МагъчIваялъе рес

Шахтаманов ана, аниб кечIги тун…(М.АхIмадов)


 ГIумархIажи Шахтаманов
ГIумархIажи Шахтаманов

МагIарулазул машгьурав шагIир Шахтаманов ГIумархIажи гьавуралдаса исана тIубала 80 сон. «Нухда», «ГIаздада цIаял», «МугIрузул тIогьазда гIазул бацIцIалъи», «Къаралазул ГIор» ва гьел гурел цоги гIемерал тIахьал хъвана гьес. МагIарулазе цIакъ бокьула гьесул «МугIалимги мутагIилги» абураб ЧIанкIалги МахIмудилги гIумруялъул хIакъалъулъ прозаялдалъун хъвараб асарги. Араб хамиз къоялъ МахIачахъалаялъул миллияб бибилиотекаялда тIобитIана гьев ракIалде щвезавиялъул сордо.

Дир рекIел дунял, дица гьеб кьуна,
Кьурабалъ бижараб магIарул кочIой.
Сардил макьабазул маржанал гьарун,
Гьел кьуна цIвабзазул дангъургун цадахъ.

Ралъдал карачелал чуял кинигин
КучIдузул бакъналъе ахIана дица.
Дица гьезий кьуна ракьалда цIаял,
Рорхатал нухазда чабхазулъ иццал,

Кьуна гIазул тIогьал, тIогьолъ сагаби,
Сухъмахъазда занал, сиртазда нохъал,
МугIрузул некIсиял хъаравулзаби -
Умумуз рорхарал рагъулал сиял

МагIарулазул гьунар тIокIав шагIир ГIумархIажи Шахтаманов гьавуралдаса исана тIубалаан 80 сон. МахIачхъалаялъул миллияб библиотекаялда ракIалде щвезавулев вукIана гьев араб хамиз къоялъ. Гьеб къоялъ гьенире ракIарун рукIана хъвадарухъаби, шагIирзаби, ГIумархIажи лъалел рукIаралги, гьанже гьесул асарал цIалун гьезул къимат гьабулелги гIадмал. Тадбир бачунеб букIана Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул цЦолъиялъул нухмалъулев АхIмадов МухIамадица.

ГIумархIажи Шахматманов гьавуна 1933 соналъ ЧIарада районалъул Мокъсоб росулъ. Гьесул 12 сон угеб мехалъ гьезул росу гочинабуна Чачаналде, гьениб лъугIана гьес школаги. ВукIинесев шагIирас лъугIизабуна Ломоносовасул цIаралда бугеб Москваялъул Пачалихъалъулаб университет. Гьелдаса хадув хIалтIана магIарулазул «БагIараб байрахъ» газеталда, гIумруялъул ахирисел соназ гьев Москваялда вукIун вуго гIумру гьабун.

Дагъистаналъул хъвадарухъабазул цолъиялъул нумалъулев АхIмадов МухIамадил лъикIаб гьудулъи букIун буго ГIумархIажилгун. Хамиз къолъ букIараб данделъиялда гьес ракIалде щвезаруна Мосвкаялда ва Дагъистаналъул хъвадарухъабазул цолъиялда гьевгун цадахъ хIалтIарал сонал. РакIалде щвезабизе жо гIемераб букIана ГIумархIажи лъалев вукIарав чагIазе гьеб къоялъ. «Эркенлъи» радиоялъе гьадин бицана АхIмадов МухIамадица:

АхIмадов МухIамад: «Цо нухалъ ГIумархIажиги дунги щвана Талги хъутаналда вехьлъун вукIарав дир инсухъе. Хабар-кIалалдаса хадуб ракIалдаго гьечIого абуна ас дир инсуда, АхIмад, рачIа цо кучIдул цIализейилан. Гьел цIалун рахъарабго вортун цояб рокъовеги ун Инхоса ГIалихIажиясулги, МахIмудилги, ЦIадаса ХIамзатил тIахьалги росун вачIарав инсуца буна шагIирзабиниги ругин нуж, амма гьал лъабасдего нуж рахунарилан. Гьеб мехалъ вуго ГIумархIажи дида абулев, балагьейилаха, гьудул, критика гьабулейилан цо тIубараб тIех хъвазе гIураб калам гьабулин цо-цояз, гьале гьас гIадин лъабго рагIудалъун къимат кьун лъихъаниги бажаричIин жеги.

Хадур къватIире щун хадур, ниж тIоритIизе рахъарал дир эбел-инсухъги валагьун рикIкIаде щваравго абуна ГIмархIажица киданиги дида кIочон толарел рагIаби. Гьададин нилъехъ балагьун чIарал эбел-инсул багьаяб цониги мухъ нилъехъе бачIани гьеб мехалъ абизе бегьулаин нилъеда шагIирзабиян.

Гьесул хIакъалъулъ гIемераб жо абизе бегьула, амма дица къокъго абила « ГIумархIажи вукIана поэзиялъул бокьараб рахъ босаниги гьелда гъорлъ вессарав, литератураялде вачIаралдаса гьелда гъорлъ хутIизе вачIарав чи».

Машгьурав ракьцоясул бицун кIалъазе цере рахъана шагIир ХIабиб Давудов, Эркенаб гугариялъул рахъалъ дунялалъул чемпион, МухIамадхан ГIарацилов, Шахтамановасул кучIдул ахIана. МухIамад ГIабасовас, ГIабдула МухIамадмирзоевас. МагIарулазул шагIир МахсутI ЗайнулгIабидовас халатаб кечI цIалана жинцаго ГIумархIажиде гьабураб. Жиндир заманалда «Билараб кечI» абураб поэма хъваялдалъун ГIумархIажие щвараб гIемераб ракIбакъваялъул хIакъалъулъ данделъаразе бицана хъвадархъабазул цолъиялда авар бутIаялъул нухмалъулев, «Гьудуллъи» журналалъул редактор ПатахIов МухIамадица. Гьеб кочIолъ гьанжеялдаса лъеберго соналъ цебего бихьизабун буго ГIумархIажица, жакъа хIакъикъатлъун лъугьараб, шагьаралде цIалиязеян ячIарай росулъа яс магIарул намусги кIочон тун шагьаралъул саяхъаб гIумурялъ йичун йосараб куцалъул.

Дагъистаналъул гIелмияб центарлъул мацIалъул ва адабияталъул институталдаса гIолохъанав аспирант Муслимов Муслимица гьабуна берцинаб кIалъай. ГIумархIажил творчествоялда тIасан гIелмияб хIалтIи хъвалеб буго гьес. Муслим ккола шагIирасул инсул росулъа, гьесулго кьибилалдса чи.

Шахтамановасул хIакъалъулъ гIелмияб хIалтIи хъваялъе сунца жив гьесизавуравали гьадин бицана гьес нижер программаялъеги:

Муслимов Муслим: «Гьесул хIакъалъулъ лъицаниги жеги щибниги хъван букIинчIеблъиги хIисабалде босун гъира ккана дир гьесул творчествоялъул гъварилъиялъе гIелмияб куцалъ къимат кьезе, гьединго нижер институталъул нухмалъулев МухIамад МухIамадовасги рахъккуна гьелъул, гьесги гъира базабуна дир гьелда, гьеб кинабгоги хIисабалде босун тIасабищараб нух ккола дир гьеб».

Э.Р «ГIумархIажил асаразда гъоркь бищун дуе асар гьабурал шигIраби ругиш, ратании кинал?

Муслим: «Дица цIалун букIана гьесул «Унге къоял» абураб кечI. Гьеб цIакъ бокьана дие. Щай абуни гьениб ГIумархIажица борхулеб буго цIакъ кIвар бугеб суал, хасго гьанжесеб гIелалъ, щибниги пайдаб жо гьабичIого гIадада биччалеб буго заманалъул. ШагIирас заманалда гьарулеб буго лъалхъейин, жинде халкъалъе кIудияб кумек, кири гьабизе бокьун бугилан. Гьеб пикруялъ асир гьавуна дун.

Гьединго дие цIакъ рекIее гIуна «Халкъалъул ццим» абурабги кечI. Гьеб шигIруяда диегоги цIакъ рихараб хияналъи цIакъ какун буго гьес. ХIилла-макрулъе гьесухъа гIадин кочIодалъун къимат кьезе кIварав шагIир цоги лъаларо дида».

Данделъи цIакъго берцин гьабуна Къаралазул машгьурав кочIохъан, Дагъистаналъул халкъияв артист Шагьав ГIабдурахIманов гьениве вачIиналъ. Машгьурав кIочIохъанас бицана ГIумархIажиги живги гIел бащадал кьерилал рукIараллъи. Данделъаразе цIакъго асар гьабуна 1970 соналъ ЧIарада букIараб позиялъул байрамалда мунагьал чураяв Расул ХIамзатовги, Шахтамановги, чIарадисезул машгьурал кочIохъаби ГIабдулвахIид Лабазановги, МухIамад Нуридиновги живго Шагьавги цадахъ чIун кечI ахIулеб бихьизабураб видеоялъги. Бицине жо гIемераб букIана гьеб къоялъ Шагьав ГIабдурахIмановасул:

Шагьав ГIабдурахIманов: «Дербенталда маданияталъул училище рагьун бугиан ргIаун гьениве цIализе ана дун доб мехалъ. Каникулазул заманалда росулъе вачIунев дида гьанир шагьаралда дандечIвана ГIумархIажиги, Расулги. ЦIакъго хIалакун ватичIони нижгун цадахъ чIеларищан Расулица абидал, валлагь, хIалакаинги щиб букIинеб, эбелалъухъе щвезе бокьун букIанинхаян дица абидал, эбелалъухъе щвезе заман букIинин дур жеги гьанив чIаян гьесги гьаридал анцIгониги къо бана дица гьелгун цадахъ.

Расулил рокъор рукIана гIемерал тIахьал. Гьезухъ балагьун вгев чияс дица абуна, Расул, нижер лъова вукIун вуго жинца ахIараб кечI 7 километралъ рикIкIаде рагIулев ГIабдулгъапур абурав чи. Гьесул бакъан буго дица цIунун, гьеб бакъаналда гъоркь кечI хъвазе кколин дуцаян. Хъвана Расулица анкьидасан кечI, амма бакъан босизе лъикIав вукIинчIо, расул, ГIумархIажица хекко босан. Микьабилеб къоялъ лъугIана кечI.

Лъабазго цадахъ ахIана нижеца гьеб, амма Расул вукIана гъулгъудулеб ци гIадин нижеда цадахъ бакъан рекъезабизе кIоларого (киналго релъана). Гьелдаса хадуб кида данедчIваниги доб цо кечI ахIе, Шагьавилан, гьеб ахIизе тIамулаан Расулица дун»

Гьедин аваданаб куцалда ана ГIумархIажи Шахтаманов ракIалде щвезабиялъул тадбир миллияб бибилиотекаялда. Гьеб тIобитIиялъе Хъвадарухъабазул Цолъиго гIадин квербакъарав чи ккола ГIумархIажил вацасул вас Шахтаманов Мурад. Данделъи лъугIана шагIирасул машгьураб «Къаралазул ГIор» абураб чIарадисезул гимнлъун лъугьараб кечI киназго цадахъ ахIиялдалъун.

XS
SM
MD
LG