МагъчIваялъе рес

"Журналистазул хIаязул" ва гьересицIаразул хIакъалъулъ


Гьаб сагIаталда МахIачхъалаялъул ралъдал рагIалда бугеб "Джага" абураб ашбазалда унеб буго республикаялъул пачалихъалъулги эркеналги халкъияб информациялъул алатазул вакилзаби гъорлъ гIахьаллъараб "Игры журналистов" абураб данделъи.

"Журналистазул хIаязул" ва гьересицIаразул хIакъалъулъ
please wait

No media source currently available

0:00 0:04:27 0:00
Интернет-мухъ

Дагьаб цебегIан журналист ва блоггер Тамерлан МухIамадовасул хIаракаталдалъун гIуцIун букIана цебехун рехсараб цIаралда гъоркь пресс-клуб. Журналистикаялъул практикаялда гьединаб гIуцIи цебехун букIинищали лъаларо, амма хал гьабурабго гIезегIан интересаб положенияги, правилабиги, хIайги бугоан гьезул.

ГIахьаллъула микьго журналист, цебехун социалиял гьиназда лъола щуго-анлъго актуалияб тема ва халкъалъ бищунго кIвар бугеблъун рикIкIараб босула журналистазул хIаязда гьоркьоб лъезе. Щивав гIахьалчи жиндие бихьизабураб темаялда лъабго минуталъ кIалъала.

Ахиралда жидецаго клубалъул фишкаби лъикIаблъун рикIкIараб докладалъеги кьун тIаса вищула бергьарав чи. Буго гьеб клубалъул хасаб жюриги. Гьеле гьеб жюри абураб жоялъул кинаб масъала букIине бугебали дида лъаларо. МоцIида жанир щибаб рузманалъ хIан ахиралда бищунго цIикIкIун фишкаби щварав журналист бергьаравлъун рикIкIине рагIула. Масала, жакъасеб данделъиялда аслияб тема буго "Ине бегьулищ рухIияб идараялъул вакилзаби парламенталде?" абураб.

Щибха кьелеб нилъее гьаб гIуцIиялъ ва бахIсаз? Дир хIисабалда анкьица темаялдеги хIадурлъун лъикIаб пасихIаб мацIги гъваридаб анализги бугел махщелчагIаца цебе лъураб темаялда тIаса гьабулеб бахIс, жибго власталъеги пайдаяб, кIвар буссинабизе рекъараблъун букIине рес буго.

Бокьараб жамгIияталдаса бачIараб пикруялъул рахъ кквезе рекъараб буго, гьелъ халкъалъул пикруги, бичIчIиги, кантIиги бижизабулеб батани. Хьул буго цIияб гIуцIиги гьеб нухда инин. Амма гьаб журналистазул клуб абураб гIуцIиялде гIемерисезул божилъи гьечIеб гIадаб, иргадулав макручияс ургъараб пиар-акциялде гIадаб бербалагьи буго . ГьечIин гьениб пиар абуниги, бугин абуниги кIиябго пикру мекъи букIина, гьеб щиб жояли нилъеда лъала ахиралда хIасилазухъ балагьун.

Щай гьединаб божилъи гьечIеб пикру бижараб халкъалъул? Щай гурелъул ахираб соназда жамгIиял гIуцIабазул рагъа-рачариялъул хIасилазда раккун рачIана цIакъ гIемерал гьересицIаралги, гьезда сверухъ жидеего санагIалъи гьабулеб халкъги. "ЛъагIалил инсан", лъагIалил хIаракатчи", "лъагIалил спортсмен", лъагIалил кочIохъан", лъагIалил къолохъан" ва гь.ц.

Гьеб цIаралъул бергьарал къуралги рихьизаризе байбихьана телефоналде ва интеренеталдаса ритIулел смскабазул къадаралъ. Масала, цо тIадагьав чиясда ракIалда ккола жагьилаб халкъалда щибин лъалеб кин жиние цIар щварабали, кIвараб жо гьабизе ккола "лъагIалил инсанлъун" дунго гьавизеян. ТIубараб фан-къокъаги гIуцIун, абухъего цIекIав МухIумица телефоналъ кьурун, смс битIун, гьарун чагIи тIамун, рукъ-рукъалде ун, анкьие, моцIие бакIарула чамалиго анцI-анцI азарго гьаракь ва гьесдаса гьавула "лъагIалил хIаракачи".

Кколищха гьев лъагIалил хIаркатчи? Ккола, халкъалъе пайдаяб хIаркаталъул гуревха, бищунго кIудияб хIаркаталда жиндиего гьаркьал гьарарав хIаркатчи. Щиб пайдаха халкъалъеги, тIалъиялъеги, улкаялъеги букIинеб гьеб учузаб акциялъулги, гьересицIаралъулги, цIекIаб реццалъул дармидасаги? Щибниги букIинаро. Гьелъул гIаксалда кIудияб зарал букIина. Гьелъ хIакъикъияб цIарги, гьеб цIаралъе мустахIикъал гIадамазулги къимат хвезабула. Гьаниб пачалихъалъулги, пачалихъалъул къануназулги камиллъи гьечIолъиялъ гьоркьоб биччан тараб цо рахъ буго.

Масала, щай гьечIеб гьединаб хIаркаталъе гIурхъичIвай? Лъил ва кинал гIуцIабазул букIине кколеб ихтияр гьединал цIарал кьезе? Щай гьеб хIаракаталъ зарал гьабулеб батани законалъул регламент гьечIеб гьелда хурхун? Гьанибго бачIина бищунго аслияб суал - щай пачалихъалъ гьеб кверщел гIицIго жиндихъего толареб? "Пачалихъалъ жиндихъего босизе ккела"- ян абилаан нилъеца.

Пайда щиб, жибго пачалихъги рещтIун буго кьолел цIаразда аскIоб гьеб подвалазда рижарал жамгIиял гIуцIабазул ва гьересицIаразул къебелъилъун. 99 процент халкъалда жиндир асар лъаларел халкъиял поэталги, мекъи диагноз лъун гIадамал чIварал "мустахIикъал тохтиралги", цIалдохъабазул 10 ясдаса 9 чияр кумек гьечIого ЕГЭ кьезе кIоларел, хIатта живгоцин лъабилалдаса тIаде унарел "мустахIикъал мугIалималги" гIезарураб пачалихъалъухъа кин цIарал кьеялъул гIадлу нилъеца тIалаб гьабилеб?

Гьабун лъугьунищ гьеб, лъугьанин ккани релълъунищ гIадлуялда? МагIарулаз абухъе, "гьан махIцараб мехалъ тIаде цIам щвала, цIам махIцун хадуса щибдай гьабилеб?" Хабар лъикIаб рагIайги.

XS
SM
MD
LG