МагъчIваялъе рес

Дагъистаналда кIиго журналист вухун ва цояв ккун вукIана


РагIуе эркенлъи букIинабиялъул рахъалъ Россиялъул фондалъ гьал къоязда тIиритIизаруна журналистазул хIалтIуе квал-квал гьабиялда хурхарал баянал.

2014 соналда Россиялда азаралда анлънусидаса цIикIкIун ккун буго гьединаб хIужа. Гьезда гьоркьоса 37 хIужа буго Россиялъул Къилбаялъул рахъалда ккараб. Гьелда гъорлъе уна Дагъистаналда кIиго батIияб газеталъул редакторал рухиги – Дербенталда биччалеб газеталъулги сахлъи цIуниялъул министерлъиялъулги газетазул нухмалъулел ккола гьел. Гьелде щвезегIанго лъагIалил байбихьуда паспорт батичIин кодобилан Буйнакск шагьаралда ккун вукIана парангазул «Ля Фигаро» газеталдаса журналист Пьер Арвильги.

ТалихIалъ, 2014 соналда Дагъистаналда журналист чIвачIо. Гьелда цебесеб соналда чIвана «Кавказский узел» агентлъиялъулгун «Новое дело» газеталъул журналист АхIмаднаби АхIмаднабиев.

РагIуе эркенлъи къотIинабун къараб газета яги телепрограмма рагIичIо гъоркьисала республикаялда. ГIицIго «Эхо Москвы» радио букIана чIезабун. Цо чанго къоялдасан гьебги хIалтIана. Дагъистаналъул нухмалъи какула гьенисан гIемерисеб мехалда. Амма гьелда бараб жо букIинчIин, лицензиялда гурониян бичIчIизабуна гьеб гIунгутIи Роскомнадзор абураб идараялъ.

Кагътида хъвараб жоялъул, хасго советияб заманалда къватIире рачIунел рукIарал газет-журналазда хъварал макъалабазул къуват букIанин бицуна чIахIияб гIелалъул дагъистанияз. Гьеб рагIи рагIулаанила улкаялъулги республикаялъулги бетIерасда, гьедин кколел хиса-басиялги кIудиял рукIунаанила. Гьанжеялдаса 15-20 соналъ цебе букIараб гIанасебгицин къимат гьечIила жакъа прессаялъул.

Масала, ЭР-ялъулгун букIараб гара-чIвариялда гьединаб пикру загьир гьабуна Гъизляр шагьаралъул прокуратураялъул хIалтIухъан АхIмад ХIасановас.

АхIмад ХIасанов: «Хъвараб макъала гьоркьоб унеб бугони, гьелъие жавабги кьечIого, хъвачIого щай течIеб гьебин абураб суал бачIуна. Гьединаб къимат гьечIеб бакIалде бачIун буго журналистика, дир хIисабалда. Нуж, журналистал, битIараб жо хъвалел чагIиги руго. Гьеб унти буго, гьеб гьедин бигьаго тезе кIолеб жоги гуро. Гьединлъидал гIемер чIвалелги руго нужер коллегаби. Журналистазул хIалтIул къимат гьабизе кканинаи, гъолъие цIикIкIун гIарацги кьезе ккола. Хъвараб жоялдаса жавабги тIалаб гьабизе ккола. Цебе цо пуланаб макъалаялъе жаваб кьезе бихьизабураб болжал букIунаан. Гьедин тIадчагIаз редакциялде жаваб битIизе кколаан гьениб хъвараб жо мекъи батанин, яги битIараб батанилан».

Халкъалъул пикру лъазабулеб централъул баяназда рекъон, гьикъа-бакъи гьабурал россиялъулазул 77 проценталъе рекIее гIолел руго кагътида кьабарал газет-журналал. 58 проценталъ гIадамазе бокьулеб буго интернеталдасан цIализе.

Гьединго къойидаса-къойиде Дагъистаналдаги цIикIкIунел руго кагътида кьабараб газетал нахъе цун, цIияб харбалги аналитикаги интернеталдасан цIалулел гIадамал. Амма кин букIаниги, кагътил газетал къваригIарал чагIиги ругин бицана ЭР-ялъе Хунзахъ мухъалъул «Росдал захIматчи» абураб газеталъул бетIерай редактор Фатима МухIамадовалъ.

Фатима МухIамадова: «Мунагьал чураяв дир инсуца бицунаан редакциялда хIалтIулеб заман букIанила жиндир бищун талихIаб заман. КIуди-кIудиял линотипазда газеталда лъолебщинаб хIарп бищулеб мехалда жал хIалтIуда хутIулаанила рогьинегIан. Цинги рогьалилъ гIадамал гIачи гъезе рахъараб заманалда щолаанила рокъоре. Гьалейин, «мимилаби» рачIинел ругин махсара гьабулаанила жидее гIадамаз.

ГьабсагIат нижер Хунзахъ мухъалда ругел чIахIияб гIелалъул гIадамаз нухда-къватIир, яги магIирокъор данде ккараб бакIалда абула дида жидеда Хунзахъ мухъалда кколеб-толеб цIияб жо нужер газеталдасан гурони лъаларила («Росдал захIматчи»). Жидеда гьел компьютералги планшеталги лъалел жал гурила».

Цевехун рехсарав прокуратураялъул хIалтIухъан АхIмад ХIасановасги абулеб буго кодобги ккун цIаличIони жинда газета цIаларабин кколарила. Интернеталдаса цIалараб жойин абуни кIочонила хеккого.

АхIмад ХIасанов: «Телевизорал раккичIелани, гьобол-гьудуласул интерес букIунаан, тIаде-гъоркье унаан. Гьанже гьебги лъугIулеб буго. Кино-театрги гьечIо. Киназухъго кодор телефонал руго, гьелги бищун хири-хириял. Гьениб жаниб буго кинабго жоги – къваригIарабги къваригIинчIебги. Гьелъухъ кинабгIаги тамихIги гьабулеб гьечIо. Газеталда абуни щибниги бегьулареб жо биччаларо редакторас. Бокьа-бокьараб гьаби буго квешаб жо, къаркъалаялъеги бегьуларо бичча-бихъан тезе, хIалтIулъги бегьуларо. Сундулъго лъикIаб гьечIо гьеб – бичча-бихъан тей».

Прессаялъул къоялъул бицунеб бугелъул, рехселин «Репортеры без границ» абураб халкъазда гьоркьосеб гIуцIиялъ тIиритIизарурал баянал. Гьезда рекъон, исана дунялалда чIван вуго 66 журналист, викъун вуго 119 журналист. Гьезие бищун хIинкъараб бакIлъун рикIкIунеб буго Шамалъул ракь, цинги Палестинагун Украина.

XS
SM
MD
LG