МагъчIваялъе рес

Авар поэзиялъул "меседил гIасру" ана


Фазу ГIалиева ана нилъедаса... Фазул гIасру, эпоха лъугIанин абизе бегьула 2016 абилеб сон бачIунеб сардида.

Гьеле гьеб "Фазул гIасру, эпоха" абураб рагIи Фазу хун йикIун абулеб рагIи гуро. ХутIараздаса гьунар цIикIкIарай йикIун абурабги гуро, гьеле гьеб гьунар гьелъул гIунги тIокIаб букIаниги. "Фазул гIасру" абиялъул магIна буго гьелъул цIакъго кIудияб шигIрияб гуреб политикияб, жамгIияб, социалияб асарги букIанин Дагъистаналъул гIумруялда абураб. Киналго къисмат бигъарал руччабиги, мискинал магIарулалги, хъулухъчагIиги, шагIирзабиги, гIадатиял гIадамалги хьвадулаан Фазухъе.

Нилъеда цIакъ гIемераб мехалда цере тIамизе кIолароан Фазу гьечIебги, йикIун гьей кIалъачIебги данделъи. Гьелдехун магIарулазул букIана батIи-батIияб бербалагьи. Амма кIвар буссинабичIого Фазу тезе лъиданиги кIолароан, гьединаб къуват гьелъул букIана. Дие, цIалдолев хIисабалда Фазу тIоцебесеб иргаялда йиго шагIир. Гьей хIакъикъияй шагIир йикIана, жаниса гьалдолей, рагIабазе нух балагьулей, гьарун рахъарабго гьел халкъалъухъе рикьулей.

Гьелда кIвана цIалдолесул рекIеда квализе. Дида ракIалде бачIуна I980 абилел соназул ахиралда Ганжа гIурухъ автоавариялъ хварав вас ГIалихъ Фазуца хъварал кучIдул газеталда рачIараб заман. Гор гьабун сверунги ракIарун цоялъ цIалун, хутIарал къварилъахъдун гIенеккарал руччаби рукIана магIарухъ дир инсул рокъор. Дида гьел кучIдул хъатIулел рукIинчIо, дун гьеб бичIчIулеб ригьалъул чи вукIинчIого. Дир эбелалъ цIалулаан ва гIодулаан гьелъул гIолохъанчи вас, дир вац хун вукIун гьеб заманалда:

"ГIалица чIварай дун чIаголъуларо,

ЧIунтараб дир рекIелъ мугь тIирщиларо ..." - ян абурал рагIабаца Фазу тIубанго жамгIияб гIумруялдаса нахъе унеб гIадаб хIисаб букIана. ТIокIалъ гьей цее яхъиларин кколаан. Амма яхъана цее, тIад юссана жамгIияб гIумруялдеги, кигIан камиялъ ругънал ссуданиги. Гьеле гьеб тIад юссиналдеги хъвана кутакалда пасихIаб ва щвалде щвараб кечI "Бигъараб гIомо" абураб.

Гьелъул пикру букIана нужеда дун гьимулей йихьаниги дир ракI гIодулеб бугин. Дун батIи-батIияй йигин цоялъ цояб хисун бачIунеб пашманлъигун роххеллъухъ балагьичIого абураб. Гьелъие бачараб образ букIана "бигъараб гIомоги":

"Гьеб бигъараб гIомо буго дир гIумру -

МагIид бихханиги роххалил цIураб..." - ян.

ШагIирха, роххелги пашманлъиги, гьимиги магIуги жубарай, цо асар цогидалъ хисун загьир гьабулей. Фазуца хъвана гIемерал асарал: проза, поэзия, публицистика. Киналго рахъалъ ва жанралъ гьей йикIана гьунар тIокIайлъун. Гьелъул шигIрияб ирс буго аваразул кIалзул гьунаралъул ва классикияб поэзиялъул аслуялда тIад бижараб, гьелъулъе кьалбал риччараб.

ЧIанкIалгун ЦIадаса ХIамзатил ракьалда бижараб, Расулицагун ХъахIаб росулъа МахIмудица бечед гьабураб. Хасго кIудияб асар букIанин жиндир творчествоялда МахIмудилин абуна цо гара-чIвариялда Фазуца. Гьесде хъварал хIикматго берцинал мухъал цIалана цо шигIрабазул сордоялъ:

"Риидал цIер чIвалел цIорол мугIрузда,

ЦIорол гъатаз дур лъалкI бахчун батана.

Жаниб чан щолареб чабххил кIкIалабахъ

Чалухал лъараз гьеб чурун батана...".

Фазу ГIалиева ва гьелдаса цере ахираб кIиго соналъ арал шагIирзаби ГIабасил МухIамад, МухIамад ГIисаев, ГIадалло ГIалиев, ГъазимухIамад ГъалбацIов, ЖабрагIил ХIасанов, МухIамад Хириясулаев гIадал цIаразул хIисаб гьабидал абизе бегьула авар адабияталъул "меседилаб гIасру" хьухьикье анин. ЦIализе бегьулел чагIи цо кверзул килщаца рикIкIинецин хутIичIин. Хасго гьеб пикру щулалъана диргун гьудуллъиялдаги вугев, гIадан хIисабалдаги лъикIав, вихьизеги саламатав, лъикI гIурус мацIги лъалев ва пасихIго бокьараб даражаялдаги кIалъалев Дагъистаналъул "аслияв" поэт ва Хъвадарухъабазул председатель МухIамад АхIмадовас Фазу тIойитIулеб къоялъ цIаларал мухъал рагIигун:

"Фазу фазан гIадай" ана ракьулъе, яги "гIазабазул гIазу" балеб буго абурал дандекквеяз дие асар гьабуларо, гьел жал руго цоцада релълъарал рагIабазул дандраял, поэзия гуро. Гьел кучIдуца асар гьабулел чагIиги ратизе бегьула, щивав чиясул жиндирго букIунелъул дунял ва рагIи бичIчIи.

Фазу ин авар поэзиялъул шигIрабазул бакъ мукъсанлъи ва гьелъ кьолеб канлъигун хинлъи дагьлъиялъул гIаламат бугин абизе бегьула. Аллагьас ахираталда йитIун ккезаеги, нахъе ругезе гIумруги кьейги. Хабаралги лъикIал рагIайги.

XS
SM
MD
LG