МагъчIваялъе рес

Брюссель. Бидулаб талат къо


Брюсселалъул аэропорталда лъукъарал руччаби
Брюсселалъул аэропорталда лъукъарал руччаби

Талат къоялъ Бельгиялъул тахшагьар Брюсселалда кIиго кьвагьи бахъана аэропорталда,  теракт гьабун буго метроялъул станциялдаги. КIудияб дандерижи багъарана дунялалъул прессалда гьелдаса нахъе.

Брюссель. Бидулаб талат къо
please wait

No media source currently available

0:00 0:03:01 0:00
Интернет-мухъ

Цебеккунго гьабураб хIасилалда рекъон 23 чи чIван вуго, анцI-анцIгоявги лъукъана. Амма гьел рикIкIенал мухIканал гуро, ян лъазабулеб буго цогидал журналистаз.

Бельгиялъул сахлъи цIуниялъул министерлъиялъ загьрарурал баяназда рекъон Брюсселалъул аэропорталда бахъараб кьвагьдариялъул хIасилалда 11 чи чIван вуго.

Жеги 15 чи чIван вуго метроялда букIараб гьужумалъул хIасилалда. ГIаммаб къадаралда Брюсселалда талат къоялъ 26 чи чIван вуго. АнцI-анцIго чи лъукъун вуго.

Амма бакIалъулаб прессалъ абулеб буго, гьеб бугин мухIканаб гуреб хIасил. Журналистазул хIисабалда минимум 34 чи чIван вуго.

Нижер радиоялъул мухбирас гара-чIвари гьабуна Брюсселалъул метроялъул Maelbeek абулеб станциялда кьвагьи бахъараб мехалда гьенив вукIарав Джо Кукгун. Гьев ккола Cook Communications абулеб кампаниялъул хважаин. Гьес гьадинаб баян гьабуна нижер мухбирасе.

Джо Кук: «Европаялъул Комиссиялъул минаялда аскIоб бугеб метроялъул станциялде ине хиял букIана дир. Майдан тун, дун уне вукIана Maalbeek абулеб гьеб станциялдехун.

ГIагарлъараб мехалда дида ккуй бихьана. Рихьулаан метроялъуса эхеде реккерулел гIадамалги, тротуаралда регун чIун рукIарал гIадамалги. Цоял рагъаричIого регун чIун рукIана. Гьеб мехалъ дида бичIчIана – цо квешаб жо ккун батилин».

Бельгиялъул премьер-министр Шарль Мишелица лъазабуна, аэропорталде тIаде кIанцIание живго жинцаго чIвазе хIукму гьабурав. БатIи-батIиял баяназда рекъон кьвагьи бахъизегIан гьенир гIараб рагIаби рагIулаан.

Ункъго къоялъ цебе Брюсселалъул полициялъ ккуна Парижалда гъоркьисала ноябрь моцIалда гьарурал терактазда хурхен букIиналда щаклъи бугезол аслияв - СалахI ГIабделсалам.

Бельгиялъул жанисел ишазул министерлъиялъ лъазабун букIана гьев ГIабделсаламил хиял букIун бугин Бельгиялда цIиял терактал гьаризе.

Гьадинал терактал гьарулеб мехалда тIоцебесеб иргаялда щакъли кколеб буго гIемерал улкабазда гьукъараб ва террористикияблъун рикIкIараб «Исламияб пачалихъилан» абулеб гIуцIиялъул гIахьалчагIазда.

Амма ракIалдаго гьечIого гьаб нухалъ Украиналъул ХIинкъи ГьечIолъи ЦIуниялъул Хъулухъалъул бетIер Василий Грицюкица журналистазде лъазабуна, Брюсселалда гьарурал гьужумазда Россиялъул хурхен букIун батилин.

Гьелда бан Россиялъул премьер-министр Дмитрий Медведевас жиндирго Фейсбукалда хъвана Грицюк гIабдал вугин.

Брюсселалъул кьвагьдари дандбалеб буго дунялалъул прессалъ гуребги - политиказги.

Америкалъул Цолъарал Штатазул президентлъиялде Республиканияб партиялъул рахъалъан кандидатлъун кколев Дональд Трампица Fox News телеканалалъе чIван къотIун абуна жиндир ихтияр букIарабани – жинца гIурхъаби къазе хIукму гьабилаанин.

XS
SM
MD
LG