МагъчIваялъе рес

Цо-цо мехалда жамгIияб гьаракьги рагIуна тIалъиялда...


ЖамгIияталъ хIакимзабазда тIад бергьенлъи босараб хIужа ккана гьал къоязда МахIачхъалаялда. Чанго соналъ цебе бухIараб лъималазул школа-интернаталъул ракьалда иргадулаб нухалда бизнес гьабизехъин батун, гьениб парк букIине кколин чIана халкъ.

АнцIидаса цIикIкIун соналъ цебе МахIачхъалаялда бухIун тIатIала ккун букIана гIинкъал ва мацI лъаларел лъималазул школа-интернат. БитIун шагьранухда букIиналъ, гьеб ракь шагьаралъул мэрасул гIагарлъиялъ жидеего босулеб бугиланги букIана хабар. Гьединлъидал доб мехалда биценгицин букIана ургъунго лъураб цIа бугин гьеб, гьениса лъимал нахъе рахъинаризе. Гьелдаса хадуб гьеб интернат Ленинкенталде бахъана.

Гьеб цIадулъ гIезегIан лъимал рухIана ва лъукъа-къотIи щвана.

ГIезегIан мехалъ гьеб ракьалда щибниги букIинчIо. Цинги цо заманалда бакIал ралеб гIуцIи рагьун бугин абулаан.

ГьанжегIагар гIадамаз суал борхана нусазаргогIан чияс гIумру гьабулеб жидер Сепараторазул мухъалда цониги объект гьечIин хIухьбахъизе рес кьолеб. Гьединлъидал гьезда ракIалде ккана школа-интернат букIараб бакIалда парк гьабизе. Гьал арал гIодоркъояз халкъ бакIарана гьенибе росун булдул-лъундулгун, ва цогидаб алатгун. Цинги вачIун чIана цо Батир абулев чи жив вугила гьеб бакIалъул хважаин. ГIемертIалаяб мина базе гьеб ракь шагьаралъул администрациялъ кьунила жиндие.

ГIодоркъоязда гьениб хIалтIулеб халкъалда гьоркьов вукIана Дагъистаналъул гIолилазул ишазул рахъалъ гIуцIараб министерлъиялъул вакил МикагIил МикагIиловги. Гьадин бицана гьес ЭР-ялъе.

МикагIил МикагIилов: «Дида бичIчIараб бакIалъа гIебеде, доб цIа ккун хадурго ун рукIун руго гьел гIадамал экс-мэр СагIид Амировасухъе гьеб бакIалда парк гьабеян гьаригун. Гьабилин рагIи кьун букIун буго, амма хIасил ккун гьечIо.

Гьеб бакIалда субботник гьабизехъин букIин гьал гIодоркъоязда интернеталдасанги лъан ун вукIана дунги цогидал гIолохъабиги гьенире (чвантинир квердаххелалги лъун)».

МахIачхъалаялда тIоцебесеб мисал бугин абизе бегьула гьеб халкъалъ хIакимзабазда тIад бергьенлъи босараб.

МикагIил МикагIилов: «Гъоба якъинго бихьулеб букIана,щив гьелда тIад бетIергьанлъи гьабизе лъугьаниги, халкъ бергьине букIин. Щайин абуни гьенир рукIана чIахIиялги, хералги, руччабиги, лъималги... ГIицIго гIундул рекарал гIолохъаби гьенир рукIаралани, батIияб ахIвал-хIал лъугьинаанха гъоба. Цояз цоясухъа хIал гьабун бахъичIого телароан гьеб ракь».

Гьеб ракь жиндир бугин чIарав чиясухъ ратун гьечIо гьелъие нугIлъи гьабулел документал. Юристаз гьенир гIезегIан гIунгутIаби тIатинарунин бицана ЭР-ялъе МикагIил МикагIиловас.

МикагIил МикагIилов: «Юристаз абулеб буго аукционги гьабичIого бичараб ракь букIун бугин гьеб. Гьеб рахъалъ цIех-рех гьабизе кколаан жакъа (21 марталда – ЭР) шагьаралъул администрациялда. Гьаб ахIи-хIур бахъинегIан гIадамазда гьеб ракьалъул хважаин вихьунго вукIун гьечIо. Гьелъул ункъо-щугониги хважаин вугин абулеб букIана. ПалхIасил, жидеца гьеб ракьалда парк гьабизе бугин чIараб щулияб пикру буго халкъалъул. Администрациялъ мекъаб хIукму гьабун бугин, гьединлъидал цогидаб бакIалда кьезе биччайинха гьесие ракьилан абураб пикруги загьир гьабуна гIадамаз».

Паркги гьабун, гьенир рухIун хварал лъималазе монумент базеги ракIалда буго бакIалъул гIадамазда. Гьелда тIад рекъон буго тахшагьаралъул администрацияги.

XS
SM
MD
LG