МагъчIваялъе рес

Россиялъул солдатал кин кколел Украиналде


​Россиялъул солдатал армиялдаса нахъе унел ругин Украиналда бугеб конфликт сабаблъунилан бицун буго «Рейтер» агентствоялъе жалго гьел солдатазги инсанасул ихтиярал цIунулезги.

Агентствоялъ хъвавухъе, Россиялдаса солдатал Украиналда унел тунка-гIусиязда гIахьаллъулел рукIиналъул чанги далил буго, амма Россиялъул нухмалъулез гьел харбазе баянал кьолаго абулеб буго гьеб кинабго гьереси бугин, солдатал гьенир гьечIин.

Конфликталда гIахьаллъарал солдаталгун гара-чIвари гьабизе журналистазе къанагIат гурони щун букIинчIо. Мисалалъе, «Новая газетаялдаса» Елена Костюченколъ гьабун букIана интервью Бурятиялдаса рагъулавгун. Тунка-гIусиялда гьев квешго лъукъана ва гьесул тIом гIемерисел бакIазда бухIун бугоан.

«Рейтер» агентствоялъ интервью гьабун буго чанги солдатгун. Мисалалъе, гьезул цояв кколаан Москваялдаса. Гьес бицана араб соналъул риидал жал Москваялдаса Ростов икълималде ритIанин. Гьезда абун буго гьенир рагъулал ругьунлъаби рукIине ругилан.

Кантемировасул танковияб дивизиялдаса гьев солдатас абухъе, Ростовалде гьел щвечIо, Украиналде ритIана гьел. «Россиялъул гIорхъи тун хадуб, цо подполковникас абуна, жиндир буюрухъал тIурачIел туснахъазде ритIилин. Цо-цо солдатал нахъе унел рукIана, амма гьезие щибго гьабичIо», - ян бицана журналистазе Москваялдаса солдатас.

Официалиб Москваялъ абулеб буго Украиналда ругел Россиялъул солдатал – гьел солдатал гурин, жидерго гъираги баккун, армия тун, гьенире арал ополченцал ругин.

«Гражданин. Армия. Право» абураб инсанасул ихтиярал цIунулеб къукхаялъул нухмалъулев Сергей Кривенкол рагIабазда рекъон, офицераз солдатал-контрактникал тIамулел руго Украиналде ине. Гьел хIинкъизарулел руго, армиялдаса нахъе гъезе ругин абулеб буго, гIарац кьезе бугин абулеб буго.

Кривенкояс абухъе, гIемерисел солдатал разилъулел руго, щай абуни, мисалалъе, хъизан хьихьизе гьезул цогидал ресал гьечIо. «ГIемерисел контрактниказул хъизанал руго, гIарац кьезе кколел рукъзал руго, ипотекаби руго, налъаби руго. ГIарац бачIине бегьулеб цогидал ресалги гьечIо гьезул. Гьелдалъун, армиялдаса нахъе рехичIого рукIиналъе гIоло, гьел разилъулел руго Украиналде ине», - илан абуна Кривенкояс.

Цогидав солдатас бицун буго журналистазе, жалги тIамунин Украиналде ине. Гьес абухъе, гьелги Ростовалде ругьунлъабазделиан ритIана, амма гьениса гьел ккана Украиналъул территориялде. Гьес абухъе, рагъулал тунка-гIусиязда гIахьаллъиралин гьевги гьесул лъабго гьалмагъги чIейдал, гьел армиялдаса нахъе къотIана.

Гьединго Украиналде ритIарал Россиялъул солдатал тунка-гIусиязда чIван хадур, рагъулал нухмалъулез абулеб буго гьел ругьунлъабазда хванилан. Гьел хварал солдатазул хъизаназе компенсациял кьолел руго – солдатасул гIумруялъухъ багьа Россиялда гъурщил 5 миллионлъун чIезабун буго.

Инсанасул ихтиярал цIунулез чанги нухалда лъазбулеб букIана Украиналда унеб рагъулаб конфликталда Шималияб Кавказалдаса солдаталги гIахьаллъулел ругин. Дагъистаналдаса «Черновик» газеталъул лъазабиязда рекъон, республикаялдаса къоло хадув солдат хун вуго Украиналда. Газателъ хъвавухъе, Донецк ва Луганск икълимазда ругел рагъулал конфликтазда чIвана Буйнакск мухъалъул Гъоркьа Гъазданущиб ва Атланаул росулъа чагIи, Дербент мухъалъул Белиджи росулъа чагIи, Хасавюрт мухъалъул Шагьада ва Аксай росулъа чагIи, руго хварал Бабаюрт, Гъизляр ва Гъизилюрт мухъаздасаги.

Хварал солдатазул гIагарлъиялдаса чагIи журналистазе баянал кьезе хIинкъулел руго. «Эркенлъи» радиоялъ хIалбихьун букIана кIалъазе МахIачхъалаялдаса Аминат Мурадовагун, цIар хисараб абулеб буго. Гьелъул рос Ставрополь икълималда рагъулаб бутIаялда контрактник хIисабалда хIалтIулев вукIана. Щвараб информациялда рекъон, гьев витIун вуго Донецк икълималде ва гьенив чIван вуго. Мурадовалъ инкар гьабуна баянал кьезе. Гьелъул номер радиоялде кьурал чагIазда Мурадовалъ абун буго журналист кIалъалев вукIанин ва гьесие жинца гьереси бицанин жиндир рос Украиналда хвечIин. Гьелъ абуралда рекъон, гьей хIинкъулей йиго баянал кьезе. Лъихъаса ва сундаса хIинкъулей йигейали гьелъ бицун гьечIо.

«Черновик» газеталъул вакил МухIамад МухIамадовас «Эркенлъи» радиоялъе абуна жидееги баянал кьолел гьечIин чIваразул гIагарлъиялъ. Цо-цоязул гIагарлъиялъухъе гьел щун рукIун руго. Гьез бицунеб буго жидер васал, росал, вацал чIванин Украиналда, гьадинаб рагъулаб бутIаялда рукIанин гьел, амма газеталъе баян кьеян абидал, гьезул хабар гьоркьоса къотIулеб буго. Аноним хIисабалда цин бицунеб гьечIо. Жал хIинкъулел ругин абулеб буго, жидер телефоназухъ гIенеккулел ругин абулеб буго.

Инсанасул ихтиярал цIунулей Елена Денисенкол рагIабазда рекъон, гьелдаги лъала Дагъистаналдаса солдатал тунка-гIусиязда гIахьаллъиялъул чанги хIужжа. Гьелъул лъалел-хъвалезул вас Донецкалда вугин, абулеб буго гьелъ.

Елена Денисенко: «Гьезул часталдаса солдатал ритIулел рукIун руго. Гьес бицухъе, гьев жанив вукIарав танкалда цIа рекIкIана тунка-гIусиялда, амма гьесие кIун буго хвасарлъизе. РухIарал танказда хварал солдаталги рукIун руго. Гьезул гIагарлъиялда абулеб бугоан, гьел ругьунлъабазда хванин. Жалго солдатал, ругьунлъабазде ритIулел ругилан абун, цо щалалиго документал гъулбасизе тIамун руго, гьезул паспорталги ракIарулел рукIун руго. Лъалел-хъвалел чагIазул гьев вас, Крымалда референдум унеб мехалъ, гьенив вукIана, гьениса гьев витIана Донецкалде».

«Ставрополь икълималдаса солдатазул улбул» абураб гIуцIиялъул нухмалъулей Людмила Богатенковалъ лъазабун букIана, Украиналда унеб рагъулаб конфликталда гIахьаллъулел Россиялъул солдатазул сияхI бугин жиндихъ кодоб ва гьеб сияхIалда рехсон бугин щунусго хадуб цIар. «ГIемерисел руго Дагъистаналдаса, Чечняялдаса, Шималияб Осетиялдаса», - илан абуна Богатенковалъ ва тIаде жубана Украиналде арал солдатазе 250 азарго гъурщидалъун премия кьолеб бугин.

XS
SM
MD
LG