло».

Мурад ШугIайбовасегун ГIиса ГIабдурахIмановасе гьабулеб диваналде журналистал риччалел рукIинчIо.

ГIабдулмалик АхIмадиловас макъалаби хъвалаан республикаялда лъугьараб жамгIиябгун политикияб ахIвал-хIалалда тIасан. 2008 соналда Россиялдаса гIолохъанал политологалгун цадахъ Шималияб Кавказалдаса цохIо гьев витIун вукIана Алманиялде, Бундестагалде хасаб лъай босизе.

ГIабдулмалик АхIмадилов ккола 20 соналда жанив республикаялда чIварав 17 журналистасул цояв. Гьезда гьоркьоса гьесул иш гурони цIех-рехги гьабун, диваналдеги щвечIо.

XS
SM
MD
LG