МагъчIваялъе рес

ХутIараб гIумру - туснахъалда


27 августалда МахIачхъалаялъул экс-мэр СагIид Амиров гIумруялъго туснахъ гьавураб хIукму къотIана Ростовалда рагъулаб диваналъ. Гьеб ккола кIиабизеги гьесие бихьизабураб туснахъалъул болжал. Гьелде щвезегIан гьебго шагьаралда 10 сон кьун букIана Амировасе.

27 августалда хIукму къотIана СагIид Амировасда цадахъ диваналда эхетун рукIарал жеги анкьгоязеги. Прокурорас гьезул кIигоялги гIумруялъго жанир тIамизе тIалаб гьабулеб букIана. Амировасул вацасул вас Юсуп Жапаровги МухIамад АхIмадовги ккола гьел. ХутIарал ичIгоялдаса 20 соналде щвезегIан жанир тIамеян абулеб букIана. Цинги диваналъ хIукму гьабуна Амировасул вацасул вас 18 соналъ жанив тIамизе, МухIамад АхIмадовасе 22 сон кьезе, гьесул кIиявго вацасеги анцI-анцI сон кьезе. ГIалиевасе – 12, Мутаевасе – 11, Къадиевасе – 13 сонил хIукму къотIизе. ЦIех-рехалъул баяназда рекъон, гьел руго цере МахIачхъалаялъул администрациялда хIалтIулел рукIарал чагIи. Юсуп Жапаров вукIана Каспийскалъул вице-мэрлъун.

ТIоцебесебги кIиабилебги нухалда диван гьабулебгIан мехалъ живго экс-мэр СагIид Амировасги хадур гьел цоязги такрар гьабулеб жо букIана жал гIайибиял гьечIилан. Жив кидаго дагъистаниязе пайдаялъе хIалтIулев вукIанин, тIокIаб жинца гьабураб такъсир гьечIин абулеб букIана гьес.

Амировасдеги хутIараздеги гIайиб гIунтIизабулеб букIана цин Пенсиязул Фондалъул нухмалъулев, гьабсагIаталда федералияб цIех-рехалда вугев Сагид МуртазагIалиев чIвазехъин вукIунилан, цинги Каспийскалдаса ЦIех-рехалъул комитеталъул хIалтIухъан Арсен ХIажибегов чIванилан. Гьединго республикаялда цогидал терактал гьариялда хурхарал гIайибалги рукIана.

27 августалда диваналъ гьабураб хIукмуялда цIар лъезе лъаларого вугин живан бицана ЭР-ялъе СагIид Амировасул адвокат Владимир Постанюкица. Ихтиярал цIуниялда тIад михир бачин гIадаб жо кканила гьелъул. Масала, жидеца диванчагIазда байбихьудаго бичIчIизабунила дов цIех-рехчи Арсен ХIажибегов кин ва лъица чIваравали. Гьеб такъсир ккун сордо-къо иналдего ратун рукIун руго нугIзал. ЦIех-рехалъул даптаразда бугелдаса тIубан батIайисан бицун буго гьез диваналдаги гьелъул хIакъалъулъ. Амма диванчагIаз гьеб гIадахъгицин босичIин абуна Постанюк Владимирица. Гьединлъидал низам цIунулезе хIакъикъат чIезабизе гурин хIажат бугеб, щиб гьабунги СагIид Амиров жанив тIамизейин абураб пикруялде рачIанила жал.

Амировасе гьединаб хIукму къотIилин ккун букIанищ нужедаян абураб ЭР-лъул суалалъе адвокат Постанюкица гьадин жаваб кьуна.

Владимир Постанюк: «У. БукIана. Амма лъиданиги ракIалде ккун букIинчIо гьеб хIукму гьедигIанго цIакъ кьварараб букIинилан. Амма жив чIвазе къасд I5 нухалъ гьабурав чиясе, туснахъалъулв живго жинцаго хIебтIун бажаруларев чиясе гьединаб хIукму къотIилин ккун букIинчIоха. Изоляторалъул тохтурасги абулеб буго гьесул сахлъи лъикI гьечIилан. Дир хIисабалда, гьеб жо буго гьесда тIад гьабулеб зулму. ТIадежоялъе гьесул гIайибалъе нугIлъи гьабулеб цониги далилги батичIо дозда. Гьелда божуларев чи ютюбалде раккизе бегьула. Гъоб буго кинабго. ГIумруялъулго туснахъ цохIо жиндие кьун таралъухъгицин баркалайин абулеб буго Амировас. Гурони, жиндие гIоло гьел гIолохъабазеги кьезе бегьулаан гурищдила гIумруялъулго туснахъ. Гьединлъидал гьев цIакъ хIинкъун вукIана цоги лъиениги кьезе гурин гIумурялъулго туснахъилан. Жиндани гьанжелъагIангIаги гIумру бихьанила».

Владимир Постанюкил рагIабазда рекъон, СагIид Амировасул адвокатазда ракIалда буго 27 августалда диваналъ гьабураб хIукмуялда дагIба бан, тIадехун ругел идарабазде гIарзаби хъвазе. Амма гьелъул пайда щибила гьел тIуразарулареб мехалда. Масала, цебего къуваталде лъугьараб хIукму бугила Европаялъул диваналъ СагIид Амировасда хурхун гьабураб. Амма Россиялъ гьеб тIубазабулеб гьечIила.

Владимир Постанюкица Амиров цIунизе хIаракат бахъаниги, гIемерисезда лъалин республикаялда кьвагьа-гIанхъиялги цогидаб гIала-гъважаги Амировас гьабулеб букIараблъиян абуна ЭР-гун букIараб ракI рагьараб гара-чIвариялда.

Диваналда гьесда данде баянал кьуна дов живго Сагид МуртазагIаливасги, гьабсагIаталда туснахъ гьавун вугев Гъизляр мухъалъул нухмалъулев Андрей Виноградовасги, гьабсагIаталда жинда сверухъ цIех-рех лъугIизегIан хъулухъалдаса гIодой чIезаюн йигей Тарумовка мухъалъул нухмалъиялда йикIарай Марина Абрамкиналъги, Каспийскалъул вукIарав мэр Жамал ГIумаровасги, жеги чанги Дагъистаналъул политиказги. Гьедин гьанже МуртазагIалиевасдаги, Виноградовасдаги, Абрамкиналдаги сверухъ бахъараб ахIи-хIур бугин низам цIунулезда гъорлъ СагIид Амировасул чагIаз босулеб къисасилан кколеб буго цо-цоязда.

КIиго соналъ цеве МахIачхъала бакьулъ вертолетги чIун, низам цIунулез вачун инегIан СагIид Амиров гIемерисез кутакалда къуватав политиклъун рикIкIунаан. Гьесул руго рикIкIен гIемерал шапакъаталги. Цо заманалда Москваялдаса МахIачхъалаялде вачIанщинав хIакимчи республикаялъул тIалъиялде щвелалде цин СагIид Амировасухъе унаан.

Ахираб 15 соналъ Амиров вукIана МахIачхъалаялъул мэрлъун. Гьесул карьера байбихьана 1991 соналда Дагъистаналъул хIукуматалде вице-премьерлъун вачIиндал. Цинги 98 соналда гьев вищана республикаялъул тахшагьаралъул мэрлъун. Гьеб заманалдехун гьев сакъатлъун вукIана, абула гьев чIвазе къасд гьабунин 15 нухалъ. Гьедин цояб нухалда речIчIараб жоги мугъзал гьодилъ щун, гьесул бохдул хIалтIуларо 1993 соналдаса нахъе.

XS
SM
MD
LG