МагъчIваялъе рес

«Сидратида театр бихьулаан лъимерлъунги рос-рукълъунги»


dagestan - sidrat
dagestan - sidrat

ГIумрудул 13 сон бугеб мехалда Авартеатралде ячIарай Сидрат 65 соналъ гьенийго хутIана. Гьей йикIана магIарул артистазда гьоркьой йикIарай цого цо Россиялъул халкъияй артистка. 27 маялда абадияб рокъое ана гьей.

Сидратил цIар лъолаан цо заманалда магIарухъ ясазда. Гьелъул лъимал гIанасел бихьиназин абуни ракI рагьун бицунаан гьелдехун бахчараб жидерго рокьул. Авартеатралдейин абуни магIарулал гIицIго Сидрат йихьизейин унаан.

Сцена букIана Сидратил гIумрулъун
Сцена букIана Сидратил гIумрулъун

Сидрат Мажидовалъул жиндирго хъизан букIинчIо. ГьитIинаб мехалда Хунзахъ бесдал лъималазул рокъой гIуна гьей яцгун цадахъ. Цо къоялъ гьениве щвезе вачIарав Дагъистаналъул Халкъияв шагIир ЦIадаса ХIамзатица накалда гIодойги чIезаюн кечI ахIизабун хадуб, шагIирас хIукму гьабула Сидрат Авартеатралде ячине.

Гьеб мехалда ГIабдурахIман Магаевас Хунзахъ рагьун букIана Авартеатр. Гьенисан гьеб Буйнакскиялде гочуна дагьалъ чIун. Гьеб мехалда жий МахIмуд ГIабдулхаликъовасги, ПатIимат Хизроевалъги, цогидазги мугъзада чIван щиб, гьагьиний лъун, яччун щиб ячунаанин ракIалде щвезабулаан актрисаялъ.

Хасаб театралияб лъай гьечIониги, Аллагьасго кьураб гьунар букIанин Сидратилин бицунеб буго ЭР-лъе Россиялъул мустахIикъав артист ХIусен Казиевас.

ХIусен Казиев: «Гъолда бокьараб мехалда кIолаан елъизе, гIодизе. Гьелда тIадеги 1952 соналдаса нахъе йикIана гъой театралда. ГьитIинаб къоялдасанго байбихьана гъолъ кечI ахIизе. Амма кочIоде гъой юссинчIо. Юссана театралде. БукIаниги ахирисеб концерталда (гIемерисезда йихьунги ракIалда чIунги ятила) кечI ахIана гъолъ. ТIубанго залги тIаде бахъана. Гьеб букIана Сидратица халкъалъулгун къо-лъикIгьабулеб гIадаб мех».

РСФСРалъул мустахIикъав артистка ГIайшат Мамаевалъул вас ккола цеве Авартеатралда хIалтIулев вукIарав ГIалисултан Батиров.

Жиндир лъимерлъиго Сидратида цадахъ анин, жинца «бабайин» эбелалда абилалде, цин Сидратиде «адайин» абунилан ракIалде щвезабуна ЭР-лъе ГIалисултан Батировас.

ГIалисултан Батиров: «Дун гьитIинаб мехалда Буйнакскиялда рукIана ниж гIумру гьабун. Гьенибго букIана театрги. Цояб рокъоб нижер хъизан букIана, хьибилалда бугелъуй Сидрат йикIунаан. Рада-радал хеккого ворчIулев вукIарав къагIидаха дун. Гьедин хъурщун вачIун бухулаан дица Сидратил нуцIа. Гьанже нахъа йикIунаан гьей елъулей, вуй, къватIулъа жойила, дуца рада-радал кьижизе толароанила жий.

Сидрат йигоха Сидрат. ЛъикIай актриса йикIана, ракI рагьарай, къарумай гьечIей. Бокьилаан Авартеатралда цойги тIугьдул раккизе, Сидрат гIадинал. Хизроева гIадинал, МахIмуд гIадинал, ГIумарил МухIамад гIадинал чагIи цIикIкIине».

Сидрат Мажидова бусаде ккана моцIалъ цее. БитIун унтилалде цееги яхъана гьей сценаялде. Гьелъие щибниги ккеладайин хIинкъиялъ, гьелда бахиллъун абулаанин жидеца гьанже яхъинчIониги бегьилин Сидрат мун ролал хIазеян бицана ЭР-лъе Авартеатралъул литературияб бутIаялъул нухмалъулей ИзахIат Сайпудиновалъ.

ИзахIат Сайпудинова: «Нижецагоги абулаан, Сидрат, яхъунге сценаялдеян. Гьелда хIинкъунха. Гьабурабщинаб жо гIун бугин. Роль хIачIониги, мун сценаялде яккиго гIолин халкъалъе. Амма чIолароан гьей. Гьагъаб цебего гIадин, рухI кьун хIазе къваригIунаан гьелъие. ХIазеги хIачIищха. Гъоле ахирисеб концерталда буртIил кечI ахIана гьелъ. БурутI хъогейилан лъимералъ инсуда абулел рагIаби гьечIищха. Гьединги ахIун, ахиралда гIодизеги гIодана гьей. Гьелдаса хадуб кечI ахIичIониги, батIи-батIиял сценкабаздаги хIана. Масала, ЦIадаса ХIамзатил «Балагьалъул гъамасалда» якьадалъул роль. Гьебги хIан нахъе ячIингун, бокьанищ дуе жинца хIараб ролин гьикъана гьелъ дида. Валлагь бокьичIин жаваб кьуна дица. Щайин балагьун чIана гьей дихъ. Щай гурогойинха, мун гъой «нусалъ» ехъерхъун сценаялдеги ячун, гьей дуда тIаде хьандолей йихьизе бокьилищ дидеян абидал, гьединаб рольлъидалха гьебилан гьимана Сидрат».

Сидратица гIумрулъун сцена гьабунин бицунеб буго ИзахIат Сайпудиновалъ.

ИзахIат Сайпудинова: «Хьихьизе цо лъимергIаги щайха, Сидрат, дуца бачинчIебин, ракI бухIун бугищ дур гIумру янгъизго иналдайин гьикъидал, гIумру театралъе кьунинха жинца, гуребани лъимаде юссун, творчество цадахъ бачине бажарулароанин бицунаан гьелъ. Лъимерлъунги рос-рукълъунги гьагъаб театр бихьанинха жинда, гьедин чIанинха жий ян йикIунаан».

Сидратие бокьанин халкъалъе хъулухъ гьабизеян тIаде жубалеб буго ХIусен Казиевасги.

ХIусен Казиев: «Росалги гъолъие данде кколел щвечIо, тIокIалъ гъойги инчIо. Гъолъие бокьана хъулухъ гьабизе халкъалъе, магIарулазе, сценаялъе. Гьелъие йижарай гIадан йикIана гъой. МагIарулазда кIочон теларо гъолъул кIарччамаб релъиги, сценаялда букIараб гогьдариги. Гъолъ щиб жо гьабуниги, халкъ гъолда божулаан. Дида ракIалда гьечIо чан спектакль Сидратица хIарабали, амма щиб гъолъ хIаниги, халкъ гъолда божулаан. Жеги цониги нухалда гьелъие лъицаниги бадибчIвай гьабичIо, гьаб жо дуца мекъи хIанилан. ГIисинлъималги хIана гьелъ, чIахIиялги хIана. ГIанкIал-цурдулги хIана. Хъарталги хIана. Хадуй, кIудияй гIураб мехалда щибдай Сидратица хIалаян абулаан цо-цояз. ХIана гъолъ жиндирго ригьалда рекъарал ролал. «Булбулалъул кечIалда» йикIана гъой, «Якьад рихаразул росулъ» хIана. «Балагьалъул гъамасалда» бугеб кесекалдаги цее яхъана гъой ахирисеб нухалъ. Сидрат ками театралъеги, магIарулазеги, тIолабго театралияб искусствоялъеги кIудияб ками буго. Дица зигара бала тIолалго магIарулаздагии гьелъул гIагарлъиялдаги».

Сидрат Мажидовалъул цIар ана Дагъистаналъул театралияб искусствоялъул «Меседилаб фондалде».

XS
SM
MD
LG