МагъчIваялъе рес

Минабазул масъала – Амировасул ирсищ?


Парк гьабизехъин букIараб бакIалда минаби ралел ругин гIарзагун Киров мухъалдаса махIачхъалаялъулал рачIун руго гьал къоязда «Дагъистаналъул улбул» абураб инсанасул ихтиярал цIунулеб гIуцIиялде.

ГIуцIиялъул нухмалъулей Светлана ГIисаевалъ бицана «Эркенлъиялъе», гIадамал шагьаралъул администрациялъ гуккун ругин, амма, къануналда рекъон, парк гьабизехъин букIараб бакIалда минаби разе ихтияр бугин. ТIадежоялъе, гьел минаби ралезулги руго гIарзаби цо-цо ракьул бутIаби батIи-батIиял чагIазе кьун ругин мэриялъ.

«Эльтав» заводалда гIагарда бугеб рохьил зонаялда парк гьабеилан жидеца чанги нухалъ гIарза битIун букIанилан шагьаралъул мэриялдеилан бицана МахIачхъалаялъул Киров мухъалдаса ГIумар ХIамзатовас.

Гьесул рагIабазда рекъон, гьес гIумру гьабулеб буго рохьил зонаялда аскIоб бугеб гIемертIалаяб минаялда. Гьеб бакIалда ругел минабазда гIумру гьабулез гIурччинаб зонаялда паркилан абулаан ва жидецаго гьенир хьонбакIалги лъуна, лъималгун тира-сверизеги рахъуна, хIухьги бахъула гьенибе гьез.

Саид Амиров мэрлъун вугев мехалда гьес рагIи кьун буго гIадамазе гьеб гIурччинаб зона парклъун гьабилин. Амма цодагьаб мех индал гьенир минаби разе байбихьун буго.

ХIамзатовас бицухъе, гIурччинаб зонаялда гIемер гъутIби къотIана ва гьенир минаби раялъул хIалтIаби унел руго. «Амировасухъеги хъвана нижеца къагътал, Рабадановасухъеги хъвана, Сулеймановасухъеги хъвана. Мэриялъул вакилалги рачIун рукIана нижехъе, нижер гIарзаби хIисабалде росаниланги абун гьел тIагIана, амма гъутIбиги къотIана минабиги ралел руго. ТIадежоялъе, минаби ралез нижеда «зеленкабиги» рихьизаруна ва абуна къанун жидеца хвезабулеб гьечIин», - ян бицана «Эркенлъиялъе» ХIамзатовас.

Киров мухъалда бугеб гIурччинаб зонаялда балеб минабазда гьоркьосан цояб гIемертIалаяб мина ккола пачалихъияб проектлъун. Риххун ине хIадарулин рикIкIунел минабахъ гIумру гьабулел гочинаризе ккола гьенир. Ракьалъул кIиго гектаралда 16 тIалаялъул 11 мина базехъин буго пачалихъалъ. Гьенир минаби разе изну щун буго шагьаралъул мэриялдаса.

Гьанибго тIаде жубала, гьел минабазде гочинаризе кколел разиял гьечIо жидее чIезарулел ругел шартIаздаса. Шагьарбакьулъ гIумру гьабун ругел гьел гIадамаз жал гьеб мухъги тун МахIачхъалаялъул цо рагIалда гьезие базе бугеб хасаб микрорайоналде рахъинарин лъазабуна гьез чанги нухалда. Жидер рукъзал рукIараб бакIалдаго кьейила жидее рукъзалин чIун руго гьел.

Амма гьезие минаби ралел руго Киров мухъалда, гьединго гIурччинаб зоналда ралел руго пачалихъиял проектал гурел минабиги.

ТIоцебе мэриялда ракIалда ккун букIун буго Киров мухъалда бугеб школа-интернаталда гIагарда бугеб ракь кьезе минаби разе, амма гьеб ракь республикаялъул балансалда унеблъун ккола.

Гьелдалъун администрациялъ мухъалда бугеб гIурччинаб зона бихьизабун буго минаби разе бегьулеб ракьлъун.

Амма мэриялъул гьел изнукьеязда тIаса диваналъул данделъаби байбихьизе бегьула. Электроннияб кадастралъул картаялда рекъон, ракьалъул цо-цоял бутIаби батIи-батIиял чагIазе кьун руго.

ТIабигIиял сурсатазул министерлъиялъ Киров мухъалдаса махIачхъалаялъулазе жаваб кьун буго жидеда щибго гьабизе кIоларин гIемертIалаял минаби раялъул хIалтIаби чIезаризе.

Министерлъиялда абун буго ЖКХялъул идараялъе изну кьунилан жидеца 500 гъветI къотIизе, амма идараялъ шагьаралъул батIи-батIиял бакIазда I000 гъветI чIезабизе ккола. Къануналда рекъон, цо къотIараб гъотIол бакIалда кIиго гъветI чIезабула.

ГъутIби къотIизе изну кьей гурони, тIокIаб хIалтIи гьабун гьечIо министерлъиялъ. Гьениб бичIчIизабуна, каъуналда рекъон, экологияб экспертиза гьабизе жидер ихтияр гьечIин, щайгурелъул минаби разехъин ругел ракьазул документал ратанин гIадамазухъ кодор.

ТIадежоялъе гьел ракьал ккола муниципалияллъун ва тIабигIатцIуниялъул террориторияллъун кколаро.

МухIамад Сулейманов мэрлъун вахъараб мехалда, гьес хасаб комиссия битIана гIадамазул гIарзаялда тIаса цIех-рех гьабизе. Гьеб комиссиялъ хIукму къотIана Киров мухъалда бугеб рохьил зонаялда минаби разе бегьуларин. Амма минаби раялъул хIалтIаби гьелдалъун чIезаричIо лъицаниги.

«Черновик» газеталъ лъазабухъе, октябралда халкъияб мажлисалъул сессиялда депутат МахIмуд МахIмудовас борхана гIурччинаб зонаялъул суал ва абуна бичIчIулеб гьечIин тIабигIиял сурсатазул министерлъиялъ щай изну кьураб гъутIби къотIизе.

Министерлъиялъул нухмалъулев Набиюла Карачаевас жаваб кьуна гIурччинаб зонаялда минаби ралел ругин федералияб программаялда рекъон ва минаби раялъул хIалтIаби чIезаруни, республикаялъе федералияб бюджеталдаса гIарац щвезе гьечIин. Ахир-къад спикер Хизри Шихсаидовас абуна хIалтIаби чIезареян.

Шихсаидовасул тIадкъаяздаги лъицаниги гIинтIамичIо — хIалтIаби гьоркьоса къотIичIо. «Черновик» газеталъул вакил МухIамад МухIамадовас абуна «Эркенлъиялъе» шагьаралъул нухмалъиялда гьел хIалтIаби чIезаризе гьезие бокьаниги бокьичIониги кIолеб гьечIилан.

МухIамад МухIамадов: «Черновик» газеталъ чанги нухалда хъван букIана шагьаралда батIи-батIиял азбаразда, батIи-батIиял территориязда къануналда рекъечIого минаби ралел ругин. Раккулел руго гIемертIалаял минаби, супермаркетал, гаражал. Гьел масъалабазул хIакъалъулъ чанги нухалъ гIарзабиги хъвана мэриялда.

Абизе жо гьечIо, гьел гIарзаби гьенир хIисабалде росула, комиссиял гIуцIула ва комиссияз рапортал кьола минаби раялъул хIалтIаби чIезарунин, пуланал минаби риххизареян тIадкъаял кьунин ва гь.ц. Амма рапортал гьаруниги, минаби риххулел гьечIо, гьел раялъул хIалтIаби чIезарулел гьечIо.

Амировасул иш жеги хун гьечIилан абулаан цо-цояз гьел минабазул хIакъалъулъ рагIараб мехалда. Цояб рахъалдаса, гьеб битIараб буго. Амма кинабго гIайиб мэрасул бугин абизе бегьуларо.

Мина баялъе изну щвезе ккани, чанги идараялдаса документ къваригIуна. Къануналда рекъон, гьел документал кьелалда цере, идарабаз халгьабизе ккола кибе мина базе бокьун бугеб изну тIалаб гьабулесе.

Амма къануналъулхъ гIенеккулел рукIаралани Дагъистаналда. Бахчараб экономикаилан абизе бегьула гьел идарабазул хIалтIуда. ГIемерисала, ришваталги кьун щола гьел документал. Ахир-къад, гьел минаби къануналда рараллъун рахъуна цохIо гьел документал рукIиналъе гIоло».

МухIамадовас гьединго тIаде жубана, документал ругел мехалъ изнуялъул буюрухъ гъулбасичIого чIезе мэрасда кIоларин. ЧIанани - диваналде гIарза кьола.

Диваналъ хIукму къотIула документазда балагьун ва гьелдалъун изну тIалаб гьарулезе рес щола минаби раялъул хIалтIаби байбихьизе.

XS
SM
MD
LG