МагъчIваялъе рес

Сугъулдерида сверухъ хIаял


Дагъистаналъул Халкъияб мажлисалъул депутат ва бизнесмен Шамиль ГIисаевас Москва шагьаралъул диваналде гIарза хъван буго Россиялъул журналистал Орхан Жамалида ва Максим Шевченкода тIасан. Гьединго гьеб гIарзаялда рехсолел руго ГIисаевасда тIасан гьез къватIибе кьураб информация тIибитIизабурал информ-алаталги. Гьедин интернеталде рехун букIана "Черновик" газеталъул бетIергьан Камалов ХIажимурадги "Сугъралъ" газеталъул бетIерав редактор АхIмадилов ГIабдулмаликги депутат ГIисаев Шамилица чIванилан хъвараб макъала. Гьелдаса хадуб журналист Максим Шевченкоца гьебго пикру такрар гьабуна «Дождь» абураб телекомпаниялдасан ва Rukavkaz сайталдасан.

Москваялъул диваналде гьеб гIарза щвелалде депутат ГIисаевасул цойги гIарзаялъул хал гьабун букIана МахIачхъалаялъул Кировский мухъалъул ва Дагъистаналъул ТIадегIанаб диванчагIаз.

Депутатас дагIба балеб букIана гIадамазда цебе республикаялъул журналистазул цолъиялъул нухмалъулев ГIали Камаловас рагьун загьир гьабураб пикруялда. Гьес абун букIана «Черновикалъул» бетIергьан Камалов ХIажимурадги «Сугъралъ» газеталъул бетIерав редактор АхIмадилов ГIабдулмаликги чIваялдехун Шамиль ГIисаевасул бухьен бугилан. Гьелдаса хадуб МахIачхъалаялъул Кировский мухъалъул диваналъ гIайибиявлъунги рикIкIун, бугьтан лъуралъухъ Шамиль ГIисаевасе 60 азарго гъурущ кьезеги тIамун вукIана журналистазул цолъиялъул нухмалъулев. Цинги гьелда дагIба бан гьес иш ТIадегIанаб Диваналде битIана. Гьениб хIукму журналистазул цолъиялъул нухмалъулесе данде кколедухъ къотIана. Диваналъ чIезабуна Шамиль ГIисаевасда бугьтан лъолеб жоги щибниги абун гьечIин ГIали Камаловас, гьединго гьесие пайдаялъе 20 азарго гъурущ бецIизеги тIадаблъун гьабуна ГIисаевасда.

ПалхIасил, цин Орхан Жамалица, хадуб Максим Шевченкоца интернеталдасан ва телевидениялдасан такрар гьабуна Шамиль ГIисаевасул рахъалъ ГIали Камаловас абурал рагIаби. Гьедин гьанже Россиялъул журналистазул кIалдибги лъолеб бугин гьебго пикру Шамиль ГIисаев данде кколарел чагIазин абулеб буго депутатасул рахъкколез.

Орхан Жамалица хъвалеб буго Дагъистаналда прессаялъул хIалтIухъаби рохьилаз чIвалилан абулин, хIакъикъаталдайин абуни такъсирчагIазул лъалкI парламенталдаса гIебеде балагьизе кколин. Хас гьабун бицунеб буго Мурад ШугIайбовасул. Гьесде гIунтIизабулеб буго ХIажимурад Камаловги ГIабдулмалик АхIмадиловги чIваялъул гIайиб. Жамалица хъвалеб буго АхIмадиловасул иш лъугIизабизе тIадкъай жиндие АбихIасанов МухIамадица кьунин абун бугила Мурад ШугIайбовас. Шамиль ГIисаевасул хъаравуллъиялда хIалтIулев вукIун вугила гьев.

Гьелда бан ЭР-ялъ бухьен гьабуна живго Шамиль ГIисаевасулгун. АбихIасанов МухIамад киданиги хIалтIичIин жиндир хъаравуллъунин жаваб кьуна гьес. Гьединго макъалаялда рехсолев ГIиса ГIабдурахIмановги, Орханица хъвавухъе, киданиги вукIинчIила жиндир хасав шоферлъун.

Гьединго макъалаялда авторас бицунеб буго Сугъралъ росулъеги вачIун жанисел ишазул министерлъиялъул вакил МухIамадов МухIамадовас балеб букIараб минаялъул. Шамиль ГIисаевас жаваб кьуна гьев вугин аскIоб бугеб ГIунтIиб росулъа чи. Гьединлъидал жидер росулъеги вачIун кинин гьес мина базе кколеб букIараб. ГIабдулмалик АхIмадиловги гIезегIан лъай бугев, лъикIав вас вукIанилан жиндир яцалъ бицун лъалила. Гьел рагIула цо классалда цIаларал чагIи. ХIажимурад Камаловасулгунги жиндир кинабгIаги тушманлъи букIинчIила. Жинде гIайиб щолеб жо гьес «Черновикалда» хъван батидал, кIиялго дандги чIван, бихьинал гIадин цоцадаги кIалъан, ратIалъулаанила.

Орхан Жамалил рагIабазда рекъон, ХIажимурадил имгIал ГIали Камаловас киданиги балъго гьабулеб букIун гьечIо Шамиль ГIисаевас гьев чIваялда жиндир щаклъи гьечIолъи.
ГIали Камаловасул адвокат Бияхъай МухIамадовас рикIкIунеб буго макъала гьединисан хъванилан Орхан Жамалица кинабгIаги бугьтан лъолеб гьечIин Шамиль ГIисаевасда тIад. Щайин абуни бугьтан кколила гьабураб щибниги такъсир, яги цогидаб лъугьа-бахъинги гьечIого гьелъие гIайибиявлъун цониги чи гьави. Амма гьабураб такъсирги букIаго гьелъие гIайибиявлъун пуланав чи вугин абизе, ялъуни гьединан ракIалде ккезе ихтияр бокьарав чиясул бугила.

Бияхъай МухIамадов: «Нилъеда лъалаха чамалиго журналистги чIван вуго, гьев живго ГIисаевасухъаги цIех-рехчияс ахIун суравги босун букIана. Гьединлъидал хIакъаб хIужа ккун бугелъул, бугьтан лъун бугилан гIайиб Орханида тIад чIезабизе кIоларо гьезда».

Амма Шамиль ГIисаевасул пресс-секретарь Вадим Самодуровасул пикру батIияб буго гьелда бан. Масала, Шамиль ГIисаев квешав чи вугилан гьесдехун жидерго хасаб бербалагьи загьир гьабун тарабани Орхан Жамалицаги Максим Шевченкоцаги, батIияб иш букIинаанила.

Вадим Самодуров: «Амма иш гьелъулъ гурелъулха бугеб. Гьез ГIисаевасде гIунтIизабулеб буго кутакалда вахIшияб такъсиралъул гIайиб. Орхан Жамалицаги тIокIалъ чIечIого, цо лъидеялиго мугъчIвайги гьабун бицунеб буго гьелъул хIакъалъулъ. Батани, диваналда цебе чIезабизе ккола гьез иш гьедин букIин. Махщалил рахъалъул мукъсанлъи ккола гьеб. Гъоя къватIий ятарай кIодоца рицине бегьула гьединал жал. Амма журналистас мугъчIвай гьабизе ккола харбазде гурел, чIванкъотIарал хIужабазде».

Орхан Жамалил гьеб макъалаялда бихьизабун буго буго гIицIго ГIали Камаловасул рахъ, Шамиль ГIисаевасул рахъ гьечIо.

Гьедин батани, гьал къоязда «Московский комсомолец» газеталъ бахъараб макъалаги бугин гьелдаго релълъарабин рикIкIунеб буго адвокат Бияхъай МухIамадовас.
ГIали Камаловасул рахъккурал цогидазги абулеб букIана Шамиль ГIисаев сурав босизе вачIунев гьечIин, гьев Англиялдеги ун вахчун чIун вугилан. Живго ГIисаевас диваналъул цо данделъиялда абуна лъидасаниги вахчарулев гьечIолъиги МахIачхъалаялда вукIинги бихьизабизе жив ургъунго вачIанин гьаниве. ЧанцIулго сурав босанин жиндихъа журналистал Камалов ХIажимурадгун АхIмадилов ГIабдулмаликги, Дагъистаналъул телевидениялъул вукIарав нухмалъулев ГIабашилов ХIажиги чIваялда хурхун.

Гьесул пресс-секретарь Вадим Самодуровас тIадежубана Дагъистаналъул ТIадегIанаб диваналда Шамиль ГIисаев къунин абураб жоялъул магIна кколарин, гьелда тIадехун бугеб диваналда ГIали Камалов бергьине вук1ин.
XS
SM
MD
LG