МагъчIваялъе рес

Концерт-театразул заманищ араб?


Мелъелтlа росу
Мелъелтlа росу

Ахираб заманалда Дагъистаналъул цо-цо мухъазда маданияталда яги цогидаб бутIаялда хурхун тIоритIулел тадбирал гьукъиялъул хIужаби кколел руго, гьел шаргIиял къануназде данде кколаринги абун. ХIатта мактабазда цIалдохъабаз тIоритIулел церерахъиназецин гIурхъичIвай гьабулеб буго, гьебго багьанаги батун. Гьадин хъвалеб буго интернеталъул социалиял мухъазда.

Масала, гьединал гIурхъичIваял гьаризе байбихьун бугин Гумбет мухъалдайин хъвалеб буго «Фейсбукалда» бугеб жиндирго гьумералда Гlизудинов абулев чияс. Гьединалго гIурхъичIваял гьаризе байбихьун буго Хунзахъ мухъалъул цо-цо росабалъгиян бицана гьеб мухъалдаса цIар рехсезе разилъичIев чияс. Амма ЦIунтIа мухъалдаса мугIалим ГIабдулаев ГIисаца бицухъе, гьеб мухъалда гьединаб масъала рагIуларо, квеш ккараб жо бугила маданияталъул кинал ругониги тадбирал тIоритIизе, концертал кьезе жидер росабалъ жанире руссине бегьулел маданияталъул рукъзал, клубал гьечIолъи.

ГIабдулаев ГIиса: «Масала, данделъаби тIоритIула Кидиро бугеб спортивияб залалъуб. Амма росабалъ гьединал тадбирал тIоритIизе клубал гьечIо, гьел чIунтун руго. Нижер Мокъокъ росулъ бугеб клуб тIубанго чIунтун буго. Ункъо соналъ цебе байбихьун букIана культураялъул центриланги абун гьеб базе. ТIоцебесеб тIалаялъул къадал эхетана ва гьелдалъун хIалтIиги лъугIана».

Гумбет мухъалъул росабалъ ва мактабазда ихтилат-кепалъул ва маданияталъулал тадбирал тIоритIиялъе диниял церехъабаз гIурхъичIваял гьарулел рукIиналъул баян «Фейсбукалде» рехун бугелъул, нижеца бухьен ккуна гьеб мухъалъул маданияталъулаб идараялъул нухмалъулев

ГIумардибиров МухIамадилгун. Гьес бицана цо-цо росабалъ гьединаб хабар букIин гурони, гьарулел ва тIоритIулел тадбиразе гIурхъичIвалел рукIунарила ва гьел ишал гьукъизе кколин абуразда мухъалъул администрациялъул нухмалъулез хIакъаб рагIиги абулила.

ГIумардибиров МухIамад: «Цо-цо бакIазда гьединал жал рукIана. Игьали, ЦIиликь, Аргъвани гIадал росабалъ загьирлъун рукIана гьел харбал, амма мактабазда батаниги, ясли-ахакь батаниги гьел тадбирал тIоритIичIого толаро».

ЭР: «Масала, цогидал бакIаздаса концертчагIи, Авартеатралъул артистал нужер росабалъе рачIани, гьел жанире руссине, гьез жидерго гьунар бихьизабизе бакIал, клубал ругищ»?

ГIумардибиров МухIамад: «ГIемерисел росабалъ руго санагIалъаби, ай жидер гIураб гIатIилъи гьечIел клубал. Амма 6-7 росулъ буго гьединал шартIал ва санагIалъаби ругел клубал. Гьенир хIажатал тадбиралги тIоритIула. Мактабазда, ай лъималазда гьоркьор тIоритIулел тадбиразе, абизегIанасеб къварилъи букIунаро».

Гумбет мухъалъул маданияталъулаб идараялъул нухмалъулес бицухъе, росулъ тIоритIулел тадбиразде динияб асар гьабулезда гьоркьоб Игьалиги рехсон бугелъул, бухьен ккуна гьеб росдал жамагIатчи ГIабдурахIманов Магьдилгун.

ГIабдурахIманов Магьди: «Нижер росдал мактабалда гьединал жалазе гьабулеб гIурхъичIвай букIунаро. КъватIибе бахъараб бертин гьабизе бокьарав чи шагьаралде уна, росулъ зурма-къалигун гьарулел бертаби гьукъун руго, гьел гьаризеги гьаричIо ахираб заманалда».

ГIабдурахIманов Магьдица бицухъе, театр яги концерт бихьизабизе рес бугила клубалда риидал мехалда, хасало гьеб хинлъизабизе кIоларила. Советияб союз биххаралдаса, масала, театралъул чагIи жидехъеги рачIинчIила. Нужеца къабул гьаруларого рукIунищ яги цогидаб гIиллаялда банищин цIехедал, Игьалиса жамагIатчияс абуна гьел рачIун рукIанин ва нахъчIванин абураб жо жинда рагIичIин, гьединаб хIужаги ккечIин.

Гьединабго магIнаялъул, ай росабалъ тIоритIулел тадбиразе диниял церехъабаз гьабулеб квалквал яги гIурхъичIвай букIунарин бицана Хунзахъ районалъул Лъай кьеялъул идараялда. Авартеатралдайин абуни бицана, жал къабул гьарунгутIиялъул хIужаби рукIунарила, цо-цо бакIазда рачIине бокьунгутIи загьир гьабиялъул хIужаби кканиги. Масала, гъираялда къабул гьарулила Шамил мухъалъул росабазул жамагIатаз. РачIине бокьуларел бакIазул цIарал рехсезе театралъулал разилъичIо, гьеб щивасул намусалда бугине тейиланги абун.
XS
SM
MD
LG