МагъчIваялъе рес

46 миллиард гъурущ гIарац гуро - хъантIиялъул роцен


Дагъистаналъ элtктроэнегиялъухъ ва газалъухъ кьезе кколеб гIарцул къадар бахун рагIула 46 миллиардгун 500 миллион гъурущалде. Гьеб рагIула халкъалъ пачалихъалъе кьезе кколеб налъи.

"Республикаялъ гIарац кьезе ккола" абураб калимаялда нахъа кидаго тIалъиялда бихьула халкъ. ГIарац кьоларел гIадамал. РачIаха хIисаб гьабизе гьаб налъиялъулъ "халкъ" щал, "пачалихъ" щалали. "Пачалихъ" вуго Россиялъул президент В.Путинги, премьерги, хIукуматги, гьезие жавабиял федерациялъул субъектазул хIакимзабиги. "Халкъ" буго хъулухъалда гьечIел чагIи, ай гьадал тIадехун рехсаразул сверуде кколарел I40 миллион чи улкаялъул гражданазул. Гьеле гьеб I40 миллионалъулгун дол тIад ругел гIадамазул гьоркьорлъаби хъавараб тIехьалда цIар буго Конституция абун.

Гьеб тIехьалда жанир хъван руго киналго инсанасул ихтиярал (права) ва налъи (обязанностал) пачалихъалда ва халкъалда цере. Гьеб тIехьалъ (Конституциялъ) киналго пачалихъалда жанир ругел гIадамал ращад гьарун руго жинсалъухъ, диналъухъ, тIомол кьералъухъ ва миллатазухъ ралагьичIого. Гьедин хъван буго тIехьалда.

Гьеб тIехьалъул тIалабалда рекъон нилъеца иргадулаб щуго соналъ нилъее хъулухъ гьабизе вищула улкаялъул президентги. Гьедин вищарав чи вуго В.Путинги. Гьеле гьев Путиница нилъеца балъгояб гьаркьидалъун рищулел рукIарал субъектазул бутIрул парламентаз рищулеб ихтияр кьуна. Гьелъул магIна ккола "нужедаса дида лъикI лъала щив гьенив ханлъуда вукIине кколевали" абураб. ГIажаибаб хIалтIи гьел парламенталги субъктазул бутIруца жидецаго рищулел руго. Партиязул сияхIалда цIарги хъван.

ХIасил калам, кинабго власть улкаялда, субъектазда, муниципиалитетазда ва росабалъ буго тIоцевесев чиясухъ - президент, республикаялъулгун, шагьаразул, районазулгун, поселоказул ва росабазул бутIрухъ. Ай гъоркьа тIаде тIалъи бищулеб къагIида хIалтIичIо Россиялда, конституциялда гьез щиб хъван батаниги.

Гьеб буго хIакъикъат. Гьедин букIинчIебани Рамазан ГIабдулатIиповас "Ведомости" газеталъе кьолеб интервьюялда "Дида кIвана 85 муниципиалиял гIуцIабазул бутIрул хисизе. Законалда рекъон дир гьел рахъизе ихтияр гьечIо. Цо-цо мехалда тIубараб хасаб операция гьабизе кколеб буго гьел нахъе ритIизе" - ян абилароан. Рамазаница рагьун бицунеб буго бугеб хIал кагътазда щиб хъван батаниги.

Гьелъул магIна буго "Газпромалда" Миллер тIамурав В.Путинги, Дагъистаналда "Газпромалда" Адильхан Ганакаев (хисун цойги чи тун вугинги рагIана) тIамурав Рамазан ГIабдулатIиповги жалго жавабиял ругин гьел налъабазулъ абураб. Миллерил харж рагIула къойие 2 миллионгун 200 азарго гъурущ.

ЛъагIалие гьеб гIарцул къадар бахунеб буго 803 миллион гурщиде, тIаде премиялгун миллиардалдасаги тIаде унеб буго. ХIисаб гьабеха гьесул структураялда ругел 85 субъекталъул газалда тIад ругел нухмалъулезул харжалги, премиялги, бикъулеб ва бичулеб газалъул гIарцулги къадар кибе бахунебали.

Лъиениги балъголъи гуро тIубараб Дагъистналда газалъул ва токалъул жавабиял чагIи потребителалгун "договориться" гьарулеб къагIидаги. Газги, токги, нартги, цогидал тIабигIиял бечелъабиги улкаялъул киналго гражданазе бащадаб гIаммаб бечелъи батани, щай пенсионерасе 8000 гъурущ бугеб мехалда моцIрол харж Миллерил 66 миллион букIине кколеб? Гьесул инсуца ургъун бахъараб жо гьеб газги батичIони? ХIасил калам, гьаниб буго цIакъ кIудияб социалияб тIекълъи, ращаголъи гьечIолъи.

Гьелъул магIна кколаро нилъеца бухIараб газалъухъги электроэнергиялъухъги гIарац кьезе кколарин абураб. Гьелъул магIна ккола гIемерисел гьел миллиардазул налъаби лъугьун руго жалго энегретиказул ва газалъулазул хъантIиялъ абураб.

Кассаяла азарго гъурущ кьезе кколелъуб чидер чвантиниб 500 гъурущги лъун налъаби халкъалда тIад далун. Кинабха бугеб гьаб ахIвал-хIалалдаса рорчIизе нух? ТIоцебесеб: гьеб газги, нартги, токги хасал чагIи бетIергьанаблъунги гьабун, пачалихъалъ халкъалда борхизе кIолеб тарифги лъун риччазе ккола гIадамал газгун ток бичизе.

Гьеб мехалда газалъулал жалго жидедаго тIад цIогьодуларо. Ришватги, цIогьги, коррупциялъул механизмабиги кидаго рукIуна пачалихъ бугеб бакIалда, ай бетIергьан гьечIеб бакIалда. КIиабилеб: гьел хъулухъазул нухмалъуда тезе ккола рацIцIадал чагIи, аскетал гуроха, гьел кир ратилел жакъа, моцIрое рачIунел миллионазул харжниги гIолел гIадамал.

Жакъасезе гIолеб гьечIо, бидулъ гIарцул унти буго, гьундул, кIалгIаби, джипазул рехьед, жавгьар-якъут, гIарац-месед гьечIого чIезе кIолеб гьечIо. Гьелъул хIасилалда лъугьараб жо буго 47 миллиардалде гIагарараб налъиги Дагъистаналда хадуб. Харжалда гIей гьабулел хIалтIухъаби рукIаралани лъицаниги лъиениги щибниги кьезе кколароан. Хабар лъикIаб рагIайги.

XS
SM
MD
LG