МагъчIваялъе рес

Дагъистаналда «МугIрузул» вакил хисана


МугIрузул мухъалда республикаялъул бетIерас тарав официалияв вакил хисана

Дагъистаналда хисана МугIрузул мухъалда республикаялъул бетIерас тарав официалияв вакил. МухIамадхIажи ЗайнулгIабидовги нахъе витIун, гьесул бакIалде вачIана гьанжелъагIан МахIачхъалаялъул мэриялда хIинкъи гьечIолъи чIезабиялъул рахъалъ гIуцIараб бутIаялъул нухмалъулевлъун вукIарав ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимов.

Гьединго МугIрузул мухъалда тарав гьев вакил гIодов чIолеб бакIлъунги лъазабулеб буго МахIачхъала шагьар. Гьединан гъулбас гьабуна республикаялъул бетIерас хасаб документалда гъоркь. Гьединабго документалда республикаялъул бетIерас хъвалеб буго дов цеве гьеб хъулухъалда вукIарав ЗайнулгIабидов цогидаб хъулухъалде унев вукIиналъ вахъулев вугин МугIрузул мухъалда вугев официалияб вакиллъиялдаса.

Гьебго заманалда цогиги баяналги руго - масала, республикаялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIипов МухIамадхIажи ЗайнулгIабидовасул хIалтIудаса рази гьечIин абуралги. МоцIалъ цебе хIукуматалъул бланкалда тIад хъварал кагътал ритIун рукIана гьес магIарул мухъазул нухмалъулезухъе, республикаялъул нухмалъиялда дандги бачIого.

Гьениб бицен гьабулеб букIана мухъазул газетал магIарул мацIалда бахъулеб республикаялъул газеталъухъе кьезе лъикIаблъун бихьизабиялъул рахъ кквей-ккунгутIиялъул. ГIицIго гьеб багьанадуй ккун батиларин тIалъиялъ, гьединал гIунгутIаби МугIрузул мухъалда тарав официалияв вакиласул хIалтIулъ чанги рукIанин бицана ЭР-ялъе хIукуматалъул минаялъусан.

Гьеб хъулухъалда бан пикраби батIи-батIиял руго республикаялда. Цоял тIадрекъола гьелда, цогидал рекъоларо. Щибаб мухъалда кколеб хIакъикъат лъазелъун республикаялъул бетIерас гьеб хъулухъ ургъулеб батани, гьабщинаб гIарацги пачалихъалъ харж гьабун, цогидал идараби щай хIалтIулелали бичIчIулеб гьечIо гьезда.

Амма Шамил мухъалдаса Нажмудин ХIажиевас рахъкколеб буго Рамазан ГIабдулатIиповас ургъараб хъулухъалъул.

Нажмудин ХIажиев: «Щивав чи щибаб мухъалдаса ГIабдулатIиповасда аскIовеги щоларелъул, гьев официалияв вакил тун вугони, халкъалъе хIажатаб жо республикаялъул бетIерасда рагIизабизе бигьа букIинарищха? Гьединлъидал гьеб хъулухъалъул пайда кIудияб буго. Рамазан ГIабдулатIиповасул мурад буго жив гьеб хъулухъалда вугебгIан мехалъ халкъалъул рукIа-рахъин лъикIлъизабизе.

Нижер Гьоори росдае къваригIун букIана лъим бахъизе. Гьелъул хIакъалъулъ республикаялъул официалияв вакиласде гIарзги бахъун, I2 км манзилалда кIиго соналдасан бахъана нижее гьеб. Гьединлъидал хIалтIизе бажарулев чи гьениве тIамуралдаса, батIалъи гьечIо щиб миллаталъул гьев ватаниги».

ЦIумада мухъалдаса АхIмад ГIабдулаевас рикIкIунеб буго бицен гьабулел хъулухъазул кинабгIаги пайда гьечIилан.

АхIмад ГIабдулаев: «Гьединал хъулухъазул пайда букIуна гIицIго гьенир тарал чагIазе, гьезул гIагарлъиялъе. Гьале I0 сон буго дун дове-аниве хъвадарулелдаса. Дирго наял руго дир. Гьезие шартIал чIезаризе къваригIун, пачалихъалдаса кумек тIалаб гьабулеб буго дица. Амма хIасил кколеб гьечIо».

20I3 соналъул хаслихъе республикаялъул бетIерас Дагъистан ункъо мухъалде бикьана - МугIрузулги, Централиябги, Къилбаялъул рахъалда бугебги, Шималиябги рахъал ккола гьел. Гьелда тIасан пикру загьир гьабуна I0 февралалда журналистазулгун букIараб дандчIваялда республикаялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас. Жинца байбихьуда гьенире официалиял вакилзабилъун тIамулел рукIанин хIалбихьи бугел гIадамал, амма гьанже гьенир хIажат ругин речIчIа-регIарал чагIиян абуна республикаялъул бетIерас.

XS
SM
MD
LG