МагъчIваялъе рес

Халкъалъул кисиниса араб, хIукуматалъул чвантинибе щвечIеб


Кавказалъул республикабаз токаллъухъ ва хъахIилаб цIатариялъухъ кьезе кколеб налъул къадар 20 млрд-саги цIикIкIун бугилан абураб суал борхун букIана Россиялъул премьер Дмитрий Медведевас гьал къоязда регионалъул бутIрулги ракIарун Москваялда тIобитIараб данделъиялда.

Налъи кьезе кколел республикабазда гьоркьоб хасаб бакI ккола Дагъистаналъ. Аслиял гIиллабаздасан цояб ккола ток ва цогидабги цIатари бикъулел хIужаби республикаялда гIемерлъулел рукIин.

Шималияб Кавказалъул Федералияб округ цIатариялдалъун хьезабиялъул мурадалда 2012 -2014 соналде щвезегIан 100 млрд. гъурущ инвестияциязул биччазе хIисабалде босун букIиналъулги бицана хIукуматалъул нухмалъулес гьеб данделъиялда. Амма гьелдаго цадахъ регионалда бухIараб токалъухъ кьезе кколеб налъул къадар бахун буго 20 млрд гъурщиде.

Налъулал регионазда гьоркьоб хас гьабун рехсезе бегьула Дагъистанги. Амма бичIчIизе захIматаб ахIвал-хIал лъугьун бугин гьенибилан хъвалеб буго «Регнум» агентлъиялъ кьураб баяналда. Токалдасан пайда босарал чагIаз гьелъухъ гIарац кьолеб бугониги гьеб бикьа къотIулел идарабазухъе гьеб гIарац щолеб гьечIо, щолеб бугониги тIубараб къадаралда щолеб гьечIо.

Гьелъие гIилла абуни рагIула токалъухъ гIарац бакIарулел хIалтIаби гьариялда жанир гьоркьохъанлъи гьабулел гIуцIаби гIемерлъун рукIин. Гьелъул хIакъалъулъ жиндрго кIалъаялда бицун букIана Шималияб Кавказалда вугев президентасул вакил Хлопонин Александрицаги.

Налъаби гIемерлъиялъе квербакъулел руго цогидал гIиллабазги, гьезда гьоркьоб хасаб бакI ккола ток ва цогидабги цIатари бикъулеб букIиналъ.

Индустриялъул, цIатариялъул ва бухьеналъул рахъалъ министерлъиялъул нухмалъулев МухIамад-ХIусен Насрудиновас информалатазе кьурал баяназда рекъон республикаялда гIемерлъун руго цIогьодулел монополиял гIуцIаби.

Гьел компанияз къанунияб гуреб куцалъ бичулеб буго халкъалъе ток ва газ, гьелъухъ щвараб гIарацин абуни жидеего буссинабулеб буго.
«Эркенлъи» радиоялъе гьеб баян баян тасдикъ гьабуна Шималияб Кавказалде ток бикьа къотIиялъул рахъалъ департаменталъул хIалтIухъан Вахрестюк Геннадийицаги.

ХIакъикъаталдаги Дагъистаналда жакъа бищун кIудияб гIунгутIилъун кколин гьеб цIатари бикъулеб букIин. Гьединал такъисразда данде жидецаго тIоритIулел тадбиразул гьадинаб мисалги рехсана:

Вахрестюк Геннадий: «Хас гьабун гьединал такъсиразде данде къеркьезелъун гIуцIарал хасал къукъаби руго нижер. Гьединаб хIужаялъул хIакъалъулъ баян швараб параялъго нужергун рукIарал гьоркьорлъаби лъугIараблъи лъазабула такъсир гьабурал чагIазда, гьеб гьеб ишалъул халгьабеян цIех-рех чагIаздаги прокуратураялдаги лъазабула.

Гьединал чагIигун гьабулеб хIалтIи нижеца хъваштIан лъугIизабула, ва гьеб хIужаялъухъ балагьун чIечIого нижерго хIалтIи цебехун бачиналде кIварги кьола».

Ток бикьа-къотIиялда жаниб Шималияб Кавказалда кколел ругел кIудиял камиял лъугIизариялъул мурадалда хIадур гьабураб хасаб программаялъулги бицана Вахрестюк Геннадийица.

Гьедин араб соналдаса байбихьун хас гьабун гьединал камиял цIикIкIун кколел республикаби Чачаналда ва Дагъистаналда цIияб ток борцунел алатал лъезе байбихьун буго гьез. Гьелъие харж гьабизелъун федералияб бюджеталдаса биччан буго щуго миллирдалдасаги цIикIкIун гIарац:

Вахрестюк Геннадий: «Гьеб программаялда рекъон ракIалда буго кинабниги 636 азарго цIиял, гьанжесеб заманаялъул ток борцунел алатал лъезе. Гьелъул хаслъи буго бухIараб токалъул мухIканал баянал рихьизаризе рукIин гуребги, рагьтIе рачIун хал гьабулел контролерал рукIине гьечIолъиги, киналго баянал нижехъе бихьизе рес кьолел алат ккола гьеб, Дагъистаналъе кIудияб сайгъатлъун ккола гьел ток борцунел алатал чIорого лъезе рукIин, цогидал бакIазда гьелъухъ гIарац босула, Дагъистаналда ва Чачан республикаялде гьел лъезелъун биччараб гIарац буго федералияб бюджеталдаса».

ХъахIилаб цIатариялъухъ ва токалъухъ гьадигIан кIудияб налъи букIиналъе ккараб гIилла бицейилан абураб суал цебе лъун букIана Хлопониница исана июль моцIалда тIобитIараб данделъиялда.

Гьелда гIахьаллъи гьабурал ток бикьа къотIулел гIуцIабазул вакилзабазда гьес бачIинахъего лъазабуна халкъалъ гIарац кьолеб гьечIилан абураб жаваб жинде къваригIун гьечIин, жиндихъе шварал баяназда рекъон бухIараб токалъухъ ва цIатариялъухъ халкъалъул 98 проценталъ гIарац кьун бугин, гьеб гIарац кибейин унебан. Гьеб суалалъе чIванкъотIараб жаваб гьеб данделъиялда кьечIо.
XS
SM
MD
LG