МагъчIваялъе рес

Камуна, тIагIана, нилъер гIемер чи…


Исана гIемерал кагътиде росизе ва нужее хIакъикъат рагьизе гIурал лъугьа-бахъинал ва цIиял харбал рукIаниги, х1укму ккана цо-цо к1вар бугеллъун рик1к1унел темаби рорхизе. Гьелъие гIиллалъунги ккана ахираб кIиго соналда жанир нилъер миллаталъул культурияб гIумруялъулъ, адабияталъулъ кIудиял камиял ккей.

Нилъеца гIемерисеб мехалда гIасруялъе к1вар бугел суалал, гIадамал, гIумру ва гьезул къисматги тун къойил, чанго къойидаса кIочон толел харбал рицунел ратула цоцазе. Заман чIвечIищ дагьалги гIатIидго ралагьизе дуниялалъухъ?

«Тамахаб гьороца гъутIбузул тIанхал,

ТIун гIодоре рортизарулел руго.

Вакъарав чи гIадин къеда календарь

Къо гьоркьоб анагIан тIеренлъун буго…», — ян рагIаби рачIана ракIалде радал кьерхараб дунялалъухъ ва столалда тIад батараб шагIирасул кочIол мажмугIалъухъ валагьун.

Исана гIумруялдаса ватIалъана машгьурав хъвадарухъан, лъималазул ва чIахIиязул шагIир МухIамад Хириясулаев. Цо лъагIалида жаниб аваразул адабияталъе ккана цIакъго кIудиял камиял. ЦIар чIван тIаса рищарал гIадин гIумруялдаса ратIалъана бищунго гьунар тIокIал, бищунго пасихIал ва цIалдолез къабул гьарурал рагIул устарзаби: ГIабасил МухIамад, ЖабрагIил ХIасанов, ГъазимухIамад ГъалбацIов, гьанже МухIамад Хириясулаевги. Гьунарал ана нилъедаса, унел руго, жеги инеги руго. Амма нилъеда гьел камиял кватIун, заманалдаса гурони рихьулел гьечIо. Поэтас абухъе: «Ва нухда рортарал тIорал киниги, камуна, тIагIана нилъер гIемер чи…».

Щалха хутIарал нахъе? ХутIана рикIкIен гIемерал Хъвадарухъабазул Союзалъул членал, гьезда гьоркьор хъвадарухъабилъун рикIкIунел ва халкъалъ къабул гьарурал чагIи цо квералъул килщаздаса тIаде ратиларо. МухIамад Хириясулаев гьунар тIокIав шагIир гурев кутакалда гIакъилав инсанги, интересав, хабар бицине лъалев, гIенеккун гIорцIуларев инсанги вукIана.

Дир гьесулгун лъикIаб гьудуллъи букIана кидаго. Расул аралдаса нахъе ракI чучиялъе кIалъазеги, адабияталъул бицинеги, арал, хварал ракIалде щвезаризеги гIемер щолааан музеялъул тIоцебесеб тIалаялда букIараб гьесул редакциялде. ГIемериселъ дандчIвалаан гьенир ГъалбацIовгунги. Къо кьерхунаан, сордо бащалъулаан магIарул тарихалъулги, адабияталъулги, хъвадарухъабазулги, гIумруялда дандчIварал гIадамазулги бицун.

Хабар бицине кIудияб махщел букIана Хириясулаевасул. Ахиралда дандчIварабго дица Хириясулаевасда абун букIана, гьел дуца бицунелщинал ракIалдещвеял щай дуца хъваларел? Гьезул нусцIул цIикIкIун пайда букIина, ГъалбацIовас абухъе, нужеда цере жал тIамулел ругин хъвалел кучIдуздасаян махсароги гьабун букIана. Гьединаб махсаро гьабулаан ГъалбацIовас поэтазе. «Жиндие щиялиго йокьулила, жинда цере жал тIамулел ругила, я тут при чем?» — ян кIариялда велъулаан.

Дица МухIамад ПатахIовасгун «ХIакъикъат» абураб журналги гIуцIун газеталда жаниб гьеб биччалеб заман букIана. Ратана Буйнакский къотIнов мунагьал чураял ГIисаев МухIамад ва Хириясулаев МухIамад, Хъвадарухъабазул Союзалде авар секциялде инеян рачIунел. Хасалил къо бугониги, дагьал хингоги ругоан, багIа-бакарун. Хириясулаев дида, вихьун гурони, лъикI лъаларев чи вукIана.

— Бисав, Салдаса ГIалиев ИсмагIил абурав чияс хъвараб «Гъарачилъиялде сверараб гъазават» абураб макъала цIалулев вукIана. Я вацха, гьениб жаниб бугеб цо хIикматго берцинаб кечI НКВДялъ чIварал гIолохъабазде гьабураб. Гьеб цIакъ бокьана…

— Гьебго жо бицунев вукIана Салдаса ИсмагIил журналалда рахъарал дур кучIдул реццун, нуж ахирги цоцада лъалел ратизе руго, – ян махсаро гьабуна дица. ИсмагIил дир эмен ватарабго, тIадеги рази-ракилъана МухIамад жинца кьураб къиматалдаса.

— Щал дир кучIдул гьес реццилел, гьудул, гьел цIалулел чагIиго хутIун ругищ гьанже? – ян божичIого валагьана Хириясулаев. Инсуца реццун хадур цIалана дицагоги, цIакъ лъикI хъван бугин «Рокьул гьулак» абураб кечI, хасго гьал мухъал абун дица рекIехъе цIалана чанго куплет:

«Гьедин гьулакалда гьудулги дунги,

Гьаваялде рорхун, ракьалде рещтIун.

Цин дунял гьетIула гьаб рахъалдехун,

Цин зобал хьвагIула доб рахъалдехун.

Гьуинаб гIищкъуялъ мехтарал гIадин

ГIумруги, дунялги, дунги, гьудулги…» — ян.

Кутакалда воххана Хириясулаев жиндир мухъал ракIалдаса лъалел ратиялдаса.

— ГIисал МахIамад!!! ГIисал МахIамад! – ян ахIдолев вукIана нижги тун цевехун унев ГIисаевасде. Гьев нижедехун кверги хьвагIун ана, Хириясулаевасул кучIдул цIали бокьичIеб къагIида. – Анкьица кьерххуна гьанже, – ян сихIирго гьимана Хириясулаев. Данделъи лъугIарабго, Союзалдаса цебего бахъараб жиндир тIехьги балагьун вачIана сайигъат гьабизе. ТIад хъван бугоан:

«МугIрузул бис гIадав, БисавгIалиев,

Босе дир сайигъат саламгун цадахъ.

Дида кватIун лъарав — лъан дун воххарав

Роххел гIемерлъайги дуй гIумруялъулъ».

Хириясулаев МухIамад вукIана гIемер рахъазулаб гьунар бугев хъвадарухъанги, гъваридго гIадамал ричIчIулев психологгун гIакъилав инсанги. Бищунго кIудияб тIокIлъиги гьесул букIана киналго гIадамазулгун рагIи данде ккезаби, гIаммаб мацI бати, гьудуллъи цIуни ва гьелъие ритIухъавлъун вукIин. Гьес авар адабияталда нахъе тана бечедаб ирс, лъималазе хъварал асарал, чIахIиязе поэзия, проза, гIемерал очеркал, публицистика.

Хириясулаев вукIана гьунар бугел гIадамазулъ къанагIат гурони дандчIвалареб хьвадизе лъай, гIаданлъи ва шигIрияб гьунар цадахъ кьурав чи. Жиндир гьунарги цIарги кIудияб къадруялда бихьинчилъиялда баччана гьес гIумруялъулъ. ГIадамазул, гьудулзабазул, росуцоязул, миллатцоязул рекIелъги гьев хутIизе вуго гьединавлъун. Дица жакъа гьесул кучдузул т1ехь бегулеб буго.

Миллfтги мацIги, халкъги бугогIан мехалъ шагIир чIагоги вукIине вуго. Хабар лъикIаб рагIайги.

XS
SM
MD
LG