МагъчIваялъе рес

Амировги, диванги, данде гаргадиялги...


CагIид Амиров Доналда бугеб Ростовалъул диванханаялда, 9Июл2015
CагIид Амиров Доналда бугеб Ростовалъул диванханаялда, 9Июл2015

Амиров туснахъалдаса хвасар гьавеян В.Путинихъе хитIабал раккана ахираб заманалда. Гьеб гIуцIулезул рагIабазда рекъон 100 азарго чиясдасаги цIикIкIун гъулбасал ракIарун руго Амировасул рахъ ккун.

Февралъул 24 абилеб къоялъ Ростовалъул судалъ нахъойги байбихьана хал-шал гьабизе цебехун Саид Амировасда тIад къотIун букIараб диваналъул процессалъул. Гьединаб хIукмуялде рачIана араб соналъ ихтиярал цIунулев Андрей Бабушкин абурав чияс В.Путиние Амировасул диваналда хурхун суал кьун хадуб. Гьениб Бабушкиница абун букIана Амировасда гIайиб чIезабулаго цIех-рехалъ показаниял зулмуялдалъун рахъанин. КIвар кьун гьесухъги гIенеккун В.Путиница абуна: "Гьеб гIадатияб такъсир гуреблъи бичIчIулеб батила..." -ян. Ва гьенибго прокуратураялда тIад къана халшал гьабизе Бабушкиница рехсолел хIужабазул. Гьеле гьеб Путинил "гьеб гIадатияб такъсир гуро" абураб жо щивасда бичIчIана жиндирго къагIидаялда. Амиров жанив ине бокьаразда - Амировасул такъсиразул бицунеб гIадин. Гьев къватIиве виччазе бокьаразда - зулму гьабурал цIех-рехалъулазул такъсиралъул бицанин Путиницаян ккана ракIалде. Щиб ракIалда букIараб гьеб жавабалъулъ живго Путинидаяли Аллагьасда лъала. Гьеле гьеб процесс 24 абилеб къоялъ байбихьун букIана ва нахъе бахъана 9 абилеб марталде щвезегIан.

РачIаха хIисаб гьабизе щиб Путиница абулеб букIарабали. Рес бугищ гIайибалги тIаса рахъун жакъа Амиров эркен гьавизе? Кин ккарав данделъиялде ихтиярал цIунулев Бабушкин ва щай асие Амиров хIажалъарав? Бабушкин гьеб суал кьезе тIамун ватила Амировасул чагIаца. БичIчIулареб жо буго цохIо. Кин гьев ворчIарав Кремлиялде Амировасда хурхараб суалгун? Путингун дандчIваялде унел журналистазулгун ва ихтиярал цIунулезулгун хасаб инструктаж, кьезе бегьулеб бегьулареб суал букIунин рагIана. Гьеб гьабичIищ Бабушкинилгун? Нагагь гьабун букIун батани щай гьес гьеб суал кьураб? Суал кьун батани бокьичIого ва данд бачIого щай гьеб централиял каналаз ва Кремлиялъул протоколалъ къватIибе биччараб? Гьел хьулаца хьихьун руго Амиров къватIиве вачIине къварегIарал. Гьев жанив тезе бокьараз абулеб буго Путинида лъачIого жанивги лъечIин, къватIиве виччазеги кинабгIаги рес гьечIин, Бабушкинги Россиялда бугеб демократия бихьизабизе гьарулел хIаял ругин. Хасго гьев виччангутIиялъе сабаблъун букIинин къватIиве виччарав Ходорковскияс жакъа гьарулел жал. Миллиардал гIарацги бугев, Дагъистаналда кIудияб электоратги бугев мэр жакъа гIадаб ахIвал-хIалалда виччай щакаб бугин. Дир пикруялда кIияблго пикрабалъ буго цо гIурусаца абухъе "гIакълуялъул мугь". ХIукму диваналъ къотIиларищха?

Амиров туснахъалдаса хвасар гьавеян В.Путинихъе хитIабал раккана ахираб заманалда. Гьеб гIуцIулезул рагIабазда рекъон 100 азарго чиясдасаги цIикIкIун гъулбасал ракIарун руго Амировасул рахъ ккун. Гьеб суалалда тIаса бахIсал ва дагIбаял унел руго интернеталда, социалиял гьиназда. Гьенир якъинго халлъулеб буго лъабго къокъа. ТIоцересел - Амиров веццизеги бокьун, гьесдаса шагьи-пара балагьулел рукIарал, амма гьев мэрлъун вугеб мехалда дагьалги махщел бугел хIелхIелчагIаца Амировги "вахъун ун" нахъегIан хутIарал. Дол хIелхIелчагIи жакъа Амировги тун цIияб власть беццулел руго. Гьезие батIалъи гьечIо щив тIад вугониги, тIад вугев чиги веццун жидеего санагIалъи гьабула. Дол цоял хIелхIелчагIи, тIоцересезухъеги риччачIого дозул тушман Амиров веццулел руго, щиб лъалеб къватIивеги вачIинеги бегьулаян.

КIиабилеб къокъа - Амиров тIалъиялда вугеб мехалдаги гьев къабул гьавичIел, рес рекъаралъуб рагьун критикаги гьабурал, жакъасеб диванги ургъун рахъарал такъсиразул букIин бихьун нахъегIан чIарал. ХIакъикъияб диван къого соналъ цебе гьабун букIарабани анцI-анцI рухIги хвасарлъилаан, жакъа гьал хIаялги хIажалъилароанин рикIкIад чIарал. Гьел руго бищунго адаб гьабизе рекъараб къокъа.

Лъабабилеб къокъа - гьел руго сонги Амиров хIажат вукIарал, жакъаги тIалаб гьавулел, метерги гьев вачIиналъухъ хьулалъ ралагьун чIарал. Диего гражданин ва избиратель хIисабалда Амиров киданиги хирияв вукIинчIо. Власталда вугеб мехалдаги дица критика гьабун гурони киданиги веццичIо, араб мехалдаги гьечIев гIадин тана, аразда хадур какдей рекъон букIунарин. Нилъеда лъаларо щиб кьелеб диваналъ. Амма бокьилаан щибаб такъсиралъухъ мустахIикъаб диван гьабуни, конституциялъ абухъе, миллаталъухъ, диналъухъ, хъулухъалъухъ, жинсалъухъ ва тIомол кьералъухъ балагьичIого кколесе кколеб. Гьеб мехалда камиллъилаан дунял, букIинаан ритIухълъи гIаламалда гьоркьоб. Хабар лъикIаб рагIайги.

=======================================================

Авторасул пикругун Эркенлъи Радиоялъул пикру данде ккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG