МагъчIваялъе рес

ЧIварал журналистазул сияхI дагьабги халалъана


Гъабардагун Балкариялъул журналист ва инсанасул ихтиярал цIунулев Тимур Куашевасул жаназа батун буго 1 июлалда Нальчикалъул рагIаллъиялда. Гьесул гIага-божаразул щаклъи буго гьев жиндирго жигараб профессионалияб хIаракатчилъиялъе гIоло чIван ватизе бегьиялъул.
Гъабардагун Балкариялъул журналист ва инсанасул ихтиярал цIунулев Тимур Куашевасул жаназа батун буго 1 июлалда Нальчикалъул рагIаллъиялда. Гьесул гIага-божаразул щаклъи буго гьев жиндирго жигараб профессионалияб хIаракатчилъиялъе гIоло чIван ватизе бегьиялъул.

Гъабардагун Балкариялда хун ватун вуго журналист ва инсанасул ихтиярал цIунулев Тимур Куашев. Официалиял идарабаз лъазабулеб буго Куашев хванин рокIол унтиялдасайин. Амма гьесул гIага-божараз лъазабулеб буго Тимур чIван вугин. Гьеб чIваялъе гIиллалъунги кколин инсанасул ихтиярал цIуниялъул хIаракатчилъийин.

Шамат къоялъ къаде какалги ран Нальчикалда вукъана жамгIияв хIаракатчи, журналист, инсанасул ихтиярал цIунулев, поэт Тимур Куашев. 3I августалъ тIагIарав гьев валагьулел рукIана гIага-божарал, гьел щаклъун рукIун руго Тимун хасал идарабазул хIалтIухъабаз викъун ватиялда. I августалда Нальчикалда аскIоб бугеб росулъ батун буго Тимур Куашевасул жаназа. Къуваталъул идарабазул вакилзабаз лъазабуна гьев рекIел унтиги бачIун хун вугилан, амма гьезул рагIаби гьересияллъун гьарулел руго Тимурил гIагарлъиялъгун гьудулзабаз. Гьез абулеб буго чорхолъ витIарав, киданиги спорт реххун течIев, 26 сон барав гIолохъанчиясул щиб ракI унтийила букIунеб. Киданиги гьединаб къварилъи бугев чи вукIинчIила гьевилан.

Гьезул рагIабазда рекъоно Тимур чанги чиясе дандекколарев чи вукIун вуго, гьесул бадир абулел рагIабиги, нахъекъачIого, ракIалде кковухъе, кьварун гьабулеб критикаги гIемерисезда рихун букIанилан, хасго гьев данде кколаронила тIалъиялъеги, къуваталъул идарабазегийилан. Ахирал саназ гьел низамцIунулез вагьабиязде данде къеркьейиланги абун щибго гIайиб гьечIел гIадамал чIван реххиялдеги, дивангицие гьабичIого туснахъалъурги тIамун гьенир гIадамазе гIазаб кьеялдеги данде чIун вукIун вуго Тимур Куашев. Гьединлъидал цевеса тIагIинавизе къваригIун вукIанин гьев хасал идарабазейилан абулеб буго чIварав журналист лъалез.

Амма цойгидал тIалъиялъе данде кколарел чIагIиго гIадин речIчIун жогун чIван гьечIила Тимур, щай гурелъул гьел хIинкъун рукIун ратилила гьедин чIвани жамгIияталъ цIакъго кIудияб ахIи бахъинабилин абун. Гьединлъидал рекIел унти бачIун хванин гьевин ракIалде кколеб къагIидаялъ чIван вугин Тимурилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе гьесул гьудул, дагъистаналдаса жамгIияв хIаракатчи ва бизнесмен Абакаров Абакарица.

Абакаров Абакар: «Гьесул жаназаялда къвалакь бакIалда буго инъекциялъул лъалкI. Гьеб бакI гьоронги буго. Кверазул килщалги чIегIерлъун руго. Дагьабниги медицина бичIчIулев чиясда лъала гьел килщал рекIел унти бачIинабулеб загьру чорхолъе биччараб мехалда чIегIерлъулелъи. Жаназа чурулеб мехалда гьесул накабиги хъарс-хъарсун рукIин рихьана, гьединго гъуждуздаги рукIана хъахIиллъаби, гъванщаги тункараб гIадаб къагIида бугоан. Гьеб киналъго бихьизабула гьев цо чанго чияс ккун вехъерхъун вачунев вукIарабги, инъекция гьабулеб мехалда къахIан кквеялъ хъахIилъун ратизе бегьула гьесул рукьабигун гъуждулги. Щибаб сордойил жидерго рукъалда аскIосан цо километр гIан бакIалде векерулаан гьев, векерулеб бакIги цо чи гьечIебгIадаб бакI буго. Гьенисан ккун вачун шагьаралъул рагIалде реххун тун ватана гьев. Гьев ракI унтарав чи вукIиналъ хванин абиги гьеб гьадингояб чIанда буго. Унтизабизе жо гьабураб мехалда унтулебха эб ракI, гьедин тIаса бихьизабизе къваригIун букIун батилаха гьеб иш гьелда нахъа ругезе. Тимур чанги чиясе данде кколарев чи вукIана».

Гьединго Абакарица бицана Тимурие кидаго хIинкъалаби кьолаанила, амма ахираб заманалда гьел цIакъго гIемерлъун рукIанила. Интернеталдаги социалиял сайтаздаги рагьун гьесие хIинкъаби кьолел хIужжабигицин камулел рукIинчIилан. ЦIакъго гьев рихиналъеги чIалгIиналъеги гIиллалъун лъугьун батизе бегьулила ахираб заманлда гьес Палестинаялъул рахъккун гIемерал тадбирал тIоритIи, Кавказалъул туснахъазда гIазаб кьун хвезарулел гIадамал хвезариялде данде чIун митингал гьари.

Журналист ва жамгIияв хIаракатчи Максим Шевченкоца Тимур Куашев чIван вукIин лъараб мехалда жиндирго блогалда хъван буго гьев вукIанила гIажаибаб бахIарчилъиялъул василан. Бер къапичIого абулаанила гьес гIадамазда бадибе жо, гьединабго букIунаанила гьесул критикаги. Гьев киданиги экстремизмалде, радикализмалде данде къеркьелев вукIанила. Гьес кидаго рикIкIунаанила пачалихъ демократияб ва гIадамазул ихтиярал цIунараблъун букIине кколилан. Шевченкоцаги, Тимур Куашев лъалел рукIарал цойгидазги интернеталда хъвалеб буго цIех-рехчагIаз гьев чIваялъул иш рагьиялда жидер щибго божилъи гьечIилан.

Гьанжегоялде жеги щиб кинали мухIканго лъан бахъиналде Тимур хвеялъулъ щибниги такъсирчилъи гьечIила, гьев унтун хварав чи вугин лъазабиялъго бихьулеб бугила хасал идараб гьеб ишалде кIвар кьезе ракIалда гьечIолъи. Гьединлъидал Тимур хун гурев чIван вукIин чIезабиялъе гIоло гьесул гIагарлъиялъ тохтурзабазе разилъи кьун буго жаназаги къотIун, экспертиза тIобитIизе. Гьелъие хIажатабщинаб гьабун бахъун буго, гIагараб заманалда экспертизаялъул хIасилалги лъазе ругин лъазабулеб буго Куашевасул сверухълъиялъ.

Максим Шевченкоцаги хъвалеб буго Кавказалда цере чIварал журналистазул сияхIалда гьоркьоб цIар хъвай гуреб, тIокIаб гьеб ишалда хурхун кинабниги цIех-рех байбихьилин абураб жоялда жив божуларила. КигIан божилъи гьечIониги гьеб иш гьедин тезе бегьуларила, гIадамазда бараб жо бугила гIемераб. Халкъалъ квер хьвагIун теялъила хасал идараби жидеда тIадаб жо гьабулел рукIинчIого жидеего бокьараб гьабулел ругелилан. Гьединлъидал дагьалниги тIалъиялъе данде кколарел журналисталги, жамгIиял хIаракатчагIиги гIадатиял гIадамалги чIвалел ругила Кавказалда. Гьанибго абизе ккола ахираб 20 соналда жаниб Кавказалда чIварал журналистал,инсанасул ихтиярал цIунулел, жамгIиял хIаракатчагIи чIварав цониги чи ватичIила цIех-рехалъул идарабаздайилан.

XS
SM
MD
LG