МагъчIваялъе рес

Хасаб сияхIалде ккезе бигьаяб жо буго Дагъистаналда


2014 соналдаса нахъе  полициялъ экстремизмалъулгун  хурхен букIине бегьулезул хасаб сияхIалде восарав Буйнахъск мухъалъул Эрпели росулъа Алхасов Даниялица жиндир цIар гьеб сияхIалдаса нахъе босейилан тIалаб гьабун диваналде  хъвараб гIарзалъул халгьаби байбихьана талат къоялъ.

МухIканал гурел баяназда рекъон республикаялда гьединал сияхIазде росаразул къадар анцIазаргоялдасаги цIикIкIун бугониги гьезул чангияз гьелго гIарзал хъван рукIаниги Дагъистаналда диваназ жеги киданиги гьезул халгьабун букIинчIо.

Гъоркьисала августалда инсанасул ихтиярал цIунулеб халкъаздагьоркьосеб «Мемориал» гIуцIиялъул дагъистаналда бугеб бутIаялде гIарза хъван буго Алхасовас жиндие кумек гьабейилан. Гьеб гIарзалда тохтурас хъвалеб буго Санкт-петербургалъул рагъулабгун-медицинаялъул академия лъугIарав жив 2011 соналдаса нахъе Эрпели азарханаялда тохтурлъун хIалтIилев вугила. Жив росулъе тIадвуссарабго жиндихъе бакIалъулаб полициялъул хIалтIухъан вачIанила.

Гьеб мехалъ жиндица гьесда бицанила лъадигун ва эбел-эменгун гIумру гьабулев вугин жив гьанив, живго бетIергьанаб травматалъулаб таманчаги гьелъул документалги рихьизарунила низам цIунулесда, документазул халги гьабун гьеб ярагъ цIунизе хасаб сейф босани лъикI букIининги абун тIокIаб щибниги абичIого нахъе анила гьев.

Гьелдаса хадуб 2012 соналда къуваталъул идарабаз Алхасовасул минаялъуб чIухь бан буго. Гьесул рокъоб къануналде данде кколаредухъ босараб ярагъ цIунун бугин абурал баянал ругила, гьеб бугила чIухь тIобитIиялъе гIиллайилан лъазабун буго гьез. Гьеб мехалдаги щибниги къануналъ гьукъараб жоги батичIого нахъе ун рукIун руго гьел.

2014 соналъул июналда полициялда хасаб сияхIалде восиялъул суал дандбазе ахIун вукIун вуго гьев низам цIунулез. Мегеж кIкIвайилан абун буго гьесда полициялъулаз, гьеб кIкIвазе инкар гьабун буго Даниялица ва киназдаго лъазабун буго жив экстремизмалде, терроризмалде ва кинаб букIаниги такъсирчилъиялде дандечIарав чи вугилан. КIиго моцIидасан цIидасан ахIун вуго гьев полициялде гьеб нухалда гара-чIвариги гьабун, сурат бахъун ва килщазул лъалкIазул суратги бахъун виччан тун вуго.

Гьелдаса хадубги чанцIулго полициялде ахIун гьесде тIадецуй гьабулеб букIун буго низам цIунулез. Жидеда мун вагьабияв вукIин лъалила, дуца эрпелисезул экстремистазул къокъаялъе нухмалъи гьабулеб бугин абунила бакIалъул гIадамаз, мун экстремист вугин, хIалтIудаса вахъейилан тIалаб гьабун жидеца Дагъистаналъул сахлъицIуниялъул министерлъиялде хъвазе бугин абун тIаделъун рукIун руго гьесде полициялъулал. Жив жиндиего динги гьабун вукIунев чи вугила, экстремистазулгун хурхенги гьечIила жиндирин абуниги гьесухъ гIин тIамун гьечIо. Гьеб полициялъул бутIаялдаго мегеж къунцIизеги тIамун вуго гьев.

Гьанжеялдаса хадубги мун гьеб вагьабиязул нухдаса нахъе вилълъинчIони дур рокъобе ярагъги реххун мун кквезе вугин хIинкъизавун вуго гьев. Гьелдаса хадубги жеги чанцIулго ахIун вуго гьев полициялде гьениб ДНКялъе хIацIу, би босун буго, гьев кIалъалеб ва вилълъунеб куц видеоялде бахъун буго, телефоналъул халгьабун буго.

Гьебго ДНКялъе би кьезе дурго лъади ячейин гьаниейилан тIалаб гьабун буго Алхасовасдаса полициялъулаз. Лъади полициялде ячине тохтурас инкар гьабидал, хIалицаго ячун ячIун йиго гьей къуваталъул идарабазул хIалтIухъабаз. Кодоса телефонги бахъун буго гьелъул, хиджаб щайин дуца ретIунебин абун бадирчIваялги гьарун, килщазул лъалкIалги рахъун йиччан йиго гьей.

Гьел Алхасовас кьурал баяназул хагьабейилан тIалаб гьабун Россиялъул жанисел ишазул министерлъиялдеги гIарза хъван букIун буго «Мемориал» -алъ, амма полициялъулаз Алхасовасда ва гьесул лъадуда хурхун щибниги бегьулареб жо гьабун гьечIин лъазабулеб буго гьеб халгьабиялъул хIасилалда. Гьедин щиб багьана батунги гьеб иш цебетIезе биччазе гьечIин гьел къуваталъул идарабазилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе Алхасов Даниялил адвокат МухIамадов Мурадица.

МухIамадов Мурад: «Гьеб ишалда гъорлъ пачалихъалъе кIвар бугел, хасал чагIзда гурони лъазе бегьуларел баянал рукIиналъ Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъ тIалаб гьабуна гьеб Алхасовасул ишалъул халгьаби Дагъистаналъул тIадегIанаб диваналде кьейлан. Буйнахъскалъул диваналъ гьезул рахъги ккуна. Амма кинал баянал гьел, щиб информация пачалихъалъе кIварбугеблъун бугебали бичIчIуларо дида.

Оперативияб информацияйищ гьеб букIарабали, гьениб Алхасовас хабзалазда аскIосан унелъул квералги эхеде рорхун дугIа гьабуларин яги гьес дагьаб халатаб мегеж тун букIунин абурал баяналищ бищунго улкаялъе кIварцIикIкIарал ругелали. Гьединал магIана гьечIел жалги гьарун, гьаниса доре ритIун, дораса гьанире рачун базарги гьабун щиб гьабунги гьеб иш рагIалде бахъине биччаларо гьел къуваталъул идарабаз.

Алхасов Даниял щибниги кьучIгьечIого, къануналде дандекколаредухъ гьеб хасаб сияхIалде восун вукIин гьезда жидедаго гIезегIан лъикI лъала».

Дагъистаналъул тIадегIанаб диваналда гьеб Алхасовасул ишалъул халгьаби кида букIине бугебали жеги лъалеб гьечIо.

XS
SM
MD
LG