МагъчIваялъе рес

«Сундуе гIоло гьанжеги къватIиве вахъине кколев?»


Ахlудрахъарал гlолохъаби, Дагъистан 1999 сон
Ахlудрахъарал гlолохъаби, Дагъистан 1999 сон

Дагъистаналъул чанго мухъалда байбихьун буго низам цIунулезе кумек гьабизелъун гIуцIрал гIолохъабазул къукъабазул хIаракатчилъи. Гьел къукъаби гIуцIизе ккеялъул дагъистаналхул нухмалъулес лъазабун букIана сентябралъул байбихьудаго. Руго гьел къукъаби гIуцIиялъулъ лъикIал рахъал рихьулелги, гьединго руго гьединал къукъабазда 90 соназ гIахьалъицин ракIалда бухIаралги.

ТIоцебе ахIиялде гIинтIамуна Лаваша мухъалда. Халкъиял низам цIунулезул къукъаялде ине 800 чи хIадур рагIула гьенив. Гьедин 5 октябралде швезегIан Дагъистаналъул ЧIарада, Гумбет, Шамил, Хунзахъ, ЛъаратIа, Ахты мухъазда халкъиял низам цIунулезул къукъаби хIадур гьарунилан абураб лъазаби кьолеб буго «РИА Дагъистан» информациялъул агентлъиялъ. Гьединго низам цIунулезе кумекалъе ине хIадур руго Каспийск, Буйнакск, Гъизляр ва цогидал шагьараздасаги гIолохъаби. Амма гьаниб тIоцебе хIисабалде босизе кколеб хIужа ккола халкъиял низам цIунулезухъе кинабниги ярагъ кьезе гьечIеблъи.

Ярагъги кодоб гьечIого гIадлу -низам гьабун кинин бажарулебилан абулел суалалги руго халкъалда гьоркьор. Мисалалъе, Шамил мухъалъул нухмалъулев хисулев ХIамзатхIажиев МухIамадица информациялъул алатазе кьураб баяналда абулеб бугоан мухъалда гъорлъе унеб 25 росулъа жидеего бокьун халкъиял низам цIунулезул кьеразулъе рачIине разилъанин 150 ниги чиян. Сордо- къо батIа гьабичIого гьез кумек гьабизе бугин низам цIунулезул хIалтIуе, амма кодобе ярагъ кьолеб гьечIелъул щуго соналъ цебе Гьонода росулъ гIадинаб пашманаб хIакъикъат такрарлъиларо хIинкъун вугилан мукIурлъулев вуго гьев.

Гьаниб ракIалде швезабила 2007 соналъул сентябрь моцIалда росулъе рачIарал изну гьеч1ого яргъид гIуцIарал гIадамазде тIаде ккарал Гъуниб мухъалъул Гьонода росулъа ичIго гIолилас кодоб ярагъги гьечIого хIалбихьана гьезда дандечIей гьабизе, амма такъсирчагIаз вахIшияб куцалда гIумруялдаса ратIа гьаруна гьел ичIалго.

Амма, ЛъаратIа мухъалъул гIолилазулгун -туризмалъул рахъалъ нухмалъулев ГIалиев ГIалибегица абуна «Эркенлъи» радиоялъе, жидер мухъалда гIуцIарал гьединал къукъабаз тIоцебесеб иргаялда халкквезе бугин жамгIияб гIадлу- низамалда хадуб, гьединго ахираб заманалда дагьал ризго жидер мухъалда загьирлъулел ругел гIорхъолъа рорчIарал гIадал ахIвал- хIалазде ккарал гIадамазе кумек гьаби гIадал масъалаби тIуразеян. Аллагьасе рецц бугин ЛъаратIа мухъалда, я изну гьечIого яргъид гIуцIаразул къукъаби ратараб, ялъуни цогидаб чIвай –хъвеялда релълъараб хIужаги тIатинчIин, гьалдаса хадубги ккелареб батилин, амма абуна нагагьлъун гьединал бакIал ратани бокьараб къоялъ гьенире ине хIадур ругин жидер гIадамал:

ГIалибег ГIалиев: «Гъоркьисалаги нижер гьанир лъабго- ункъониги гIолохъанчи ана гIоралъ, моцIалъ терезе ккана гьезда хадур. Гьединлъидал нижер мухъалда халкъиял низам цIунулезул къукъаби гIуцIиялъул аслияб мурад буго гьел ва гьелда релълъарал ахIвал- хIалазде ккарал гIадамазе кумек гьаби, гIолилазулъ патриотикияб рокьи куцай. Гьединал, бокьараб къоялъ къватIире рахъине хIадурал гIолилазул сияхIги хIадурун буго. Ярагъги кодобе кьун гIолилаз ралагьизе кколел хъачагъалги ЛъаратIа мухъалда гьечIо. Амма нилъеда лъалареб жо буго, нагагь гьединаб ахвал- хIал лъугьани гьаниб гьезие дандечIей гьабунги бажарила, ИншаАллагь».

КIалагъоркье гьаб Дагъистан буссун бугонигицин тIокIаб туманкIали киб гурин, х1укуматалъе гIололъун рокъоса къватIивецин вахъинарин тIокIалъилан гьедун вукIанин жив жиндегоян мукIурлъана нижер программаялъе Казбек мухъалъул Калининаулалдаса Гъачалаев Гъачалай. 90- абилел соназул ахиралда Дагъистаналде Хаттабилги, Шамил Басаевасулги бетIерлъиялда изну гьечIого яргъид гIуцIарал рачIиндал, республикаялда киса- кибего гIадин, гьезул добаги ополчение гIуцIидал гьезда гъорлъ вукIарав чи ккола гьев.

Чачаназулгун мадугьалихъ букIиналъ Казбек мухъалул ополчениялъ чанго нухалда гIахьаллъи гьабизе ккун буго хъачагъазулгун букIараб рагъулал тунка- гIусиязулъ. Амма гьединал, рагъул кор боркьарал бакIазда сордо- къо батIа гьабичIого рагъаниги гьезул цонигиясе хIукматалъул рахъалдаса я гIарцул, я цогидал бигьалъаби гьарун гьечIо. Гьеб кинабго гьадин ракIалде швезабуна Гъачалайица ЭР-ялъе.

Гъачалай Гъачалаев: « Росулъа 40-саги цIикIкIун чияс, ахIун дорегун нухмалъиялъ кодобе ярагъги, ополченцал рукIин тасдикъ гьабулел кагъатги кодобе кьун, къасилъи къалъи батIалъи гьечIого цIунана нижеца росу. Гьениб гIахьаллъи гьабурав 40-го чиясе, я рагъулав ветеран абураб цIар, я гIарцулаб кумек щибниги гьабичIо. Гьа, сундуе гIолоха кIиабизеги гьанже дун къватIиве вахъине кколев?! МахIачхъалаялде ани гьенисан нахъ чIвала, Москваялде анани гьениб абула нужерго доба тIубалеб суал букIанин гьеб гьенире рачIинецин кколароанин абун. Доб мехалъ лъукъаралги руго нижер росулъ гьабсагIаталъ гIолохъаби.

Алмахъ росу къотIун ун букIана кIиго Камаз автомобиль цIурал хъачагъазул кIудияб къукъа. Гьеб мехалъ Калининаулалдаса цо гIолилав чIван ункъояв лъукъун вукIана, лъукъаразул кIигоязе хIукуматалъ чIезабураб пенсияги букIана, амма хадуб къотIизабуна гьезие гьеб мустIахIикъал гьечIиланги абун. БакI ккун букIаго абизин лъукъаразул цоясул хIатIил килщал рукIана тIун, кьвагьул алаталъул кесекги щун. ЧIварасул гIагарлъиялъеги гьабичIо сундулниги рахъалъ кумек. Гьединал мисалалги рукIаго щибизе дун гьанжеги къватIиве вахъине кколев? Жидеего хIажалъидал «вагьай –гьурайилан» ахIдола, ахIи балелде цебе жидецаго гьабизе кколеб букIаралъул пикруго гьабуларо».

Гъачалайица гьаниб бицен гьабулеб буго 1997 соналъул 10 январалда Буйнакск мухъалъул рахъалдаса Чачаналдехун унеб букIараб кIиго Камаз цIурал изну гьечIого яргъид гIуцIаразде данде гьабулеб букIараб дандечIей.

Дагъистаналда халкъиял низам цIунулезул къукъаби гIуцIаниги оперативияб ахIвал –хIал гьададинго хIалуцун буго.
XS
SM
MD
LG