МагъчIваялъе рес

Театр - инсан инсанлъун вукIине куцалеб рукъ


Авар театр "МугIрузул ГIали" спектакль
Авар театр "МугIрузул ГIали" спектакль

ЦIадаса ХIамзатил цIаралда бугеб Авар театралъ 4 декабралда кIодо гьабуна 80 сон тIабаялъул къо. ГIасруялде гIагарараб гьеб тарихалда жаниб театралъ магIарулазда рихьизаруна нус-нус спектакалял ва гьел хIана цохIо Дагъистаналда гуребги Совет хIукуматалъул цоги шагьараздаги. Амма бищунго кIудияб машгьурлъи театралъул кидаго букIана магIарул росабалъ. Жакъа цIунун хутIун бугиш магIарул театралъ жиндирго букIараб машгьурлъи ва кинаб бакI кколеб гьелъ жакъа гIадатиял дагъистаниязул рекIелъ?

Жиндирго творчествоялъулаб хIаракатчилъи тIоцебе Хунзахъан байбихьараб Авар театралъ нахъа тараб нух хIакъикъаталдаги цIакъ бечедаб буго. 80 соналда жаниб Авар театралъ магIарулазе кьуна анцI-анцI гьунар камилал, цохIо жидер цIар бахъаниги гIолел гIемерал машгьурал актерал. МахIмуд ГIабдулхаликъов, ПатIимат Хизроева, ГIайшат Мамаева, Басир Инусилов, Зайнаб Набиева ва гьел гурелги анцI-анцI артистаз хIарал ролаз пана гьарунин абизе бегьула магIарулал. Гьел киналго жакъа чIаго гьечIо ва гьеб сияхI цIигьабуна исана ихдал гIумруялдаса арай машгьурай Сидрат Мажидовалъги

Театр гIуцIун ункъого соналда гьениб бижанин актеразул анкьго батIияб наслуйилан бицана «Эркенлъиялъе», Авар театралъул бетIерав режисер ва художествияв нухмалъулев ХIайбула ГIабдулгъапуровас. ТIоцебесеб наслу кколин Хунзахъан байбихьараб, хадусеб наслу бугин 1940-абилел соназда театр Буйнакскиялде гочиндал гьенир рахъарал актеразул, гьелдаса хадусеб наслу Грузиялъул Шота Руставелил цIаралда бугеб, Москваялда ва Киевалда ругел театралиял институт лъугIарал актераздасан бижараб ва анкьабилеб наслу кколин Дагъистаналъул Пачалихъияб университеталда рагьараб маданияталъул факультеталъ къватIире риччарал актераздаса бижараб наслуйин бицана гьес.

Жакъа театралъул коллективалда гъорлъ вуго 130 чи, гьезда гьоркьосан актеразул вуго 35 чи. ЦохIо бетIерав режисер ХIайбула ГIабдулгъапуров гурони тIокIав режисер гьенив гьечIо. Гьезда гьоркьор бащадалдасаниги цIикIкIун руго гIолохъанаб ригьалъул актерал. ТIадехун бицен гьабураб, Тбилисиялда бугеб Шота Руставелил цIаралда бугеб институалде унаанин цере дагъистаниял актерасул махщалие цIализе. Гьебги гьоркьоб къотIизабун рагьанин Дагъистаналъул Пачалихъияб университеталда маданияб факультет, нилъерго гьанир хIадур гьарилин актералилан. Амма гьелъ лъикIаб хIасил кьечIилан абулеб буго ХIайбула ГIабдулгъапуровас, щайгурелъул гьеб факультеталда гьечIин махщел камилал мугIалимзаби.

ХIайбула ГIабдулгъапуровасул рагIабазда рекъон, 1990 соналде щвезегIан букIун буго театрлъул бищун лъикIаб заман. Жакъа театралда ругел гIолохъанал актеразул махщалие къимат кьолаго гьадин абуна гьес.

ХIайбула ГIабдулгъапуров: «Театр гIуцIарал тIоцересел соназ букIана актеразе кIудияб захIмалъи, жидецаго цадахъ баччун декорациягун, харж щолеб гьечIониги халтIулел рукIана гьел. Гьанжеги буго гьебго къварилъи театралъул гIолохъанал хIалтIухъабазе. Я кIудияб харж гуро, я жанир рукIине кьолел рукъзал гуро, я цогидаб социалияб кумек гуро. Гьеб киналъухъго балагьичIого миллияб маданияталде бугеб рокьиялъ хIалтIулел руго гьел сундухъниги балагьичIого. ТIокIабги щиб гьездаса тIалаб гьабилеб? Цо гIакъилав чияс абун буго театралде актерлъун вачIунев чиясда тIадаб бугин тIоцебесеб иргаялда чилъун вукIинеян. Гьеб киналъего куцазе ккола живго театралде вачIарав чияс. Релъи-хъуялъеги, ахIдеялъеги рачIунеб бакI гуро театр, театр буго мажгит гIадаб бакI»

"КIодоласул ригьин" спектаклялда ХIусен Казиев ва МухIамад НурмухIамадов
"КIодоласул ригьин" спектаклялда ХIусен Казиев ва МухIамад НурмухIамадов

Бицана гьес театралъул декорациязулги, щибаб спектаклялъе костюмал хадур гьарулел чагIазулги. Ахирал соназда Авар театралъ лъурал спектаклязда гьоркьор руго Заирбег ГIалихановас хъвараб «МугIрузул ГIали», Расул ХIамзаиовасул поэмаялда рекъон хIадур гьабураб «МагIарулай» драма, ЦIадаса ХIамзатил «КIодоласул ригьин» ва руго цогидалги спектаклял. Амма театралде арал гIадамазул гIарз букIуна цохIого жо бихьизабун гурони цониги цIияб жо хIадур гьабулеб гьечIин театралъул режисеразилан. Гьунар бугел щуго анлъгониги драматургал ругин Дагъистаналда, амма гьез хъвараб пьесаялъухъ гьезие гIарац ккьезе кколин. Дагъистаналъул культураялъул министерлъиялъ гьелъие гIарац биччалеб гьечIилан гIарз буго ХIайбула ГIабдулгъапуровасул.

Заман ва хIукумат хисаниги, гIадамазул театралдехун бугел рокьиги гъираги свине рес гьечIин рикIкIунеб буго Дагъистаналъул мустIахIикъай артистка Майсарат ГIабдулмажидовалъ. Гьединлъидал жиндир киданиги ракIбухIичIин театргун гIумру цо гьабиялдасан. Гьединго гьей цIакъ рази йиго ахираб заманалда республикаялъул нухмалъиялъулги театралдехун бугеб лъикIаб бербалагьиялъги.

Майсарат ГIабдулмажидова: «Гьединаб бербалагьи цебеги букIарабани хIукуматалъул, театралъул иш цIакъго лъикI букIинаан. Цере театралда рукIана цIакъ къуватал актерал. Гьединал актералги тIаса ун гьезул бакIалда ругезулъ цо жо гIоларого бугилан ккола дида. Гьезул махщалилъ бугеб гIолареб рахъ театралде рачIаразда дагьабги лъикI лъалеб батиларишха».

Цебе театр росулъе бачIин кIудияб байрам букIанин бицуна жакъа Авар театралъул бицен ккедал гIадамаз. Рокъосан бакIал росунги рачIунанин гIадамал гьелъухъ балагьизе. Амма гьединабго гъираялда униш жакъаги магIарурал театралде ва кинаб бугеб гьезул жакъа гьелъул хIакъалъулъ пикру Гьеб суал кьуна нижеца батIи-батIияб ригьалъул чагIазе:

-Авар театралъул спектакль телевизоралдаса бихьизабулеб мехалъ росуго бакIарулаан цебе нижер лъоба. Анкьида жаниб кIиго нухалъниги гьеб телевизоралдаса бихьизабичIеб мех букIунароан. Гьанжеги бокьилаан гьел церего гIадин гастролал гьарун магIарухъе хьвадулел ругелани. РачIунелги руго руго гьел, исана нижехъе Гумбеталде рачIун рукIана, амма магIарул росаби гIемер ругелъул гьел рачIине бокьарал чагIи гIемер руго магIарухъ. Гьединго къватIиса хIукуматалъул пьесаби рихьизаричIого, гIемерго нилъерго спектаклял рихьизарулелани бокьилаан цIакъ.

-Нилъерго мацIалъул бечелъиги лъазе, маданиятги бичIчIизе чара гьечIого хIажатаб жо буго театр. ГIемер балагьулаан цере дунги хъизамги гьелъухъ телевизоралдасан. Гьанже цебе гIадин бихьизабулеб гьечIо.

-Авар театралъул цIар бахъараб мехалъ жал ракIалед щолел артистал гьечIо жакъа нахъе, исана нилъ ратIалъана Сидратидасаги. ЦохIо ХIусен Казиев вуго гьенив киназего хирияв артист хутIун. Бугонаниги гIолохъанал артистал гьенире рачIунел рукIинги кIудияб къагIида буго жакъа. ГьитIинабго харжихъ гьел жакъа гьенир хIалтIулел рукIиналъухъги гьезие баркала кьезе ккола нилъеца. Жакъа халкъалда гъорлъ жеги машгьурлъун гьечIониги гьезул цIарги хадуб рагIун, театралъул даража жеги борхизе батила.

Жакъасеб Авар театралда ругел гIунгутIабазул хIакъалъулъ гьадинаб пикру буго Тахо Годил цIаралда бугеб педагогикияб инстуталъул гIелмияй хIалтIухъан Баху МухIидиновалъул.

Баху МухIидинова: «Кодоб микрофонги гьечIого кечI рагIулеб ахIвал-хIал букIана цебе Авар театралда жаниб, щиб гьениб ккарабали лъаларо акустика хун буго гьениб. Гьединго бихьизабулеб спектаклялдасаги гIемераб кечI-бахъан, батIи-батIиял кьурдаби гIемерлъун руго гьенир. Театралде рачIунел гIадамалги дагьлъун руго. Фонограммаялда гурони кечI ахIулареб концерталде зал цIун бакIарула нилъер гьаниб халкъ, театралде рачIунез абуни бащадаб залцин цIоларо.

Мунагьал чураял МахIмуд ГIабдулхаликъовги, ПатIимат Хизроеваги, Сидрат Мажидоваги чIаго ругеб заман букIарабани, къаси гьел ругел спектакль бугилан игIлан чIванани къватIиб, магIарухъацин рачIине рукIана гIадамал. Дида ккола театралъул нухмалъулездаги бараб бугин гьенире гIадамал рачIин-рачIунгутIиялъул ишилан».

Амма кин бугониги ругел гIунгутIабазухъ балагьичIого жакъа Авар театр нилъеца киназго цIунизе кколин абулеб буго нижеца гьикъа-бакъи гьабурал чагIаз. Щайин абуни фонограммаялда ахIулеб кечIалъги, интернеталъги чIел босараб заманалда жакъа цохIо гьеб хутIун бугин магIарулазе маданиятги, миллияб литератураги жиндилъ цолъараб рукълъун.

XS
SM
MD
LG