МагъчIваялъе рес

«БагIараб Хъанчалъ» толеб буго Дагъистан


Халкъазда гьоркьосеб «БагIараб Хъанчил комитет» абураб гIуцIиялъ жиндирго Хасавюрталда букIараб офис къалеб буго. Гьедин лъазабуна гьелъул вакилзабаз.

«БагIараб Хъанчалъ» толеб буго Дагъистан
please wait

No media source currently available

0:00 0:04:04 0:00
Интернет-мухъ

Гьеб гIуцIиялъул кумек щварал гIемерал гIадамал рукIана Дагъистаналда. Халкъазда гьоркьосеб БагIараб Хъанчил комитеталъул вакилъи Дагъистаналда рагьаралдаса ун буго къогониги сон.

Гьеб соналда жаниб гьез гIемераб кумек гьабун буго рагъулал лъугьа-бахъиназул къурбаналлъун ккарал гIадамазе. Мисалалъе тIоцебесеб ва кIиабилеб чачаназул рагъ унеб заманалда гьениса нахъе гочине ккарал чачаназул халкъалъе щун буго гьезул кумек.

ТIоцебе гьезул офис букIун буго МахIачхъалаялда хадур гочун руго гьел Хасавюрт шагьаралде. МоцIрол ахиралда жидеца Дагъистаналда букIараб офис къалеб бугилан лъазабуна гьез 28 марталда. Хасавюрталда букIараб офисалда гьезул хIалтIулев вукIун вуго микьго чи.

Гьезул цонигиял «Эркенлъи» радиоялъухъе щвечIо гара-чIвариялъе. Амма Дагъистаналда букIараб вакиллъиялъул нухмалъулей Березуева Ольгаца, республикаялда букIараб жидерго идара къаялъе гIилла баян гьабулаго абулеб буго Шималияб Кавказалда жидерго букIараб хIаракатчилъиялда жанир хиса-басиял кканилан, батIайиса абуни жидер кумекалде хIажалъи ккарал гIадамал республикаялда гьечIин абураб магIна кколеб буго гьелъул.

Гьедин рикIкIунеб буго Каспийскалдаса жамгIияй хIаракатчIужу ХIамзатова Лейлацаги. Гьанже Шималияб Кавказалда «БагIараб Хъанчил» вакиллъи букIине буго Грозный ва Нальчик шагьаразда.

Лейла ХIамзатова: «Дида бичIчIулеб бакIалдаса гIебеде гьел гьаниса нахъе иналъе гIиллалъун букIине ккола жидер хIаракатчилъи къваригIараб бакIлъун Дагъистан тIокIаб гьезда бихьулеб гьечIолъи. БатIияб гIилла дида бихьулеб гьечIоха. Гьелдаса рохун гурони пашманлъизе кколеб хIужа гьеб гуро.

Аслияб куцалда рагъулал лъугьа-бахъиназул къурбанлъун ккарал гIадамазе кумек гьабулел гIадамал рукIаралъул гьел, гьедин батани нилъер гьаниб ахIвал-хIал парахалъун батизе буго, гьел гьаниса нахъе унел ратани. Цо заманалда жидерго вукIарав нухмалъулев Дагъистаналда викъараб мехалъцин къотIизе тун букIинчIо гьез жидерго хIалтIи, гьанже толеб буго.

Гьезул кумек хIажатаб бакI гьанже Россиялъул цогидал регионазда букIинилан ккола дида. Гьединго хьул буго тIокIалъ гьел гьанире рачIине кколеб ахIвал-хIал букIинарин нилъер республикаялдаян».

Халкъазда гьоркьосеб «БагIараб Хъанчил комитеталъул» кIудияб кумек щун буго 1999 соналъул августалда, Дагъистаналъул Болъихъ ва ЦIумада мухъалде Чачаназул рахъалдаса изну гьечIого яргъидгIуцIарал кIанцIун хадуб, рагъулал лъугьа-бахъиназул къорикье ккарал гIадамазеги. Гьезул цояв ккола Болъихъ мухъалъул РахатIаса ГIабдулаев Казим. Гьелъул хIакъалъулъ гьадин бицунеб буго гьес «Эркенлъи» радиоялъе.

Казим ГIабдулаев: «БагIараб Хъанчил комитеталъул гIемераб кумек щвана нижее дол соназда. Кванил нигIматазул, чаялде гIунтIунги гьез нижее гIемераб жо щвезабуна, цIакъ гIемераб кумек щвана. Цо нухалда гуреб чанго нухалда щвана нижее гьеб».

ЭР: «Нужер росу гочинабун букIинчIищ доб мехалъ рагъ унеб заманалда. Гочинарулеб мехалъ щванищ нужее гьезул кумек?».

Казим ГIабдулаев: «Рагъги лъугIун тIадруссун росулъе гочунеб мехалъха гьеб кумек щвараб. Аслияб куцалда гьеб букIана кванил нигIматазул рахъалъ гьабулеб кумек. Цогидаб жоялъул кумек букIанищали дида ракIалда гьечIо, дун добмехалъ жеги гьитIинав чи вукIана».

Халкъалда гьоркьосеб «БагIараб Хъанчил багъа-бачари» гIуцIун буго 1863 соналда. ТIубараб дунялалда гьезул гIуцIиялда гъорлъ хIалтIулев вуго 100 миллион гIанасев чи. Аслияб куцалда гьез кумек гьабулеб буго рагъулал лъугьа-бахъиназул хIасилалда зарал ккарал, гьединго бокьараб улкаялъул жанисеб бада-гъудуралъул хIасилалда къварилъиялде ккарал гIадамазе.

Гьезул хIалтIул аслияб принцип ккола бокьараб рагъгицин цо хасал гIурхъаздаса къватIибе унареб хIалалъ гьабизе кколин абураб, гьелда рекъон рагъулал лъугьа-бахъиназдаги, рагъ гьабулеб къагIидаялдаги цере гIурхъаби лъезе кIолеб буго гьеб гIуцIиялда. Киналго гьел принципал данде ракIарун руго халкъазда гьоркьосеб гуманитарияб ихтияралда гъорлъе, гьел гьединго росун руго Женевалъул Конвенциялдеги.

Халкъазда гьоркьосеб «БагIараб Хъанчил комитет» гьединго ккола лъиданиги бачIеб гIуцIилъунги. Дунялалалда тIад гьеб гIуцIиялъул вакиллъи рагьун буго кинабниги 80 пачалихъалда.

XS
SM
MD
LG