МагъчIваялъе рес

Кьезе кIолебги кIоларебги асар


(Таржамаялъул хIакъалъулъ)

Кьезе кIолебги кIоларебги асар
please wait

No media source currently available

0:00 0:03:46 0:00
Интернет-мухъ

Социалиял гьиназда миллиял гьоркьорлъабазул министр Татьяна Гамалейица гьабураб цо хъвай-хъвагIаялъ гIемераб жо ракIалде щвезабуна.

Унсколо лъаларо, Шамилхъала лъаларо цо байрамалда миллияб ратIлихъ, чухъа-рачелгун гIодовги чIун чIун кечI ахIулев вуго БежтIаса цо гIолохъанчи. ТIалхIат буго гьесда цIар. Виртуалияб дунялалда лъикI лъала гьев. РоцIцIараб борхатаб гьаркьидалъун ахIула кечI, буго кечI ахIулеб къагIидаялъул цо жиндирго хаслъиги. Гьев гIолохъанчиясул кечI лъун бугоан министралъ. Посталда хъван руго гьал рагIаби: " ГIенеккаразе вокьулев кочIохъанас жиндир кочIолъ гьикъулеб букIана, киб бугеб жиндир ракI абун.

Ясал релъулел рукIана ва данде жаваб гьабулеб букIана: гьаниб нижехъе буго!" - ян. Гьал рагIаби министралъе лъицаниги руссинарурал рагIаби гуро. БитIахъе гьединаб магIнаги гьечIо рагIабазул. Макъаналъ, кочIохъанасул ахIулеб къагIидаялъ, гьимигун пашманлъиялъ, диалогалдалъун кIалъаялъ гьалда бичIчIулеб буго гIага-шагарго гьелде бачIараб пикру гьес кьолеб букIин.

Кьалул кечI, ялъуни магIу гьеб гуреблъи. Кин бичIчIизе кIвараб? Гьеб бичIчIизе кумек гьабуна бакъаналъ. Гьеб бакIалда гIодоб тIамурги лъун гьебго кечI цIализе гьев лъугьани щибниги бичIчIулароан батIияб миллаталъул чиясда сундул бицунеб бугебали. Гьединаб къуват буго бакъаналъул.

Гьелъул рахъалъ хабар ккедал цо нухалда ГъалбацIовас абуна: "Нилъер хъвадарулел чагIазул санагIат гьечIеб жо буго хъвараб асаргун магIаруласухъе гурони ине бегьунгутIи. Масала, тумасда яги гIурусасда кин бичIчIилеб нилъер авар мацIалда хъвараб жо? ХутIарал искусствоялъул вакилзабазе бигьаго буго. Художник суратгун, композитор бакъангун эркенго ине бегьула дунял сверизе. Гьесие гьоркьохъан хIажалъуларо нилъее гIадин. Щиб жо букIинеб переводчикас бичIчIизабун щвараб жо? Масала, пикру буссинабила. Асар, ирония, нилъео мацIалда абулеб къагIида кин кьелеб. Гьеб буго санагIат гьечIеб жо. Масала, ЦIадаса ХIамзат кин вичIчIилев гIурусасда, яги китайцасда? ЦIалеха дуца немцасе ХIамзатил "ГIисинил гьве" кечI.

"Жегиги бох борхун кIушизе лъачIеб

ГIамал берцинида бицунеб мацI щиб?"

Щиб гьениса бичIчIилеб гьесда? Немцасда киб гуреб магIарулаздаги киназдаго бичIчIуларо. Гьеб буго тIалъиялъул юмор, хаслъи, хатI, хутIаразда бичIчIуларо" - ян абуна ГъалбацIовас. Кин разилъиларел гьеб пикруялда? ХIакъикъаталда цо росдае кепаб жо цогидазе букIунаро. Щибаб ракьалъул, халкъазул буго жидерго хаслъи.

Живго ГъалбацIов вукIана авар мацIалда пикруги гьабулев, аваралъ хъвадарулев чи. Гьесул чанго тIехь буссинабуна гIурус мацIалде. Таржамаги цIакъ лъикIго лъугьана гьесул, хъвалеб къагIида цIунизе кIвана. ТIаде жоялъе гьев хъвадарулаан живго гаргадулеб хIалалъ. Гьесул хъвай-хъвагIаялъул аслияб жо букIана пикру, гьеб буссинабизе кIвана гIурусалде магIна хвечIого.

Амма гьес абулев ХIамзатги, ХъахIабросулъа МахIмудги кинха гIурусахъе щвезавилев? ГIурусаздаги, хутIараздаги гьел ричIчIизе ресго гьечIо. Нужеда рагIун батила авар мацIалда тIокIаб гьечIебгIан камилаб сипат: "Меседил гIадалнах, гIарцул гвангвара" буссинабураго щибго магIна гьечIеб: "Золотые мозги, серебряный череп" бачIунеблъи. Авар мацIалда гьеб сипаталъ бетIергьанасул гIакълугун гьунаралъул бицунеб батани, гIурусалда гьеб дандекквей щибго магIна гьечIеб жо лъугьунеб буго. Гьелъ МахIмудги хутIулев вуго цохIо аваразул шагIирлъун.

Нужеца хIисаб гьабеха тIабигIаталъ гьесие кьураб гьунаргун гьев миллиард чи вугеб Китаялъул, ялъуни нус-нус миллионазда бичIчIулеб гIурус мацIалъул вакиллъун гьавун вукIараани щибдай букIинаан? ТIад калам тун МахIмуд инаан дунялалъул адабияталъул меседилаб фондалде ва киналго халкъаз цIалилаан. Гьаб сагIаталда гьев вичIчIизе рес аваразул гурони гьечIо, рукIа абеха нилъеда жахIдаги ккун. Гьел пикрабазде вачана бежтIадерил гIолохъанчияс министралъе ахIараб кочIоца. ГIадада битиларо... Хабар лъикIаб рагIайги.

======================================================

Авторасул пикругун Эркенлъи Радиоялъул пикру данде ккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG