МагъчIваялъе рес

Буйнахъскалъул мэрасул рищиял нахъе рахъана


15 февралалда Буйнахъскалъул диваналъ гьеб шагьаралъул бетIерлъун вукIарав ХIамзатов ХIусенил тIалабалда рекъон, Буйнахъскалъул мэрасул рищиял нахърахъана. 16 февралалда шагьаралъул депутатаз вищизе кколаан гьев мэр.

ХIамзатовас жиндирго гIарзалда хъвалеб буго жив хъулухъалдаса нахъе ине вугин абураб гIарза жиндица хъван букIинчIилан.18 январалда иргадулаб гуреб шагьаралъул мажлисалъул депутатазул данделъиялда бихьизабураб гьеб гIарза гьереси документ бугилан. Гьебги кьочIое босун Буйнахъскалъул бетIерасул ишал тIуралевлъун ГIамиров Закаря тейги гьебго гIарзалъул кьучIчIалда цIидахъан шагьаралъул мэрасул рищиял тIоритIизехъин рукIин гьебги къанун хвезаби кколилан.

Гьединго ХIамзатов ХIусеница лъазабулеб буго шагьаралъул мэр вищиялъул рищиял кида тIоритIелали хIукму къотIулеб данделъиялда Буйнахъскалъул мажлисалъул гIемерисел депутатал рукIинчIилан. Къануналда рекъон гьезул цIикIкIунисеб бутIа гIахьаллъани гурони гьеб мажлисалъ къотIараб хIукму хIакъикъияблъун рикIкIунарилан. Буйнахъскалъул мажлисалда вуго 21 депутат, гьезул анцIогояв гурони гьеб цебехун бицен гьабураб данделъиялда вукIинчIилан лъазабулеб буго ХIамзатовас.

Цебехун «Эркнелъи» радиоялъ бицун букIахъе 2016 соналъул 12 январалда хъулухъалдаса нахъе ине гIарза хъван бугин ХIамзатовасин лъазабуна шагьаралъул мажлисалъул депутатаз. Нахъисеб къоялъго гьеб документ гьересияб бугин гьес гьеб гIарза хъвачIилан лъазабун букIана ХIамзатовасул рахъкколез.

Гьелда хурхун прокуратураялде гIарзаги битIун букIун буго гьез. Гьеб гIарза гьересияб документ букIин лъаниги ва рейдеразул къагIидаялъ Буйнахъскалъул тIалъи гьаб сагIат шагьаралъул мэрасул ишал тIуралев вугев ГIамиров Закаряца бахъун букIин бихьулеб бугониги гьеб киналдаго хурхун жеги такъсиргьабиялъул иш щай рагьулеб гьечIебали бичIчIулеб гьечIила жиндидайилан абун разигьечIого вуго ХIамзатов ХIусенги. Хасго гьеб документ гьересияб букIин Дагъистаналъул ФСБялъул хасаб экспертизаялъги чIезабун бугилан лъазабулеб буго гьес.

Гьелда тIадеги ХIамзатовасги гьесул адвокатазги диваналда тIалаб гьабуна гьеб гIарза гьересияб бугищ гьечIищали чIезабизе ва гьеб иш тIубан роцIцIинабизе букIине Дагъистан тун къватIиб хасаб экспертиза тIобитIейилан. Республикаялъул тIалъиялъул рахъалдасан гьеб экспертица гьабулел чагIазде тIадецуй гьабизе рес бугелъул, Дагъистан тун къватIиб гьабизе кколин гьебилан лъазабуна гьез. Диваналъги гьезул рахъ ккун гьеб экспертица Ставрополалда тIобитIизе хIукму къотIана.

«Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда ХIамзатов ХIусеница абуна жив битIарав вукIин жиндида ракIчIун лъалила, бокьараб бакIалда жив ритIухъав вугин чIезабизеги хIадур вугила жив. Гьеб гьереси документалъе гIоло чанги чиясул проблемаги рукIине ругила, жиндица гьеб ишалда гъорлъ рукIаралщиназе тамихI гьабейилан тIалаб гьабизе бугилан.

ХIамзатов ХIусен: «Диваналъ гьел документал гьересиял рукIин чIезабуни, гьел хIадураралщиназ гьелъул къануналда рекъон жаваб кьезе ккола. Дица гьеб иш гьедин толаро. Дун унтун операцияги гьабун вугевгIан мехалъ рейдеразул къагIидаялъ дир хъулухъ кквезейилан лъугьана Амировги гьесул къокъаги.

Гьез абулеб буго дица дун хIалтIудаса ине вугин абун гIарза хъван бугила, гьебго къоялъ администрациялъул шофер моцIица хIухьбахъиялде витIизе документги гIуцIун бугила, гьелда гъоркь гъулбасунги бугилан. Гьел хъвараб заманалъухъ балагьани гьелъ бихьизабулеб буго цин дунго хъулухъалдасаги ун хадуб хIухьбахъиялде дица шофер витIараблъи. Гьеб жо гIадалаб магIна гьечIеб жо буго.

Хъулухъалдаса арав дица кин гьев хIухьбахъиялде витIулев, гьедин арав дица хъвараб хIукмуялда рекъон щайха гьев шоферасе хIухьбахъиялде унелъул кьезе кколеб гIарац кьураб? Киб гьениб магIна бугеб ? Гьеб гурониги дун гьеб гIарзаги хъван нахъе ун вукIарав ватани, щайха дица прокуратураялдеги диваналдеги гIарзал хъварал. Дун витIарав вукIин чIезабизе буго дица».

Гьединго диваналъ ХIамзатовасул гIарзалда рекъон халгьаби лъугIизегIан Буйнахъскалъул депутатазул мажлисалъул хIалтIи чIезабизе кколин абураб хIукмуги къотIана. Буйнахъскалъул администрациялъул рахъалдасан цониги вакил вачIун вукIинчIо диваналде.

Гьез гьеб ХIамзатовасул гIарза кьучI гьечIеб жо бугила, гьединлъидал гьеб нахъбахъейилан тIалаб гьабун кагъатги бачIун букIана диваналде. Гьеб нахъчIвана диванчияс. Ставрополалда тIобитIизе бугеб ХIамзатов хIалтIудаса иналъул хIакъалъулъ хъвараб гIарзалъул экспертизаялъул хIасил лъан хадуб гурони гьеб ишалда хурхун диваналъул данделъи тIобитIизе гьечIинги лъазабуна гьениб.

XS
SM
MD
LG