МагъчIваялъе рес

Бельгиялда терактал дагъистаниязул бербалагьиялдаса


22 марталда Брюсселалъул аэропорталда ва метроялда ккарал террактазул хIасилалда къогоялдасаги цIикIкIун чи хун вугин, нусиде гIагарун чи лъукъун вугин абурал баянал кьолел руго бельгиялъул журналистаз. Кинавниги чан чиясе гьел кьвагьиязул хIасилалда зарал ккарабали жеги тIубан чIезабун гьечIо.

Европаялъул пачалихъаз Бельгиялъул президентасдаги халкъалдаги зигара барал кIалъаял гьаруна, экстремизамалде данде кьеялъулги бицана гьез. Гьел террактал ккеялъул хIакъалъулъ интернеталда хабар баккаралдаса нахъе гьеб информациялда сверун жидерго пикру загьир гьабулеб буго гIадамаз. Чанги дагъистанияз фейсбукалда хъвалеб буго битIарабила, рекъонила гьеб Бельгиялда террактал ккарал.

Евпропаялъги Америкаялъги гурищила жидерго мурадал тIуразелъун гьеб ДАГIШ гIуцIараб, гьанже жидедего данде буссун бугила гьебилан. Гьелго дагъистаниязул разигьечIолъи буго Европаялда ккараб цониги гьединаб такъсиралдаса хадуб тIубараб дунял лъугьунила гьезда гурхIизе, гьезул рахъккун батIи-батIиял акциял тIоритIизе, гьездаго цадахъ къварилъиялъул къоял лъазаризе.

Амма Туркиялдаги ,Сириялдаги, Палестинаялдаги гьелго террактазулъ чанго нус-нус щибниги гIайиб гьечIел гIадатиял гIадамал чIвалеб мехалда гьелъул бицуневги, гьезда гурхIулевги чи вахъунарилан.

Чанги терракталги, хасал операциялги, кьвагьизарурал тIубарал гIемертIалаялъулал минабиги рихьарал дагъистаниязул гьеб Брюселалда ккаралда хурхун кинаб пикру бугебали лъазабизе цIех-рех тIобитIана «Эркенлъи» радиоялъ. Гьелъул гIахьалчагIазул цохIонигияз гьеб европаялда кьвагьиял рекъонгу гьарулел ругин абураб пикруялъул рахъ кквечIо.

Бокьараб гьединаб къварилъи ккарал гIадамаздаго гIадин жиндир гьел бельгийцаздаги ракI гурхIулин, гьеб такъсир гьабун жалго жидецаго чIвараздаги гьединго ракIгурхIулин жиндирилан абураб пикру загьир гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе МахIачхъалаялдаса экономист Аминатица.

Аминат: «Гьел лъугьа-бахъиназда хурхун киназулго цого пикру букIинин ккола дида, дир цIакъ ракI гурхIана гьел гIадамазда. Сундуе гIоло хварал чагIи гьел, щиб гIайиб букIараб гьезда. Террористазул пикруялда рекъон гьел чагIи европейцал рукIин кколеб бугоха гьезда бугеб бищун кIудияб гIайиб, гьелъухъ чIванги руго гьел.

Гьезда гурониги бетIер сверизабун гьеб ДАГIШалдеги цойгидал террористиял идарабаздегун къокъабазде гьоркьоре ккарал гIолохъабаздаги ракI гурхIула дир.

Гьезул гIолохъанлъиялдаса гIакълугьечIолъиялдаса лъавукълъиялдаса пайдаги босун цIцIала гьел кьералъе гIолохъаби. Хадур хвалдеги ритIула, унголъун сундуе гIоло жал хвел босизе унел ругелали бичIчIизецин бичIчIулеб батиларо гьездаги.

Цониги гьел террористазул бетIер щай унарев шагьидлъун хвезе гьедигIан цIакъаб иш гьеб батани. Гьезул кьералъеги бищунго лъикIалги бажараралги, жидедаса бищун пайда букIине бегьулел рукIаралгIадал цIцIан ратула гьел террористаз, гьединал нилъер васазда хадубги ракI бахъичIого букIинищ».

Гъизляралдаса СалихIова Эльмираца абулеб буго Брюсселалда гьел кьвагьиял рекъолого ккун ругин аби гьеб жо гIасилъи бугилан.

СалихIова Эльмира: «Гьедин аби гьеб жо кутакаб гIасилъиги, вахIшиги буго. Киб бакIалда гьединаб балагь бачIун бугин рагIани магIу кквезе кIоларо дида. Ракълилаб гIумруялда жидерго ишаз къватIир рахъарал терракталда чIварал гьел гIадамазда букIараб гIайиб щиб.

Гьеб кинабго сиясатияб иш букIин бичIчIула, амма пачалихъазул тIалъиялъул ишаз халкъалъе зарал гьабизе бегьуларо. Нижер Гъизляралдаги чанги рукIана терракталги, чачаназ ккураб азарханаги, амма гьеб киналдасаго хадуб нижер гIадамазул чачаназдехун квешаб бербалагьи лъугьинчIо.

Цо чанго такъсирчияс гьабураб иш тIубараб халкъалде реххизе бегьуларо. Рагъ бугеб мехалда тIурун рачIарал чачаналги хьихьана нижеца нижерго хъизаналъул чагIи гIадин. ГурхIел букIине ккола, рахIму гьабизе тIадаб буго».

Дагъистаналъул ЖамгIияб Палатаялъул вакил Хадулаев Шамилил пикруялда рекъон Европаялда террористаз кьаби щвезабиялъул гIайиб гьезда жидедагоги буго.

Хадулаев Шамиль:«ГIадада гурин Евпропаялъ Сириялдаса миллионгIан чи жидехъего виччаравилан абун букIана дица цебего. Жал лъикIаллъунги хIан рагъбугелъуса тIурун рачIунел ругезе кумек гьабизе кколинги абун риччана гьез гьел. ГIадатиял гIадамазда цадахъ чанги террористалги рачIана гьенире.

Дагьабги цIакъ насраниялги бусурбабиги цоцалъ разаруна. Гьездаги нилъедаго бичIчIулеб жо буго киданиги насраниялги бусурбабиги цо пачалихъалда рекъон гIумру гьабун рукIун бажарулареблъи. Хасго бакътIерхьул улкабазда гIадамазул рукIа-рахъинги бусурбабазул бербалагьиги гьеб жо данде кколаро. Гьенир батIи-батIиял конфликталги лъугьуна.

Путиницаги чанцIулго абун букIана гьел Евпропаялъул улкабазул бутIрузда гьединго. Гьел террористаз гьанже жидерабго билълъинабулеб буго, Парижалда терракт гьабурав чи Бельгиялда ккун тамихI гьабизе Франциялде кьезехъин вукIун, гьез рецIел босун Брюселалда терракт гьабуна. Террористаз хIинкъизабулеб буго тIубараб дунялго».

Москваялда халкъазда гьоркьосеб гьудуллъиялъул университеталда политологиялъул дарсал кьолев Дагъистаналдаса гIалимчи ГIалиев Рустамицаги Хадулаевасул пикруялъул рахъкколеб буго. Гьес абулеб буго гьел Бельгиялда ккарал террактаздаса хадуб Россиялъ абуралъухъ гIинтIамизе бугин гьел бакътIерхьул улкабазул нухмалъиялъилан, щай гурелъул Владимир Путиница гьезда чанцIулго абун букIанила гьез Сириялда гьабулеб бугеб сиясаталъул тIираби гьезде жидедего щвезе ругилан. Гьел пачалихъазул тIадчагIазул гIакълугьечIолъиялъ террористазул къурбаналлъун лъугьараб европаялъул халкъалда ракIгурхIун бугин жиндириланги тIадежубана гIалимчияс.

XS
SM
MD
LG