МагъчIваялъе рес

«Хвезе къоял гIагарлъидал, дие ветеранасул цIар щиб гьабизе?»


Россиялъул Пачалихъияб Думаялда ругел Дагъистаналдаса депутатазда цIидасан борхана 1999 соналда республикаялда букIараб рагъулъ гIахьаллъарал гIадатиял гIадамал рагъул ветераназда ращалъизариялъул суал. Гьедин депутатаз Думаялда цебе лъуна гьелда хурхараб къануналъул проект.

Амма цебе батараб рагъул алатгун доб мехалда жидер мина-къайи цIунизе рахъарал дагъистаниязул цо-цоязе ургъел гьечIо гьеб статус щваниги-щвечIониги. Гьебго заманалда руго пачалихъги махсароде ккун, жал дора рагъулел рукIанин документал гьаруралги.

«Хвезе къоял гIагарлъидал, дие ветеранасул цIар щиб гьабизе?»
please wait

No media source currently available

0:00 0:03:38 0:00
Интернет-мухъ

Гьел рагъулал дандечIеялъул къукъаби гIуцIизе байбихьана 1999 соналъул августалда Болъихъ ва ЦIумада рагъал унеб мехалъ. Нижеца гара-чIвар гьабуна доб соналъ Россиялъул аскариязда цадахъ ТIандо росулъ моцIгIанасеб мехалъ ополчениялда вукIарав Болъихъ Мухъалъул РахатIаса ГIалиев ШагIбанилгун. Гьеб рагъулъ гIахьаллъи гьабуралъухъ гьесиеги, цадахъ рукIарал жеги I3 чиясеги «Бихьинчиялъул» абураб орденги щун буго.

Амма цохIо гьеб шапакъат гурони тIокIаб щибниги хIукуматалъул рахъалдаса гьесие щвараб кумекги ккун гьечIо. Рагъулаб комиссариаталдаса ярагъги кьун ополчениялде ритIарал гIадамазе щибаб моцIалъ кьолеб гIарац бугин, жидее щибниги кьоларин абуна. Гьанже гьеб ветераназул статус кьеялъул суалалда тIасан жиндирго пикру гьадин загьир гьабуна гьес.

ЭР: «Гьеб ветеранасул статус чIезабуни щиб гьелъ нужее кьезе бугеб, дуда кин кколеб?».

ГIалиев ШагIбан: «ЛъикIлъи гурони квешлъи гьелъул букIинщха, лъикIаб букIинаан узухъда, гьеб суал рагIалде бахъани».

ЭР: «Бугониги нужго лъикIал рахъун гьеб суал цогIаги нухалъ нужеца борхун гьечIо. Мисалалъе, Казбек мухъалдаса ополченцаз чанцIулго тIалаб гьабулеб букIана гьеб статус кьейин жидееян. Нуж щай руцIцIун чIун рукIарал?».

ГIалиев ШагIбан: «Щибха нижеца гьабилеб, нижер къукъаялъул нухмалъулевги вуцIцIун чIун вугони. Администрациялде гьеб суалгун анани, гьезги нух бихьизабула, гьединаб къанун гьечIилан абуна. Дагъистаналда эдинаб бугелъул сундего бербалагьи».

ЭР: «I999 соналъги, рагъулал дандечIеязда щибго гIахьаллъи гьабичIезеги пачалихъалъул шапакъаталги, орден-медалалги кьурал хIужаби ккун рукIана. Нагагь гьанжеги гьеб ветераназул статус кьеялъул суал рагIалде бахъани, гьебго къапила баккиладай, жидееги гьеб цIар тIалаб гьабун?».

ГIалиев ШагIбан: «БатIалъи щиб кирго рукIунелъул гьел. Живги вукIанин вагъилев дунги вукIанин вагъилеван чангияв лъугьине вуго цеве. Мисалалъе, дун ТIандов вукIана вагъулев, дир гьудул вукIана вукIана райцентралда ополченцазеги цогидазеги чед бежулев. Гьесулги рес буго гурищ абизе живги вукIанин гьенивилан.

Вагъулев вукIинчIониги, кири бугеб иш гьабулеб букIаралъул гьес террористазда данде рагъулезе. Амма гьениб кинабниги гIахьаллъицин букIинчIелги камилищха, гьелги рачIине руго. Амма дир пикру гьадинаб буго. Орден «Мужества» щварал диеги цогидазеги кьезе бегьуларищ цин гьединаб цIар, хадуб цогидазеги кьезе?».

Нижеца гьединго гара-чIвари гьабуна гьебго I999 соналъ Казбек мухъалъул Алмахъ росу къотIун чачаназул дораса рачIунел рукIарал изну гьечIого яргъидгIуцIаразе данде рагъулаб дандечIей лъазабуразул цояв, Буртунай росулъа ГIусманов Расулилгун.

Жакъа гьев сахлъиялъе сакъатлъиги ккун бусаде ккарав чи вуго, амма гьедин вукIаниги ополчениялъул гIахьалчи хIисабалда гьесиеги щибниги кумек щун гьечIо хIукуматалъул рахъалдаса. Гьанже гьеб ветераназул статус кьеялъги жиндие щибниги гьабизе жо гьечIилан бицана гьес.

ГIусманов Расул: «Гьанже хвезе къоял гIагарлъарав дие гьелъул щиб пайда букIинеб, гьелда хадув лъугьине щибниги гъираги гьечIо. Ургьисалабзда унтиги ккун, къойидаса къойиде ине буго дир иш. Цогидаз тIалаб гьабизе биччанте гьелъул».

Бицен гьабулел гIадамазе пачалихъалъул кумек гьабулеб гьечIолъя ва рагъул гIахьалчагIилъун гьел рикIкIунел гьечIолъиялъул суал борхун букIана исана январалда Ставрополалда ТIолгороссиялъул халкъияб фронталъулгун Владимир Путинил дандчIваялда, Дагъистаналдаса полковник ГIалидибиров Мурадисица. Президентас абуна букIана гьеб суалалда тIад жив ургъизе вугилан.

XS
SM
MD
LG