МагъчIваялъе рес

"Журналистал чIвала тIадтаразул кIвар гьечIолъиялъ"


Дуня Миятович:"Журналистал чIвала тIадтаразул кIвар гьечIолъиялъ"
Дуня Миятович:"Журналистал чIвала тIадтаразул кIвар гьечIолъиялъ"

КъватIабахъ кьвагьа-гIанхъи бахъулеб мехалда тIоцебесеб иргаялда къурбаналлъун кколел руго журналистал. Хасго гьадинаб ахIвал-хIал буго жакъасеб Украиналда. Исана 7-ялдаса цIикIкIарав мухбир чIван вуго гьенив. Цоцаде дандечIараб кIиябго рахъалъе нугIзал рокьун гьечIин, абулеб буго жиндирго лъазабиялда Европалда хIинкъи гьечIолъи цIуниялъул ва рекъон хIалтIи гьабиялъул гIуцIиялъул вакилалъ.

Украиналда чIварал журналистазда гъорлъ - Вячеслав Веремий. Гьев кколаан «Вести» абулеб Киевалда къватIибе бахъулеб газетаялъул мухбир. Гьев речIчIун чIван вуго 19 февралалда гьес тIаса рехарав президент Виктор Януковичасул рахъ ккурал низам цIунулезул суратал рахъунеб мехалда.

Добго 19 февралалда Днепропетровск шагьаралъул сверухълъиялда викъун, хадув речIчIун чIван вуго Россиялдехун буссараб «Хочу в СССР» абулеб газетаялъул редактор Сергей Долгов.

Цониги чIвадарухъан ватун гьечIо гьелдаса нахъе. Журналистал ЦIунулеб комитеталъ октябрь моцIалъул ахиралда къватIибе биччараб жиндирго докладалда абулеб буго дунялал сверун журналистал чIваялъул хIужабазул цIех-рех 90 проценталъ рагIалде бахъинабун гьечIин ва чIвадарухъаби аслияб къагIидаялда ратулелги гьечIин.

ГIаммаб къадаралда 370 журналист чIван вуго ахирисеб анцIго соналда жаниб, ян абун буго рехсараб докладалда. Ва гьел рукIун гьечIо рагъулал корреспондентал. Гьез рукIун руго такъсирчилъиялъул, коррупциялъул, инсанасул ихтиярал хвезариялъул хIужабазул бицен гьабулел бакIалъулал журналистал.

Докладалъул автораз гIайиб гIунтIизабулеб буго такъсирчагIазбазде, пачалихъиял ва рагъулал хъулухъчагIазде, изну гьечIого яргъид гIуцIарал къукъабазде. Гьез журналистал чIвалел руго гIадамал ва цогидал мухбирал хIинкъизари мурадалда, ян абулеб буго Журналистал ЦIунулеб комитеталъ.

Гьелдалъун гъозие бокьилаанин пресса мутIигIлъизабизе. ЧIвадарухъаби ратулеб гьечIолъиялъ зулму цIикIкIинабулеб бугин ва тIокIаб чара гьечIого журналистаз жидецаго жидеего цензура гьабулеб бугин. Гьелдалъун гIадамазда кIоларо лъазе хасго киб ва щиб ккун бугебали. Мисалалъе Сириялда халат бахъунеб рагъул, ялъуни Россиялда соналдаса соналде цIикIкIунеб коррупциялъул, яги Мексикаялда къануналде данде кколареб къагIидаялъ наркотикал ричиялъул мухIканлъи.

ТакъсирчагIи ратулел гьечIолъиялъе гIиллалъун журналистал цIунулеб комитеталда бихьулеб буго политикияб яхI гьечIолъи. Гьеб гуребги, ритIухълъи гьечIел улкабазда чIвадарухъабазда бигьаго кIола жавабчилъиялъукьа рорчIизе политикияб асар хIалтIизабун, ялъуни ришват кьун.

Дагьалъ цебе Европаялда ХIинкъи ГьечIолъи цIуниялъул ва рекъон хIалтIи гьабиялъул ГIуцIиялъул тIалъиялъ гьалкъояз жиндирго мушавара-улкабаздехун буссун ахIи бана журналистазе зулму гьабулел, гьел чIвалел ва хIинкъизарулел гIадамал ратун, гъозие тамихI гьабиялде.

30 октябрялда загьирабураб лъазабиялда Европалда хIинкъи гьечIолъи цIуниялъул ва рекъон хIалтIи гьабиялъул гIуцIиялда рагIуе эркенлъиялъул суалазул рахъалъан вакил Дуня Миятовичица абуна, чIобогоял харбал рицезегIан, хIукуматазда тIадаб бугин политикияб яхI бихьизабизе ва чIвадарухъаби жавабчилъяилде цIазе.

Гьале Миятовичица загьирабураб чIварал журналистазул тIубараб гуреб сияхI:

1999 соналда чIварав Сербиялъул журналист Славко Курувия, 2000 соналда Украиналда чIварав Георгий Гонгадзе, 2001 соналда чIварав Сербиялъул журналист Милан Пантич, 2004 соналда чIварай Белоруссиялъул журналист Вероника Черкасова, 2004 соналда чIварав Черногориялъул журналист Душко Йованович, 2004 соналда Москваялда чIварав Америкалъул журналист Пол Хлебников, 2005 соналда чIварав Азербайжаналъул журналист Эльмар ХIусенов, 2006 соналда чIварай Россиялъул журналист Анна Политковская, 2007 соналда чIварав Узбекистаналъул журналист ГIалишер СагIидов, 2007 соналда Туркиялда чIварав Грант Динк, 2009 соналда Чачанлъиялда чIварай Наталья Эстемирова, 2011 соналда Дагъистаналда чIварав ХIажимурад Камалов ва 2013 соналда чIварав АхIмаднаби АхIмаднабиев.

ЧIвадарухъаби жеги ратун гьечIо.

XS
SM
MD
LG