МагъчIваялъе рес

Амировасул процессалда аслияв нугIас баянал кьечо


21 маялда Ростовалда МахIачхъалаялъул экс-мэр СагIид Амировасулги гьесул вацасул вас Юсуп Жапаровасдаги хурхун байбихьараб диваналда аслияв нугIлъун рикIкIунев МухIамад ГIабдулхIалимовас инкар гьабуна баянал кьезе (бетIер унтун бугилан).

Гьеб мехалда Амировас гьесда абуна тIоцебесеб даражаялъул сакъатлъи бугев жив гIахьаллъулеб мехалда гьеб диваналда, бетIер унтунилан дуца щайин инкар гьабулеб гьелдаса?

Гьединго цебесеб къоялъ диванчияс инкар гьабуна диванчагIи хисеян Амировасул адвокатаз кьураб гIарзаялъеги.

СагIид Амировасулги гьесул вацасул вас Юсуп Жапаровасдаги цадахъ диван гьабулеб буго МухIамад Къадиев, Мурад ГIалиев, Зубаир Мутаев, МухIамад АхIмадов абулел чагIазеги.

Гьаб цояб процесс ккола СагIид Амировасегун гьесул вацасул васасе кIиабизеги гьабизехъин бугеб диван. Экс-мэрасул вас ТIалхIат Амировасеги изну кьолеб буго эмен цIунизе.

ТIоцебесеб нухалда Пенсиязул Фондалъул нухмалъулев Сагид МуртазагIалиев чIвазе хIадур вукIанин абураб гIайибги тIадчIезабун, туснахъалъул I0 сон кьуна гьесие. Гьесул вацасул вас Юсуп Жапаровасеги кьуна 8 сонгун 3 моцI.

Гьанже гьел кIияздего гIайиб гIунтIизабулеб буго цIех-рехчи Арсен ХIажибегов чIваялда бан, гьединго изну гьечIого ярагъ-бича-хисиялда ва террор гьабиялда, изну гьечIого яргъид гIуцIарал къокъабазда гъорлъ рукIиналда бан.

Гьаб нухалда Амировасде гIайиб гIунтIизабулеб буго Дагъистаналъул ЦIех-рехалъул комитеталъул хIалтIухъан Арсен ХIажибегов чIваялда хурхун. Гьесул вац Руслан ХIажибегов кIалъана диваналда видеоконференциялдасан.

Руслан ХIажибегов: «Дида лъаларо гьев чиясда цIар щибин абилебали… МахIачхъала шагьаралъул бетIерин абизе ккелаха, гьесулгун хабар ккун букIана дир. Гьеб букIана дир вацасда хурхараб хабар. Гьединлъидал бачIинахъего, гьев чIвараб параялъго гьаналъ бицун лъана дида гьеб пиша гьезул пиша букIин».

Гьеб мехалда СагIид Амиров лъугьана Руслан ХIажибеговас кьучI гьечIел харбал рицунел ругилан.

СагIид Амиров: «Гьес рицунел руго къватIул харбалги маргьабиги. Дора-аниса, телевизоралдаса рагIарал жал гурони, чIванкъотIун мугъчIвай гьабизе бегьулеб хIужа яги гьединав чи рехсолев гьечIо».

Руслан ХIажибеговас жаваб кьуна мун жинда малъаругейин.

Руслан ХIажибеговас бицана жиндир вац чIвазе моцI хутIараб мехалда кканин МахIачхъалаялъул мэрасдаги жиндаго гьоркьоб гьеб хъачIаб хабар. Жив къадиквен гьабизе рокъове вачIун вукIанин, цинги мобильный телефоналде ахIун батанин МахIачхъалаялъул мэриялдасан.

Жинца тIадвуссун гьенибе ахIанила. Гьеб мехалда жинда рагIанин Амиров кутакалда квешаб куцалда кIалъалев. КъваригIани, жинца бицинин чIванкъотIун щиб гьес абцулиги. Жиндир вац Арсен ХIажибеговасулгун гьесул гьоркьоблъи букIинчIин.

ГIаксалда, къануналда данде кколареб куцалда ишал гьаризе Амировасул чагIи лъугьиндал жинца гьезие квалквал гьабунин бицун букIанила вацас.

Руслан ХIажибегов: «Доб мехалда Дагъистаналда ЦIех-рехалъул комитеталъул нухмалъулевлъун вукIана Алексей Саврулин. Гьадав гIурусасда бараб жойищ гьесул бугебан ахIдезе лъугьана Амиров. Гьесие рагъ къваригIун батани, жинца гьабилила гьесие рагъ. Жинца тIагIинавилила гьев.

Дица гьесда гьикъана дов дир вац вукIин кIочонищин дуда тараб? Гьеб мехалъги лъугьана гьев ахIдезе, жинца абураб жо гьабичIони, дуда бихьилин жинца гьесие гьабулеб жо».

Руслан ХIажибеговас бицана жиндир вацасдаса Амировасе къваригIун букIанин жиндие къабулал гурел чагIазда хурхун цIех-рехал гьаризе. Масала, Дагъистаналъул жанисел ишазул министр хисулевлъун МухIамад ИсмагIиловасда тIасан. Амма гьес инкар гьабунила. Къануналда данде кколарел жал гьарулеб гIадат гьечIила жидер хъизаналда.

Жиндир вацас Амировасе инкар гьабиялда гIажаиблъи гьабизе бегьулин бицана Руслан ХIажибеговас. Щайин абуни хасго доб мехалда Дагъистаналда къанагIат рукIанила гьесие инкар гьабизе кIолев чагIи.

СагIид Амировасул адвокат Владимир Постанюкица рагIи кьуна процессалда тIасан хадубккун ЭР-ялъе жиндирго пикру загьир гьабизе.

XS
SM
MD
LG