МагъчIваялъе рес

Рагъ кколищали хIалбихьизе, цин Амиров ана вачун


Гьал къоязда туснахъ гьарурал Дагъистаналдаса муниципалиял гIуцIабазул нухмалъулезул рахъ кколел чагIи митингазде рахъани, нухал къазе лъугьани, гьеб кинабго гьел къватIире рахъарал чагIазе квешлъиялъе буссине бугин лъазабуна Дагъистаналъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповас.

Гьедин гьес лъазабиялъе гIилла буго кватIичIого МахIачхъалаялда ва цогидал бакIазда тIоритIизе ругин Гъизляр мухъалъул нухмалъулев Андрей Виноградовасулги, Дубаялда чIун вугев Сагид МуртазагIалиевасулги, гьединго Ессентукиялде вачун арав Дагъистаналъул парламенталъул нухмалъулесул вас, Буйнакск мухъалъул нухмалъулев Даниял ШихсагIидовасулги рахъккун митингал гьаризе ругилан раккарал харбал.

Цереги ккун рукIана гьединал хIужаби. Масала, чанго соналъ цебе МахIачхъалаялда аскIоб Семендералда низам цIунулез хасаб операция тIобитIулеб мехалда шагьаралъул Сепараторазул мухъалда цо хасал чагIаз сардилъ къватIибе бахъун букIана халкъ.

Дагъистаниязул цIикIкIарасеб къадаралъе политикаялъул ургъел гьечIин, кисадай хъизан кваназабилаян ургъалида ругин гьелин рикIкIунеб буго Буйнакскиялдаса журналист Саният Мансуровалъ.

Гьединлъидал республикаялда щал кир туснахъ гьаруниги, лъие тамихI гьабуниги батIалъи щибин, гьезул бакIалде хъата-масан гьединалго чагIи рачIунелъулин кватIичIогоян абураб пикру бугила гьезул.

ГIадамазул хадусеб къадаралъул пикру бугила Кремлялъ битIун гьабулеб бугин, некIого заман щун букIанин цулъарал хIакимзаби гIодоруссинаризеян абураб. Гьединан рикIкIунезул къадар дагьаб бугин абуна Саният Мансуровалъ ЭР-лъе.

Саният Мансурова: «Гьел чагIи божуларо гьел хиса-басиязулъ нилъер республикаялъул бетIерасул гIахьаллъи бугин абураб жоялда. ГIабдулатIиповасда бараб жо щибниги гьечIин рикIкIуна гьез. Москваялъе бокьани гурони туснахъ гьаруларила кIуди-кIудиял хIакимзаби. Гьаниб цоги суал буго бачIунеб.

Щай хас гьабун гьанже байбихьараб гьел кквезе? ТIоцеве туснахъ гьавуна МахIачхъалаялъул экс-мэр СагIид Амиров, цогидазулги хIалбихьизе гьабураб жолъун бихьула дида гьеб. Щайгурелъул гьединал кутакал чагIазда хъвазе бегьуларин, гурони Дагъистаналда, Чачаналда букIараб гIадаб рагъ байбихьулин, гьезул щивасда нахъа тIубараб армия бугиланлъидалха Москва хIинкъизабулеб букIараб. БукIаниги, ккуна гьев, ккечIо щибниги. Цинги ирга щвана Пенсиязул Фондалъул нухмалъулев Сагид МуртазагIалиевасдегун Гъизляр мухъалъул нухмалъулев Андрей Виноградовасдеги Дагъистаналъул парламенталъул нухмалъулесул вас Даниял ШихсагIидовасдеги. Гьеб мехалдаги ккечIо гIорхъолъа араб щибниги иш. Гьаб нухалда чIванкъотIарал хIужаби ракIарун ругеб къагIида низам цIунулез. Амировни гьез щибниги кодобе кквезе щолеб хIужаги гьечIого ана вачун».

Буйнакск мухъалъул нухмалъулев Даниял ШихсагIидовасда тIасан хабар ккедал, букIине кколедухъ гIадамалги тIаде къабул гьарун, гьезул тIалабал тIуралароанин абураб пикру загьир гьабуна ЭР-ялъе Буйнакск мухъалъул ХIабщи росдада гъорлъе унеб ГIарахкент росулъа Майсарат МухIамадовалъ. Дагьалъ цее жий ун йикIанила гьесухъе росдал масъалабазул бицине. Цин лъикIалан ахIи-хIур гьабичIого жий къабул гьаюлейги йикIинчIила. ТIаде йиччан хадусан вугила Даниял ШихсагIидовас жинда гьикъулеб мун жиндихъе дурго тIахьал басмаялда риччазе, яги юбилей кIодо гьабизе къваригIунищин ячIарайилан. Майсарат МухIамадова поэтесса ккола. Гурин, валлагь, дуца нухмалъи гьабулеб Буйнакск мухъалъул ГIарахкент росдал къварилъи-гIатIилъиялъул бицине ячIанин жаваб кьунила жинца.

Майсарат МухIамадова: «Нужер колхоз жидер мухъалда гъорлъе унарилан жаваб кьуна дос (Даниял ШихсагIидовас – ЭР). Дица абуна гьедин батани, нуж щиб гьабулел чагIийинха нижер росабиги администрациялда гъорлъе унел гьечIони, шагьаралда гIодорги чIун нужеца гьабулеб хIалтIигIаги щибинха абуна дица. Щибниги халги гьабичIого тана дос дол (колхозалъул вакилзаби – ЭР). ШихсагIидов тезегIан вукIана БатIалов абурав чи. ГIадан гIадин кIалъазениги кIалъалаанха дов нижеда. Млрд гъурущги тIадккун, гьелдаса хадувги жанивги тIамичIого, депутатлъунищали тIамунаха дов… Гьанже гьавги гьадинав вихьуларищха вукIарав…

Нижер колхоз биххараб мехалда Эмендадайин вукIана гьанив цо чи. Гьесги МухIамадрасул Алхлаевасги (Буйнакск мухъалъул вукIарав нухмалъулев – ЭР) бачун гIи жидеего бикьа-къотIана. Хадув вачIарав нухмалъулес колхозалъул канцелярия бичун, цо рокъор жанир гIодорчIун рагIула росдал администрацияги цогидалги. Цинги эб канцелярия босарал чагIаца эниб жаниб гIачиязул ферма гьабун буго. Гьелда цIар щиб лъолеб?! 500 цIараки бугеб кIиго росулъ (ХIабщи ва ГIарахкент) цохIониги тохтур гьечIо. Гьединго телалъул хIубал руго регун рачIунел. Цо кIиго-лъабго къоялъ цебе лъимал чIвазе рахъана гьел тIаде регун рачIун. Гьеб киналъулго бицине ун йикIана дун Даниял ШихсагIидовасда аскIое. Муниципалияб гIуцIиялъул нухмалъиялъ гIуцIун комиссиягун, хал гьабизе чагIи ритIизе ккелароанищ доре? РитIичIо!».

ЭР-лъухъе щварал баяназда рекъон, Даниял ШихсагIидов гьабсагIаталда Ессентуки шагьаралда вуго жанив тIамун. 6 августалда гьеб шагьаралъул диваналъ хал гьабизе буго ШихсагIидовасеги гьесда цадахъ рачун арал Шамил Къадиевасегун Къагьир МухIамадовасеги кинаб хIукму къотIилебали – цIех-рех лъугIизегIан къватIирищ гьел телел, яги туснахъалдагойищали.

XS
SM
MD
LG