МагъчIваялъе рес

Дагъистаналъул нухмалъиялъул информациялъул блокалда хиса-басиял гьаруна


20 апрелалда Дагъистаналъул нухмалъиялда ккана иргадулал хиса-басиял. Печаталъул министр Азнавур ХIажиев нахъе вахъун, гьесул бакIалде тIамун йиго «Дагестанская правда» газеталъул бетIерай редактор Бурлият Токбулатова.

Хиса-басиял гьариялъе гIилла ккун буго лъидаго хъвачIел газетазе дандечIей гьабизе кIвечIолъи цевесев министрасда. КIвезе бугищ информациялъулаб политика Токбулатовалда цебетIезабизе?

20 апрелалда министр гуревги , хисана Республикаялъул бетIерасулги хIукуматалъулги пресс-хъулухъалъулгун информациялъул бутIаялъул нухмалъуда йикIарай Тамара Чиненная. Гьелъул бакIалда тун вуго цевеккун Печаталъулгун информациялъул министр хисулевлъун вукIарав Зубайру Зубайруев.

Азнаур ХIажиев Печаталъул министрлъун тун вукIана 2013 соналъуд 13 сентябралда. Гьелдаса цебе гьес нухмалъи гьабулеб букIана Дагъистаналъул РГВК каналалъе. Официалияб баяналда лъазабулеб буго Азнаур ХIажиев министерлъиялдаса вахъулев вугин, гьев цогидаб бакIалде хIалтIизе тIамулев вукIиналда бан, амма кивеяли мухIкан гьабулеб гьечIо.

ТIалъиялда ГIабдулатIиповас иргадулал хисиял гьариялъе ккараб хIакъикъияб гIилла экспертаз хурхинабулеб буго ахираб кIиго моцIида жаниб Дагъистаналъул бетIерасул рейтинг лъалаго бортун букIиналда. Республикаялъул бетIерасул сверухълъиялда информациялъулаб политика билълъинабун бажарун гьечIо. Мисалалъе бачине бегьулила «Забота» интернаталда сверухъ ккараб хъуй.

Жакъа республикаялда пачалихъиял информациялъул политика гIумруялде бахъинабулезул лъидаго хъвачIел информсурсаталгун ва газеталгун гьабулеб цадахъаб хIалтIи гьечIин, пачалихъиял информсурсатаз гьел гьечIеб ххвелцин гьабуни абулеб буго «Черновик» газеталъул бетIерав редактор Маирбег Агъаевас. Дагъистаналда тIалъиялъул информсурсатазулгун, хасго лъидаго хъвачIел газетазулгун, ругел ричIчIунгутIиял, цогидал, кIвар бугел гIунгутIабазул рагIдукь рукIанила, амма ахираб кIиго моцIида жаниб профессионалияб цадахъ гьабулеб хIалтIи гьечIолъи тIубан рагьанила.

Маирбег Агъаев: «ТIалъиялъул «Черновик», «Новое дело» гIадал лъидаго рачIел газетабигун профессионалияб даражаяжа цадахъаб хIалтIи гьечIолъи халатбахъунеб букIана кIиго-лъабго соналъ. Амма гьеб гIунгутIи букIана цогидал: террор, коррупция гIадинал проблемабазул рагIдукь. Ахираб кIиго моцIида жанибин абуни раккана информациялъулаб пространствоялда гьеб гIунгутIи тIатанабулел материалал. Информациялъулаб политика гIумруялде бахъинабун тIалъиялъухъа бажаричIо. ТIалъи тIубан батIа тIун чIун буго прессаялдаса. БетIерасул администрациялъул ва тIолго ХъахIаб рукъалъул гьоркьалъаби тIуран хун руго СМИгун. Бищун кIвар цIикIкIарал, республикаялъул тIалъиялъ гIахьаллъи гьабулел лъугьа-бахъинал хутIулел рукIана кадралда нахъа. Гьезие хIажат букIана «Черновик» ва «Новое дело» газетаз кIиабилеб кIваралъул форумазда ва цогидал дискуссиязда гIахьаллъи гьабиялда тIубазабизе. Амма гьединал, кIвар гьечIел информациялъул лъугьа-бахъиназ нижер гIахьаллъи гьечIолъи хисун гьезухъа бажаричIо. Гьелъул хIасиллъун ккана гьел иргадулал кадразул хиса-басииял».

Бицен гьабулел материал кколел руго «Забота» интернаталда хурхун тIалъиялъул позициялъул бицунел. «Черновик» ва «Новоде дело» газеталгун гьоркьолъаби чIезариялъе хIаракат бахъулеб гьечIила тIалъиялъ, гIаксалда, гьениб бахъаралда данде хIалтIи гьабун гурого. ТIалъиялда хиса-басиял гьариялъ информациялъулаб политика билълъинабун бажариги щакаб бугин бицана «Эркенлъи» радиоялъе Маирбег Агъаевас.

МаирбегАгъаев: «Дир пикруялда, гьел кадразул хиса-басияз гIемерал суалал рижизарулел руго. Гьез щиб букIаниги информациялъулаб политикаялъулъ хисилиланги кколаро дида. Щай гурелъул гьел чагIи руго цебе букIарабго системаялда хIалтIулел рукIарал чагIи. Гьез щиб букIаниги цIияб жо гьабибин кколаро дида. Профессионалиял гьезул бажариялде дир тIад кIалъазе бакI гьечIо, амма бугеб системаялъе «цIияб би биччазе» бажаризе гьечIо гьезда. Гьел ругьунал руго долго басрияб схемаялда рекъон хIалтIун. Ругел дискуссиялъулал площадкабигун гьокьолъаби чIезарун бажаризе бугищилан суалги бижизабулеб буго».

Агъаевас гьединго тIаде жубана, жакъа республикаялда бугеб ахIвал-хIал, лъидаго бачIеб прессагун бухьенал чIеариялдалъун хисизабзе бажаризе букIанин, амма гьел бухьенал тIалъиялъ гьари щакаб бугила.

Гьединго лъазабулеб буго РГВК каналалъул нухмалъуев МухIамадег АхIмадов хисун вугилан. Цеве Печаталъул ва информациялъул министрлъун вукIарав Азнур ХIажиев вачIинин гьениве тIад вуссунилан хьулал рукIана каналалъул хIалтIухъабазул. Амма «Эркенлъи» радиоялъухъе щварал баяназда рекъон, цIияв нухмалъулевлъун тун вуго Къурбан Къуранов. Цеве гьев хIалтIулев вукIун вуго гьеб каналалъул нухмалъулев хисулевлъун.

XS
SM
MD
LG