МагъчIваялъе рес

Журналист ГI. АхIмадилов чIваялъул ишалъул процессалда ахIдун кIалъалел руго


10 ноябралда МахIачхъалаялъул Ленинский мухъалъул диваналда дагIба ккун буго Мурад ШугIайбовгун ГIиса ГIабдурахIмановасда ва прокурорасда гьоркьоб. Прокурорас рогьрал ран, гьел кIиязго лъазабуна жидеца инкар гьабулеб бугин диванчиясдасаги прокурорасдасаги. Амма кигIан инкар гьабулеб букIаниги, гьезие гьел хисичIо.

Мурад ШугIайбовасдегун ГIиса ГIабдурахIмановасде гIунтIизабулеб буго «ХIакъикъат» газеталъул вукIарав жавабияв секретарь ГIабдулмалик АхIмадилов чIваялъул гIайиб.

Гьеб диваналде журналистал риччалел гьечIо исана апрелалдаса нахъе. Гьединлъидал мухIканлъи гIицIго адвокатаздасан яги гIайиб гIунтIизабулезул гIагарлъиялдасан гурони лъазе рес гьечIо. Гьединлъидал ЭР-ялъ хIалбихьана къварилъи ккаразул адвокат Бияхъай МухIамадовасулгун бухьен гьабизе. Амма гьес жаваб кьечIо.

Бухьен гьабизе бажарана гIицIго гIайиб гIунтIизабулезул адвокат ГIадилгерей ГIумаровасулгун.

10 ноябралда диваналда ккараб дагIбаялъул гьадин бицунеб буго гьес.

ГIадилгерей ГIумаров: «ШугIайбовасулгун скандал гьабуна пачалихъияв гIайиб гIунтIизабулес. Жегиги цIех-рехалъ ракIарарал хIужабазухъ хал гьабун бахъинралдего гъов ахIдана ШугIайбовасде жив мун гIадав чIвадарухъан гурилан».

Къануналда рекъон, диван ахиралде щвезегIан лъилниги ихтияр гьечIо мун такъсирчи вугилан гIайиб гIунтIизабулесда абизе. Гьединлъидал гIайиб гIунтIизабулесул ихтияралдаса пайдаги босун, ШугIайбовас гIарза хъван буго жинца гьев прокурорасдаса инкар гьабулеб бугилан.

ГIадилгерей ГIумаров: «ШугIайбовас гьенир цоги-цоги жалги рихьизаруна. Масала, жанире журналисталги риччачIого диван гьабизеги, диванчиясда дандги бан, прокурорас гьабунилан хъвана гьес. Гьединго щибаб рагIи абун хадув ахIдолила гьев, гIайиб гIунтIизабиялъул даптар генералияв прокурор хисулес тасдикъ гьабун букIиналъ, кверал рухьун ругин жиндирилан».

Амма адвокат ГIадилгерей ГIумаровас абулеб буго гьабулеб диван бокьараб бакIалде щвараб мехалдагицин ихтияр бугила прокурорасул пуланав чиясде гIунтIизабулеб гIайибалдаса инкар гьабизе, гьеб хисизабизе. Гьеб гьабизе бегьулила гIайиб гIунтIизабиялъул даптаралда гъоркь гъулбас живго генералияв прокурорас гьабун букIун батанигицин.

ГIадилгерей ГIумаров: «Генералияв прокурор хисулев Сыдорукица тасдикъ гьабураб гIайиб гIунтIизабиялъул даптар ритIухъ гьабизе кколин хъвараб бакI гьечIо къануналда. Цинги ахиралда вуго прокурор ахIдолев мун вугила чIвадарухъабазул наслуялъул чи. I8 сонги кьун туснахъалда вац вуго гъосул (ШугIайбовасул – авт.). Гьединлъидал наслуго чIвадарухъабазулищ букIунеб?».

Щиб гьабунги гьеб диван халатбахъинабизе къваригIун бугин гIайиб гIунтIизабулезул адвокатазеян абулеб буго къварилъи ккараз. Амма ГIадилгерей ГIумаровас бицана живгIан гьеб хекко лъугIизе къваригIарав чи гьечIин. Гьединан жидеца кагъатгицин хъван букIанила диванчагIазул махщалилаб коллегиялде. Диваналъул данделъиялде прокурорги вачIинчIого, щугониги нухалда нахъбахъанила гьеб.

ГIадилгерей ГIумаров: «Нижер гIайибалдалъун цониги нухалда нахъбахъичIо гьеб. Бихьулищ цо, нижеца цониги кагъат хъванани, заман чIвазе къваригIун бугилан абулеб буго. Гьедин батани, щибха, прокурорасулги цогидазулги къолохъейищ ниж кьурдизе кколел, диваналда риччалел гъалатIазухъ балагьунги чIун? Гьеб киналдасаго хIажатаб суал буго «ЧIванищ гьагъав чияс гъов, чIвачIевищали?». ЦIех-рехалъул баянал данделъараб даптар цIаларав чиясдаги бичIчIула гьеб. ВачIа абе дида аскIове бокьарав чи, дица бихьила гьезда гьеб. Гьалги-гьалги гъалатIал ругилан диваналда рихьизаруни, прокурор лъугьуна эхе-эхеде кIанцIизе, диванчи лъугьуна, къварилъи ккаразул адвокатал лъугьуна… Нужеда къанунал лъалел гьечIилан малъаризе байбихьула».

Мурад ШугIайбовасегун ГIиса ГIабдурахIмановасе разилъи кьечIо прокуроргун диванчи хисизе. Диванчи хисизе гIарза гьез цебеги чанцIулго кьун букIана.

XS
SM
MD
LG