МагъчIваялъе рес

Гьан махIцараб мехалъ тIаде цIам бала…


Dagestan / Counter
Dagestan / Counter

МахIачхъалаялъул Буйнакский къотIноб бугеб «Дагъистан» журналалъул редакциялда хадуб лъагIалие 84 азарго гъурущ токалъул бухIун бугин гьабураб акт лъун батана цо хIикматав чияс.

Кин бухIулеб къойида жаниб 6-7 сагIаталъ чанго компьютер гурони гьечIеб бакIалда гьедигIан гIарац абураб суалалъе жаваб кьун бажаричIо хIалтIухъабазда. Басрияб счетчикалдаса ахираб I0 соналда жаниб контролераца рикIкIунеб букIун буго ункъго тарих, цIияв контролер абурав хъурмица щугоябги рикIкIун, кьабун лъугьун буго 84 азарго гъурущ. Ахирисеб, 1-10 щвезегIан хисулеб тарих кьабизе кколеб рагIуларо. Гьеб вала-рахасалъул рачIчI балагьулаго гьоркьорхъабаздаса сверун сигналал щвана бихьизабураб гIарцул бащдаб кьуни цIияб счетчик лъелин абун. Гьелъие «къосун» рукIун руго тарихалги.

Лъалеб букIахъе жакъа республикаялда цебе рагIула I4 миллиард токалъул ва I8 миллиард газалъул налъи. Лъиениги балъголъи гуро советияб пачалихъ биххаралдаса нахъе Россиялда, хасго Дагъистаналда гьеб цо закон абураб жо цIуни, магъалаби кьей, пачалихъалъул тIалабазда рекъон хIалтIи цояз хIинкъилъун, кIиабилеца лъавукълъилъун, лъабабилез иш бажарунгутIилъун рикIкIуна. Гьеб буго гIаммаб къагIидаялъ босун жамгIияталъул ва власталъул пикру. Хасго власталда ругезул – депутатазул, министразул, районазул ва шагьаразул бутIрузул.

Гьедин батичIони щайха гьезул гIемерисеца маххул кавабаздаса жаниве контролер виччаларев? Щай жалго гьел контролерал абурал хъурмал цониги кьвараразул ва кьураразул кIалтIе къаларел? Гьерсалги рицун гьечIел налъаби гIадамазда тIад хъван хьвадичIого. Кин лъугьарал налъаби Дагъистаналда цере анцI-анцI миллиардазул, 90 проценталдаса цIикIкIун халкъалъ токалъул ва газалъул гIарац кьолеб мехалда? Гьел налъаби руго тIоцебесеб иргаялда киналго рес рекъон пачалихъ гуккизе бокьаралщинал чагIаца кьечIого тарал налъаби.

Амма гьезул, гIарац кьоларел гIадамазул къадар 5 процентцин батуларо. Лъил налъиха гьеб? Гьеб буго тIоцебесеб иргаялда гIадамазухъа босараб гIарацги жидеего тун гьереси-отчетал кьолел токалъул ва газалъул структурабаз гьабураб налъи. КIиабилеб иргаялда киналго пачалихъалъул жавабиял хIалтIухъаби – министрал, депутатал, шагьаразул ва районазул бутIрул, гьезул тухум – гIагарлъи, чукъа-рахьан, гьез рарал тукабигун ашбазал, рестораналгун минаби, гостинацабигун заправкаби.

Лъабабилеб проблема буго токалда ва газалда хадуб хъаравуллъи гьабулел структураби ва хъулухъчагIазул къадар цIикIкIин. Гьезул щивасе шагьар бакьулъ гьундулги кIалтIа джипалги рокьи. Цебе цохIо «Дагъэнерго» абураб гIуцIи букIараб бакIалда гьабуна ункъго батIияб организация ва хасаб энергетикаялъул агентство. Кинаб хIажалъи букIун гIуцIарал жал гьел? Гьел киназго ва гьездаса гIарац бакIаризе тараца кьечIони цIикIкIинарищ гьеб налъи тIадеги? Руго Дагъистаналда жакъа кколеб налъи, магъало, пачалихъалъе гIарац кьей рогьолъун рикIкIунел рухIиял инвалидал. Гьел руго тIарадаса ахада щвезегIан хъулухъазда, дагьал гурони дандчIвалел гьечIо рацIцIадал чагIи.

РитIун хIалтIи ва рацIцIалъи хIинкъиялъул гIаламатлъун толеб буго гьез. Кинабха бугеб нух жамгIияталъул ва власталъул гIумруялде хьвада-чIвадиялде пикру хисизабиялъе? ТIоцебесеб иргаялда щивас жиндасаго байбихьун гIумру гьабизе ккола, законалъул рамкабаздаса къватIиве вахъичIого. КIиабизе кIалалъ, квералъ, хъвай-хъвагIаялъ, вагIзаялъ нилъеца гIалам ахIизе ккола рацIцIалъиялде, намусалъул ва Исламалъул нухдаса хьвадизе.

ЛъикIал мисалал рихьизаризе ва гьел хутIаразе сабаблъун тIамизе. Гьеб мурадалда гIуцIун буго пачалихъалъ бюджеталдаса гIарацги биччан «Дагъистан» абураб публицистикияб журналги. ХутIарал кин телел, гьеб гьркьоб ккун, гьечIеб налъи журналалда далун, гьениса кепкал жидее рищизе рачIун руго гьардухъаби. Гьеб буго унатарав тохтирасда вагъиялъул мисал гIадин. ЖамгIияталъул гIузраби сахгьариялъул процессал цIакъго захIматал руго.

Лъилъизабизе, тарбия кьезе ккани байбихьи гьабизе ккола лъималазул ахикьа, школалдаса, вузалдаса, мажгиталдаса, щибаб хъизамалдаса. Гьеб ишалъулъ гIалам хIарамалдаса цIунулеб вакциналъун букIине ккола дин, гIелму, тарбия. Пачалихъ гьаниб къолеб буго, гIемерисеб мехалда жибго пачалихъги унтун буго. МагIарулаца гьадинаб хIалалда абула, гьан махIцараб мехалда тIаде цIам бала, цIам махIцараб мехалъ щиб дай гьабила абун. Хабар лъикIаб рагIайги.

XS
SM
MD
LG