МагъчIваялъе рес

Журналист АхIмаднабиев чIваялъул цIех-рех заманаялъ чIезабун буго


АхIмаднабиев АхIмаднаби вукъизе унаго, Махlачхъала
АхIмаднабиев АхIмаднаби вукъизе унаго, Махlачхъала

Гьал къоязда Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялъ лъазабуна жураналист АхIмаднабиев АхIмаднаби чIваялда хурхун гьабулеб цIех-рех заманалъ чIезабун бугилан. Гьелъие гIиллалъун ккун буго журналист чIварав чи жеги чIезавун гьечIолъи. АхIмаднабиевасул адвокатас абулеб буго заманалъ чIезабунин абун гьеб иш тIубан къазе тезе гьечIин.

Дагъистаналдаса журналист АхIмаднабиев АхIаднаби чIваралдаса исана 9 июлалда лъагIел сверана, амма гьебгощинаб заман аниги жеги я гьев чIварав чи, яги гьев чIвазе буюрухъ кьурав чиги чIезавун гьечIо. Гьелда хурхун цIех-рехчагIаз заманалъ журналист чIваялъул ишалъул цIех-рех гьаби гьоркьоб къотIизе тун буго. АхIмаднабиевазул хъизамалъул адвокат Шейхов ГIабдурашидица «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда абуна гьеб иш гьоркьоб къотIизе течIого гьаб сагIат тIокIаб гьабун бажарулеб жо гьечIила, амма гьеб гьоркьоб къотIизе тунилан абун гьеб къазе биччазе гьечIила жидецайилан.

ГIабдурашид Шайхов: «Жакъа къоялде гьеб иш рагьун бажарулел ресал лъугIун руго цIех-рехалъул идарабазул. Гьез хал гьабизе кколебги, бажарулеб букIараб щинабги лъугIун буго гьаб сагIаталда жаниб, хал гьабизе щибго хутIунцин гьечIо. Цо лъица букIаниги чIезабейинги абун гьоркьоб къотIизабун бугин гьеб ишалъул цIех-рехиланги абун бажаруларо, амма гьеб такъсир гьабурабго тIоритIизе кколел рукIарал хасал цIех-рехалъул тадбирал заманалда тIоритIичIо къуваталъул идарабаз. Гьанже заман ун хадуб хасал тадбиралги тIоритIун гьеб иш рагьизе цIакъ захIмалъула. Гьеб заманалъ гьоркьоб къотIизабун букIуна, масала цониги гьеб такъсиралъул цIияв нугI ватизегIан, яги гьев чи чIвараб ярагъ батизегIан, яги гьеб лъугьа-бахъиналъул видео балагьизегIан. Гьединал кьучIал далилал ратизегIан чIезабун букIин гурони, гьеб къан букIунаро. Гьел ратизегIан заманалъ чIезарун рукIуна цIех-рехалъул тадбирал».

Гьединго ГIабдураши Шейховас бицана жиндица Дагъистаналъул цIех-рехчагIазул махщалида божилъиги гьабичIого, гьеб иш цебе билълъунеб гьечIолъиги бихьун, Россиялъул цIех-рехалъул идараялъул нухмалъулесухъе кагъат хъван букIанилан. Гьеб къагътида адвокатас Александр Бастрыкинида гьарулеб букIун буго Дагъистаналъул цIех-рехчагIазухъаги нахъе босун АхIмаднабиев чIваялъул иш Шималияб Кавказалъул Федералияб Округалъул цIех-рехчагIазухъе кьейилан. Амма регионалъе кIвар гьечIеб такъсир бугин гьебиланги абун, Шейховасул гьари нахъчIван буго Россиялъул цIех-рехалъул идараялъул бетIерас.

2011 соналъ МахIачхъалаялда чIварав «Черновик» газеталъул бетIергьан Камалов ХIажимурадил ишги дагъистаналъул цIех-рехчагIазда божилъиги гьабичIого шималияб кавказалъул федералияб округалъул цIех-рехчагIазухъе кьезабун букIана гьесул гIагарлъиялъ. Амма гьенибе кьунин абун такъсир рагьиялъе щибниги квербакъиги ккечIила, гьеб ишги жеги рагIалде бахъун гьечIилан бицана «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда чIварасул вац Камалов Магьдица.

Камалов Магьди: «Гьаб сагIат гьеб ишалда хурхун цебетIей гьечIеб цIех-рех унеб буго СКФОялъул цIех-рехалъул идарабазда. Гьезухъе кьунилан абун гьеб ишалъул батIияб цебетIейго ккечIо. Дагъистаналда киса-кибего бугеб коррупция гьенибехунги щун буго. Республикаялда бугеб коррупцияги захIматаб ахIвал-хIалги хисизабичIого, гьеб такъсир рагьуларо. Гьеб рагьиялде кIвар кьейилан тIалабги гьабун нижеца хъваралщинал кагътазулги, хитIабазулги, гьарунщинал пресс-конференциязулги щибго хIасил ккечIо. ЦохIого цо хIасил ккана гьеб иш дагъистаналъул цIех-рехчагIазухъаги босун СКФОялъулазухъе кьей. Амм моцIида жанир цо нухалъ гьаниреги рачIун, цо-кIиго къо Дагъистаналдаги бан, цойгидал жидерго ишаз Кавказ сверулел рукIунел гьезул хIалтIухъабазги гьеб такъсир рагьиялъул иш цебетIезабулебго гьечIо. Гьезухъе иш кьей сапнахъ гIебу хисараб гIадаб жо ккана».

Гьединго Магьдица бицана цIех-рехчагIазда божун вукIинчIого жиндицагоги хасаб цIех-рех гьабулеб бугила. Гьелъул хIасилалдаги цевего гьез рехсолев вукIарав Пачалихъияб Думаялъул депутат Шамиль ГIисаев гурониги, ХIажимурад Камалов чIваялда щаклъи бугев цойги кIигониги чи вугила жиндир, амма гьаб сагIат гьезул цIарал жеги рехсон бажаруларилан.

XS
SM
MD
LG