МагъчIваялъе рес

"ГIасрудал чирахъал, пикрудал нартал..."


Республикаялда лъугьа-бахъунелда хадуб хал ккурал чагIазе араб ва гьаб анкьил аслияб лъугьа-бахъинлъун букIанин абизе бегьула информациялъул политикаялда сверухъ лъугьун бугеб вала-рахас. Лъалеб букIахъе миллиял газетазул редакторазул лъагIелалъ цебе гьабун букIараб контаркаталъул болжал жакъа, 19 абилеб апрелалда лъугIана.

Гьел хисизе мех щун бугин абураб хIукмуги гьабун печаталъул министерствоялъ лъазабун букIана 21 абилеб апрелалда конкурс тIибитIизе. Масала, нилъер магIарул газеталъул редакторлъиялде документал кьурал кандидаталлъун рукIана гьал мухъал хъвалев дунги, ГIумахан ГIандийскийги, Шамсият СултIанбегова ва Камалов ГIали абурал гIелмабазул кандидаталги. Гьедин хъван бугоан доз кьурал кагътазда "к.ф.н" абун. Гьеб гIелмуялда хурхун баян кьезе хIажалъи бихьуларо. Рагъул заманалда самолеталдаса гъоркье кагъат ралел рукIун руго.

Рекерун гIадамал ралагьигун чIорого ратун руго. Гьалъул магIна щиб абун гьикъидал пилотас жаваб кьунила: " И так все ясно" (гьадинги лъалеб жо буго) ян. Гьезул гIелмуялъул бицунги щайха нилъее?

Бахчун щай, дица гьеб "ХIакъикъат" абураб газеталъул редакторлъун дун виччаян цебего абун букIана ГIабдулатIиповасда, дов разилъун вукIинчIо. Хадув дун тана "Дагъистан" абураб гIурус мацIалда биччалеб журналалъул редакторлъун ва гьенив хIалтIулев вуго жакъаги. Апрелалъул байбихьуда печаталъул министр Азнавур Аджиевас абуна дида "ХIакъикъаталъул" бетIерав редакторлъун хIалтIизе вачIаян.

ВачIина республикаялъул бетIерас изну кьуни, гурони гIадада документал кьеларин абуна. Гьедин абуна ГIандийскиясдаги, хутIарал гьудулзабаздаги. Дун гьеб хъулухъ балагьун векерахъдизе гьечIо, республикаялъул бетIерасгун министрас гьединаб хIукму гьабуни ина абун. Ахир щвана гьединаб изну министрасе ва документал кьуна. 21 абилеб къоялъ конкурс букIине кколаан.

Кандидатазда гьоркьоса дунги ГIумаханги кIиго "к.ф.н" ги гIахьаллъараб. Анкьил байбихьуда Р.ГIабдулатIиповас информациялъул политикаялъул иш кIала-гъоркье чIван бугин хъулухъалдаса нахъе витIана печаталъул министрги, сентябралде щвезегIан нахъе рахъана тIоритIизе кколел конкурсалги. Министрлъун тана "Дагъправда" газеталъул редактор Бурлият Токбулатова, республикаялъул бетIерасул информациялъулгун аналитикаялъул управлениялъул нухмалъуда Зубайру Зубайруев, РГВК директорлъун Къурбан абурав цо чи. Гьев щивали лъазе кIвечIо. Гьединал хиса-басиял ккана информполиткаялда.

Щиб хIисаб бугеб гьал хиса-басиязда нахъаяли абизе дие захIмат буго. Живго ГIабдулатIипов лъица щиб абуниги цIакъ кIудияб политикияб ва нухмалъиялъул хIалбихьи бугев чи вуго. Батула цо хIисаб гьеб галуда нахъаги. Амма дида гьаниб хъулухъ балагьизе рахъун рукIарал "к.ф.н" аздаги, цо-цо хъулухъазда тIамурал бахIарзазулги санагIат гьечIеблъун бихьулеб буго цохIо рахъ. Гьезул цонигияз гьабураб гIадамаз цIалулеб макъала, къиса, хабар, балагьулеб телепередача, гIенеккизе бегьулеб радиопередача, бахъараб суратниги, хъвараб бакъанниги, хIатта ватсапалда битIараб сообщениягIанги щибниги жо лъаларого буго тату хун.

ГьагъадигIан кIалъазеги, хъвадаризеги лъалев ГIабдулатIиповас щиб хIисабалде босун гьел чIорогоял чагIи цоял рахъичIого тарал, цогидал тIамурал? Гъосул жиндир щибаб калам кицилъун, афоризмалъун унелъул, ал гьадигIан чIорогоял щай тIаса рищулел кинго бичIчIизе кIоларо.

Гьел хъулухъазда тIамулел чагIазул хIакъалъулъ хабар ккедалцин реххана гьес цо калима: "Дида цониги художник лъаларо цогидав художник веццулев" абун. Гьедин батизеги бегьула. Амма дида битIараблъун бихьулеб букIана адабалда ГIалиги мустахIикъаб хIалхьиялда витIун гьениб дица, ялъуни ГIумаханица нухмалъиги кодобе босун, гьениб кинабго аваразул гIелмияб ва творчествоялъул интеллигенцияги цолъизабун, хъвадарухъаби, актерал, гIалимзаби, журналистал ва цогидал киналго гIаммаб ишалда сверухъ цолъизе.

ГIалие хIажат руго ГБУял, уставал, ресторанал, интиригаби, мацIал, харбал ва цогидаб вала-рахас. Нужер цониги гьев лъалев чиясда рагIанищ адабияталъул, ялъуни творчествоялъул бицунев? РагIичIо, рагIизе ресги гьечIо. Гьеб гьасие хIажатги гьечIо. Бегьилаан ГIали цониги бакIалда министрлъун, яги депутатлъун витIизе, гьесде рачIарал гIадал чагIи рукIуна чиновникал.

Амма жив редакторлъиялдаса вахъулев вугин херазул советалдаса вахъарав Москваялдеги къватIир улкабаздеги щвезегIан ахIтIей асие щай букIараб дида лъаларо. Гьесдаса нусцIул гьунар бугел чагIи, хIакъикъияв тарихиял гIелмабазул кандидат ва бегIерав журналист ХIажи ГIариповги, авар адабияталъул классик МухIамад Шамхаловги 60 соналде рахъарабго киназулгун къо лъикIги гьабун нахъе ана. Гьел ГIалил бичIчIиялда загIипал чагIи рукIун ругоха. ГIабдулатIиповас миллияб газетазул редакторалги сентябралде щвезегIан тун ругинги абун рагIула данделъиялда.

Сентябрь лъугIаралдасаги тани щиб гьел? Разе тукаби ратила, рагьизе ашбазал рукIина, дагьабищ хIалтIи гьабилеб гьез гьанжеялдаса миллияб культура цебе тIеялъе? Гьеле гьединал, поэтас абухъе "гIасрудал чирахъал, пикрудал нартал" рачIана ва хутIана хъулухъазда. Хабар лъикIаб рагIайги.

======================================================

Авторасул пикругун Эркенлъи Радиоялъул пикру данде ккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG