МагъчIваялъе рес

КIкIаралазул божилъи хун буго низам цIунулезда


Журналист АхIамаднаби АхIмаднабиев чIван хадуб тIобитIараб протесталъул марш. 09.07.13
Журналист АхIамаднаби АхIмаднабиев чIван хадуб тIобитIараб протесталъул марш. 09.07.13

«КIкIаратIа» жамгIияб идараялъ гьал къоязда лъазабуна журналист АхIмаднаби АхIмаднабиев чIваялъул такъсир рагьулеб гьечIолъиялъдаса разигьечIолъи загьир гьабун, гьез 5 сентябралъ тIобитIизеб букIараб ракъун чIей, лъикI хIадуризе рукIине, заманалъ нахъе бахъун бугилан.

Исана 9 июлалъ журналист АхIамаднаби АхIмаднабиев чIваялъул такъсирияб иш 5 сентябралде щвезегIан рагьичIони жидеца заманцIачIеб ракъунчIей байбихьизе бугин лъазабун букIана кIаралаз. Гьединго 8 сентябралъ тIоритIизе ругел дагъистаналъул президентасул рищиязеги байкот лъазабилин жидецайин абун букIана гьез.

Гьал гIагарал къоязда цо-цо квалквалал ккун ракъун чIей дагьаб нахъе бахъизе кколеб бугин, гьелда лъикI хIадурун бажаринчIин жал гьеб цIараб къоялдейилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе «КIаратIа» жамгIияб идараялъул вакил Абакар Абакаровас.

Абакар Абакаров: «Гьаб сагIат нижер росулъ цIакъ хIалуцараб ахIвал-хIал буго. Гьениб цо гIиси-бикъинаб жоги багьанадуй ккун салафиялги суфиялги цоцалъ рагъун рукIана. Гьединлъидал тIокIаб сундениги регIичIо ниж. Гьеб иш киндай нухда ккезабила киндай ракълиде бачинаян ургъулаго. ТIубараб росуго лъугьун гьениб гьоркьоб маслихIат гьабулел руго ниж, амма жеги гьеб рагIалде бахъун гьечIо. Гьеб ракъунчIеялдеги, АхIмаднаби АхIмаднабиев чIваялъул такъсир, рагьулеб гьечIолъиялдаса разигьечIолъи загьир гьабун тIоритIизе ругел цойгидал акциялги букIине кколеб хIалалъ, тIаде кIварги кьун тIоритIизе руго. Гьениб гIадамазе шартIал чIезаризе кколелъулха, ракъи лъазабун къватI бакьулъ чIун рукIун бажарулеблъидал, гьениб медицинаялъул кумекги цойгидал ресалги рукIинаризе руго. Гьеб киналъего лъикIаб хIадурлъи къваригIуна, амма росулъ ккарал гьел санагIалъи гьечIел лъугьа-бахъиназ гьеб хIадуриялде регIизе течIо ниж, гьединлъидал мухIканго кигIан заманалъ нахъе бахъулеб бугебали абизе кIоларо гьеб акция»

Гьединго Абакар Абакаровас «Эркенлъи» радиоялъе бицана Дагъистаналъул цIех-рехалъул идарабазда божилъи гьечIин жидер, гьез цониги ишги рагIалде бахъинабуларин, гьез чанцIулго АхIмаднаби АхIмаднабиевас, жиндие хIинкъаби кьолел ругин абун гIарзал хъваниги, гьелда хурхун букIине кколеб хIалтIи гьабичIилан. Гьез жиндир заманалда тIадаб ишги тIубан гьел хIинкъаби кьолел чагIи ккун рукIаралани жакъа АхIмаднаби чIаго вукIинеги бегьулаанилан. «КIаратIа» жамгIияб идараялъ гьел Дагъистаналъул цIех-рехалъул идарабазде божилъи гьечIолъиги загьир гьабун, тIалаб гьабулеб буго журналист АхIмаднабиев чIваялъул такъсир рагьиялда тIад Россиялъул яги Шималияб Кавказалъул Федералияб мухъалъул цIех-рехчагIи хIалтIеян. Гьебго тIалаб загьир гьабун букIана кIаралаз заманалъ Дагъистаналъул президентасул ишал тIуралев Рамазан ГIабдулатIиповасухъе, АхIмаднаби АхIмаднабиев чIваялъул такъсир кIванагIан хехго рагьиялъе квербакъейилан хъвараб кагътидаги. КIаралазул рагIабазда рекъон ГIабдулатIиповасул рахъалдасан гьеб кагътие кинабниги жавабги бачIун гьечIо, журналист чIваялъул ишги Дагъистаналъул цIех-рехчагIазухъго буго.

РакIалде щвезабилин «Новое Дело» газеталъул ва «Кавказский Узел» сайталъул журналист АхIмаднаби АхIмаднабиев чIвана 20I3 соналъул 9 июлалда жиндирго рукъалъул кIалтIа, МахIачхъалаялда аскIоб бугеб Семендер росулъ. Гьелда цебеги чанго нухалъ гьев чIвазе къасдал гьарун рукIана, гьелда тIасан чан нухалъ къуваталъул идарабазде гIарзал хъваниги, гьел такъсирчагIи ралагьичIо гьез. Гьединго АхIмаднабие гIемернухалъ мун чIвазе вугин, хъизан тIагIинабизе бугин абун хIинкъалаби кьолел рукIун руго щалали лъаларел чагIаз. Гьесул цIар гьединго босун букIана 2009 соналъ тIиритIизарурал журналистазул, инсанасул ихтиярал цIунулезул, адвокатазул цIарал росараб «ЧIегIераб сияхIалдаги». Гьел чIвазе къотIаразул мухъилъа камуна 20II соналъул декабралда чIварав «Черновик» газеталъул бетIергьан ХIажимурад Камалов ва АхIмаднаби АхIмаднабиев. Ахираб къого соналда жаниб чIварал Дагъистаналъул журналистазул I7 ккола гьев. Гьел журналистал чIваялда хурхун цохIониги такъсирги рагьун гьечIо жеги.
XS
SM
MD
LG