МагъчIваялъе рес

Синхроналдалъун театр хвасарлъулищ?


Авартеатралда ракIалда буго спектаклазе синхронияб таржама гьабизе. Гьеб ккола магIарул мацI лъикI лъаларел, яги батIиял миллаталъул чагIазе спектакль гIурус мацIалде буссинарулеб къагIида. Миллатал гIемераб Дагъистаналда гьеб кутакалда лъикIаб пикру кколин абулеб буго цо-цояз. Амма гIицIго гьелдалъун цIикIкIунарин театралдехун кIварилан рикIкIунеб буго цогидаз. Театралде гIадамал рачIунила мацI лъикI лъалеб букIиналъ гурел, театр бокьулеб букIиналъ. Гьединго киналго спектаклазул гурила таржама гьабун бажарулеб.

Миллатал гIемераб Дагъистаналда гьеб кутакалда лъикIаб пикру кколин абулеб буго цо-цо чагIаз. Амма гIицIго гьелдалъун цIикIкIунарин театралдехун кIварилан рикIкIунеб буго цогидаз. Театралде гIадамал рачIунила мацI лъикI лъалеб букIиналъ гурел, театр бокьулеб букIиналъ. Гьединго киналго спектаклязул гурила таржама гьабун бажарулеб.

ГIурус мацIалде синхроналъул таржамаги гьабун 17 марталда бихьизабизе буго Авартеатралда ЦIадаса ХIамзатил «КIодоласул ригьин» абураб спектакль. Хадубккун гьединаб къагIида республикаялъул цогидал театраздаги хIалтIизабизе бугин бицана ЭР-ялъе культураялъул министерлъиялдасан.

Синхроналъул таржама гьабизе букIиналда тIасан гьадинаб пикру загьир гьабулеб буго ЭР-ялъе Россиялъул мустахIикъав артист Казиев ХIусеница.

Казиев ХIусен: «Нилъер мацIалда бицунеб жоялъухъ гIенеккизе бокьарал рукIуна, щиб бицунеб букIарабали бичIчIичIилан нахъе инчIого рукIине, кутакалда лъикIаб къагIида буго ургъун. Цо кидаялигоги букIана гьеб, тIубараб залалдаго рагIун гьеб таржама гьабулеб къагIида. Цинги ремонт гьабулеб мехалда кварал-гIарщалги нахъе къотIун, иш лъугIана гьелъул.

Гьелдалъун кIудияб хайир буго театралъе. Цин бугони, театралъе пропаганда гьабизе буго гьелъ. Москваялдаса, цогидал бакIалъа рачIуна гьенире гIадамал. Тарихалда хурхарал, Дагъистаналъул драматургаз хъварал жал щай гьечIелин рукIуна. ГьедигIан лъикI мацIги лъаларо гьезда. Гьединлъидал гьезие санагIалъи буго синхроналъул. Гьелдалъун пикру хисизе бегьула магIарул мацI лъаларел гIадамазулги: рачIайин, мацI лъазабизеян ккезе бегьула гьезда.

Нижеца спектакль сценаялда бихьизабилалде цере театралде рачIуна батIи-батIиял критикал, искусствоялъул чагIи – Гулизар Султанова, Бадрижат МухIамадхIажиева, культураялъул министерлъиялдаса, газетаздаса журналистал. Гьезда мацI бичIчIуларелъул, гьезул гIинзуниреги къулун щурщудулел рукIине кколаан нижер литературияб бутIаялъул нухмалъулей ИзахIат Сайпудинова яги эркенав актер».

Дагъистаналъул пачалихъияб университеталда актеразул факультеталда дарсал кьолев, доцент ГIалисултан Батировас ЭР-ялъе бицана цогидал миллатазул чагIи цере чанги рачIунаанин Авартеатралде. Искусствоялъе таржама къваригIунарин, сценаялда бихьизабулеб хIаялдасан бичIчIулила кинабго.

ГIалисултан Батиров: «ЦIирагьараб жо гуро гьеб. Авартеатралде лъарагIалги цогидал миллаталги кидаго хьвадулаан. Гьанже рахъарал «цIиял дибирзабаз» эб къан бугоха. Гьеб таржама гьабулеб къагIида кутакалда лъикIаб жо буго. Жиб-жиб театралда букIине ккола эб. МагIарулазда лъаларо магIарул мацI. Дун гIолохъанаб мехалда рукIана спектаклял «Русская рота», «МухIамад ХIажиев». Гьезухъ балагьизе лъарагIалги рачIунаан. ПалхIасил, лъикIаб жо буго гьеб къагIида, амма хIакъикъаталда букIунеб жо гурин ккола дида гьеб. Щайин абуни гIезегIан хираго чIолеб жо буго гьеб. Цин бугони, лъикI таржама гьабизе чи къваригIуна. Гьебгицин бигьаяб жо батила. Амма гьелъие багьаяб аппаратура хIажалъула».

ЭР: «КIиго кьералъе гIураб куцалда гурони лъолеб батуларо таржамаялъе хIажатаб аппаратура».

ГIалисултан Батиров: «Дие, масала, щуабилеб кьералда щванани билет? Диени мацIалъул къварилъи гьечIо. Искусствоялъе гьеб къваригIунаро. Гьелъул буго цохIо мацI – хIай. ГIадатияв чияс щиб гьабилеб? Масала, дун даргияв вугони, дуца абила вилълъайин жинда цадахъ жидер театралде. Дур адабги гьабун инаха дунги. Гурони, мацIги лъалеб гьечIони, дун гъове щибизе? ТIадежоялъе жакъа киналго хIалтIулел руго гIарцуе гIоло. КIиго сагIатги хвезабун театралде инегIан, гьавугьинан интернеталда жанив вукIинарищ дун?! Вацапги гIассияб жо бугелъул!(велъулаго)».

17 марталда бихьизабизе бугеб ЦIадаса ХIамзатил «КIодоласул ригьиналъул» синхроналъулаб таржама гьабизе захIмалъулин бицана ЭР-гун букIараб гара-чIвариялда литературияв критик МухIамад БисавгIалиевас. Щайин абуни гIицIго ХIамзатие хасиятаб юморги, кицабиги, абиялги киндила гIурусалде руссинаризе ругел? Масала, «Боркьараб кор гIадаб, ГIортIаколосей, квачан ятиларо, роол мехлъидал» абун ирония. «Тебе не холодно было, наверное, потому что лето» абун таржама гьабуни, гьелъул кеп лъиедила щолеб?

Гьединлъидал синхроналъул таржама гьабун бажарулелги бажаруларелги спектаклял рукIин тасдикъ гьабуна ЭР-ялъе маданияталда гъорлъ ругел цогидал магIарулазги. ГIабасил МухIамадил «Камалил Башир», «Саба-Меседо», ГъазимухIамад ГъалбацIовасул «Илбис», яги цогидал асаралгицин бажарулила, амма комедиялда хурхарал жалазул жо кколарила.

Гьединго магIарул мацI лъаларел чагIазе гьеб синхроналъул таржама гьабиялъулъ хIажалъи бихьулеб гьечIо церехун рехсарал магIарулазда. Щайин абуни мацI лъай-лъангутIиялда бараб жо букIунарила, гьеб театр бокьи-бокьунгутIиялда гурони. Масала, Дагъистаналда гIурус мацI киназдаго лъала, амма киналго гуро ГIурус театралде унел.

XS
SM
MD
LG